МагъчIваялъе рес

Авторал руго, литература гьечIо...


Гьал къоязда МахIачхъалаялда рагьана «Тарки-Тау» абураб тIахьазул ярмарка. Гьенир гIахьаллъулел руго тIахьал ричалел фирмаби, хъвадарухъаби, тIахьазул тукенал. Ярмаркаялъул куратор Марат ХIажиевас бицана «Эркенлъи» радиоялъе ярмаркаялде Россиялъул регионаздасаги рачIанилан гьалбал. Москва, Ростов, Красноярск – гьел шагьараздаса тIахьал ричалел компаниял рачIана жидерго экспозициялгун.

ХIажиевасул рагIабазда рекъон, ярмарка тIобитIине буго лъабго къоялда жаниб ва ярмаркаялъул программаялда гъорлъ руго чанги батIиял тадбирал: хъвадарухъабигун дандчIвай, жакъасеб литератураялъул масъалаби гьоркьор лъураб «гургинаб стол», суратазул выставкаби, спектакль, лъималазул тIахьазул къо ва гь.ц.

Жакъа къоялда бугищ Дагъистаналда литература, ругищ махщел бугел хъвадарухъаби, кинал масъалабигун дандчIвалел тIахьал ричалел фирмаби – «Эркенлъи» радиоялъул гьел суалазе жавабал кьуна экспертаз.

«Дагъистаналъул тIахьазул издательствоялъул» нухмалъулев ва хъвадарухъан МухIамадрасул Расуловасул пикруялда рекъон, республикаялда ругел авторал жидецаго жидерго тIахьал ричиялде ккун руго. Гьес абуна тIахьал ричаялъулъ масъала батичIониги, гьел ричиялъулъ ругин тIуразе кколел гIемер суалал.

«Цере тIахьал ричулаан «Книготоргалъ» ва «Дагпотребсоюзалъ». Опт хIисабалде тIахьалги росун, гьел щвезарулаан киналго росабазде ва шагьаразде. Гьедин гьел щола цIалдолезухъе. Жакъа гьединаб система гьечIо ва тIахьал ричалел фирмабазулги гьечIо рес гьедин тIахьал щвезаризе цIалдолезухъе. Гьелдалъун издательствоялъ тIахьазул тираж кьола авторазухъе гонораралдаса цебе. Гьел тIахьал ричизе рес буго хъвадарухъабазул, амма гьединал авторал къанагIат гурони гьечIо. ГIемерисала, тIубараб тираж рокъоб букIуна цIунун хъвадарухъабаз. Гьез тIахьал ричуларо, рикьула. Гьеб ахIвал-хIалалдаса разиял хъвадарухъаби гьечIо, амма авторазда бичIулеб буго цогидаб нух жакъа гьечIолъи. Чанги министерлъиялда хъвана кагътал тIахьал тIиритIизаризе кумек гьабеян, амма киназухъаго цо жаваб щвана – гьезул рес гьечIин», - илан бицана Расуловас.

Хъвадарухъанасул рагIабазда рекъон, тIахьал тIиритIизариялъул масъала тIубазе бегьула муниципалиял гIуцIиязул нухмалъулез тиражалъул гьитIинабго бутIаги босун тIахьал рикьани гIадамазда гъорлъ, гьединго тIахьал гьез росизе бегьула росдал ва шагьарул библиотекабазе. Республикаялъул хIукумуталде кагъат хъван букIун буго Расуловас мухъалъул бутIрузда тIадкъаян гIадамазе тIахьал роси. Гьеб лъикIаб идея бугин хIакимаз жавабги кьун буго Расуловасе, амма рагIабазда хадур ишал рукIун гьечIо. «Нухмалъиялда жив вугев мухъалъе нусго-кIинусго тIехь босизе рес гьечIев чи ватиларо бутIрузда гьоркьов, амма щаялиго гьеб гьезие къваригIунеб гьечIо», - ян абуна Расуловас.

Хъвадарухъанас абуна гьединго абуна «Эркенлъи» радияолъе миллиял мацIазда хъварал тIахьазул цIалдолел ругилан Дагъистанлда.

МухIамадрасул Расулов: «Мухъазда руго тIахьал цIалулелги, тIахьал рокьулелги. Шагьаразда миллиял мацIал лъалел чагIи дагь гурони гьечIо. Росабалъ гьел руго, амма гьез кисса росилел тIахьал. ТIахьал ричулел тукенал рукIунаро росабалъ. Гьелъ дица абулеб буго, мухъазул бутIруз росизе кколин тIахьал. ТIехь бокьарав чанги чи вукIуна росулъ, амма киса гьезухъе тIахьал щвезе ругел? Гьеб ахIвал-хIал хисиялъе кIвар кьечIони, рахьдал мацI лъалел ва миллияб мацIалъ хъварал тIахьал цIалулел заманалдаса къанагIат гурони ратизе гьечIо россабалъги».

Журналист ва литературияй критик Светлана Анохиналъул пикруялда рекъон, Дагъистаналда гьечIо жакъасеб литература. Руго цо-цо авторал, гьез лъикIал тIахьал хъвала, амма цо-кIиго хъвадарухъан вугилан абун литература букIунароян абуна Анохиналъ. Критикалъ абухъе, тIахьал цIалулел дагъистаниялги гIемер гьечIо.

Хъвадарухъан Алиса Ганиевалъ абуралда рекъон, Дагъистаналъул литератураялъул аслияб масъалалъун ккола жибго литературияб процесс республикаялда букIунгутIи. «ГьечIо цIализе бегьулел литературиял журналал, литературиб критика гьечIо, хъвадарухъаби гьечIо», - ян абуна Ганиевалъ.
XS
SM
MD
LG