МагъчIваялъе рес

Миллиял мацIал цIуниялъе миллияб политика хIажалъула


ЮНЕСКОялъул баяназда рекъон, Россиялда рагIула тIубанго тIагIун иналда хIинкъи бугеб 100 миллияб мацI. Гьелъул хIакъалъулъ ва миллиял мацIазул бугеб хIалалъул хъван буго ЮНЕСКОялъул официалияб сайталда.

Гьениб бихьизабухъе, Россиялда 20 миллаталъул мацI рикIкIине бегьулеб рагIула тIубанго тIагIараблъун. 22 миллияб мацI бугила тIагIун иналда цIакъго хIинкъи бугеб хIалалда.29 миллияб мацIин абуни хIинкъиялда гъоркь. Гьединго, мацIалъул гIелму лъазабулел гIалимзабаз абулеб буго беларусазул, якутазул, тувинцазул ва цогидазулги, ай 20-гIанасеб миллаталъул мацIалдаги жидер хIинкъи бугила, гьаб гIагараб заманалда жаниб лъугIун ине бегьулеблъиялда бан.

ГIалимзабаз хIисабалде босун буго гьединал мацIазда рахъулел тIахьазул къадар, гьеб наслабаз наслабахъе кьолеб бугеб куц ва пачалихъалъ гьабулеб бугеб кверчIвай.

Гьебго заманалда, Россиялъул президентас, миллиял гьоркьорлъабазул цолъиялъул данделъиялда кIалъалаго абуна гIурус мацI рикIкIине кколин улка цолъизабулеб мацIлъун ва улкаялъул щивав гражданинасда гьеб мацI лъазаби тIадаблъунги кколин. Щибха гьелъул магIна?

МуртазагIалиев АхIмад, ДНЦялъул МацIалъул, адабияталъул ва искусствоялъул институталъул адабияталъул бутIаялъул нухмалъулев
МуртазагIалиев АхIмад, ДНЦялъул МацIалъул, адабияталъул ва искусствоялъул институталъул адабияталъул бутIаялъул нухмалъулев

Гьеб ва цогидал суалал кьуна нижеца Дагъистаналъул гIелмияб централъул МацIалъул, адабияталъул ва искусствоялъул институталъул адабияталъул бутIаялъул нухмалъулев МуртазагIалиев АхIмадие.

please wait

No media source currently available

0:00 0:03:43 0:00
Интернет-мухъ

ХIакъикъаталдаги миллиял мацIал малъиялъул ва лъазариялъул хIакъалъулъ цIияб къанун къабул гьабуни ва миллиял мацIазда лъай босиялъе миллиял республикабазе рес кьуни, гьелъул абизегIанасеб хIасил ккезе гьечIин рикIкIунеб буго МуртазагIалиев АхIмадица. Гьеб букIине бугила гIиссинал миллатазул бербухьин гIадинаб жо, гьалейин къануналъ рес кьун бугин, нужецаго пайдаялда хIалтIизабулеб гьечIин. Гьединлъидал, чара гьечIого хIажалъулила мацIал цIуниялъе улкаялъулго даражаялда гIуцIараб хасаб миллияб политика.

XS
SM
MD
LG