МагъчIваялъе рес

Щай беццулеб дагъистаналъул лъай кьеялъул система?


Россиялъул лъай кьеялъул министр Дмитрий Ливанов ва Дагъистаналъул бетIер МахIамадсалам МахIамадов
Россиялъул лъай кьеялъул министр Дмитрий Ливанов ва Дагъистаналъул бетIер МахIамадсалам МахIамадов

Итни къоялъ хIалтIулаб сапаргун Дагъистаналде вачIун вукIана Россиялъул лъай кьеялъул министерлъиялъул нухмалъулев Ливанов Дмитрий. Республикаялъул нухмалъиялъулгун букIараб дандчIваялда гьез рорхулел рукIанин Дагъистаналда лъай кьеялда тIасан квар бугел суалалилан абураб баян къватIибе кьуна «РИА Дагъистан» информациялъул агентлъиялъ.

Республикаялъул нухмалъулев МахIамадов МахIамад-Саламица министрасулгун дандчIваялда абулеб бугоан жакъа лъай кьеялда сверухъ гьабулеб хIалтIиялъ республикаялда кIудияб хIасил кьолеб бугилан, мисалалъе гьес бачана гьаб соналда кинабниги 18 цIияб школа банин жидецаян.

ТIадегIанал цIалул идарабазул бицунаго Шималияб Кавказалъул федералияб округалда гьоркьоб тIадегIанаб лъай кьеялъул рахъ бищунго лъикIаб бугилан абуна гьес Дагъистаналда, жакъа республикаялъул тIадгIанал цIалул идарабазда цIалулев вугин кинавниги 110 азарго чи. ЛъикIаб тIадегIанаб лъай щвезе тIалаб гьабулел дагъстаниязул къадар цикIкIунеб бугилан абуна гьес хадубги. Амма гьес гьениб мисалалъе рехсечIо гьелгощинал студентал цIали лъугIун хадур кирехун хIебтIулел ругелали. Республикаялда хIалIтизе бакI гьечIолъиялда бан жакъа Дагъистаналдаса гIемерисел гIолилал уна россиялъул батIи-батIиял шагьаразде. ТIадегIанаб цIалул идараги лъугIун диплом щваралги гьезда гьоркьор дагьал рукIунаро.

Республикаялъул нухмалъулес бицунелдасаги хIакъикъат тIубанго батIияб букIин баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе республикаялда бищунго рикIкIунездасан кколеб Дагъистаналъул Пачалихъияб Университеталъул мугIалим, гIалимчи Мирзакеримов Садыкъицаги. Лъай кьеялъул министр Ливанов щун вукIана гьезул цIалул идараялдеги, амма Мирзакеримов гьенив вукIун гьечIо, вукIараваниги батIияб тIокIаб жо букIинчIин жиндир лъай кьеялда сверухъ бугеб бугеб ахIвал-хIалалъул бицинеян абуна гьес.

Школалда малъулеб программаялда тIасан гIадатияб суал кьунигицин гьебгицин лъаларин жакъасел гIолилазда. Гьениб малъулеб гьечIеб лъай университеталде рачIунищин гьез тIалаб гьабилеб. Кинабго бараб букIунин байбихьул классалда цIалулаго лъимаде кьураб тарбиялда. Вузазда батIалъи гьечIого, школалда батIалъи гьечIого киса кибего бугин цохIого сурат. Щибаб къойил хисулел лъай кьеялда хурхун хIадурулел къануналги, цогояб пачалихъалъул экзамен абун щибниги пайда гьечIел тадбиралги, чанго хIужа рехсана гьес лъайкьеялъул даража Дагъистаналда гIодобе ккезабулел:

Садыкъ Мирзакеримов: ««Узухъда руго студентал ракI батун цIалиги гьабулел, метрисеб къоялъул ургъелги бугел, амма дагьал ругоха, гIемерисел жакъа цIализеян рачIарал гIолилазе гьелъул ургъелцин гьечIо».

Лъай кьеялъул суал халат бахъинабулаго Мирзакеримовас рехсана цойги кIвар бугеб хIужаги. Гьеб ккола жакъа Дагъистаналда ругел мугIализабазе щолеб гIодобегIанаб харжалъул суал. Жакъа 6 -7 азарго гъурущги моцIалъе кьун кинила гьев цIалул идарабазда хIалтIулев. Мирзакеримовас абуна лъай кьеялъул системаялда жаниб ришватчилъиялъ чIел босулеб букIин гьеб киналъулго баракат кколилан. Живгоги хъизанги хьихьизе гIураб мухь щолеб гьечIони мугIалимас жиндирго хIалтIиги намус бацIцIадаго тIубазе гьечIилан рикIкIунеб буго Мирзакеримовас:

Садыкъ Мирзакеримов: ЦIакъ захIмат буго жакъа мугIалимасе хIалтIизе, дирго рахъалъ гуро абулеб бугеб, диегоги хъизаналъеги цадахъ пенсиягIаги щола, амма цогидазе щолеб бугеб гьитIинаб харжалъул хIисаб гьабе, гьедигIан дагьаб гIарцухъиш бугеб жанги кьун гьев хIалтIизе кколев, кколаро. ЛъикIаб харж кьолеб бугони ракIбацIцIадаго хIалтIизе разилъизе вуго гьев. ЦIалул идарабазде мадарал студентал къабул гьаризе ккола. Гьебги гьабулеб гьечIо, ЕГЭ абун цо чIандаби хIалел руго. Гьеб цохIо дица абулеб жо гуро киналго цадахъ ругезги абулеб буго гьедин. Жакъасеб мугIалимасул харжалъухъ сапаралъ Москваялде анани нахъвуссун лъелго вачIине ккола. КинабгIаги гъира гьечIо гьединаб ахIвал хIалалда хIалтIизе, жиндирго яхIалда рекъон кколев вуго гьев хIалтIизе, тIокIаб бакI гьечIелъул хIалтIизе. ТIокIабги щиб гьес гьабилеб»

2 ноябралда Россиялъул гIелмуялъулгун лъай кьеялъул министерлъиялъ къватIиб загьир гьабуна улкаялда ругел пайда гьечIел цIалул идарабазул сияхI. Дагъистаналда гьеб сияхIалде ккун буго батIи-батIиял вузазул филиалалги, цIалул ункъо идараги. Итни къоялъ Россиялъул лъай кьеялъул министрасулгун букIараб дандчIваялда хас гьабун гьеб суалалалъул бицинчIо лъицаниги.
XS
SM
MD
LG