МагъчIваялъе рес

Къанун хIалтIулелъуб хIалтIиги бацIцIадго уна...


Кавказалда халат рахъунел ругел рагъулал тунка-гIусиязе ахир лъезе кIолин гIицIго ритIухъаб къануналда рекъон хIалтIи гьабулеб бугониян абураб пикру загьир гьабулеб буго Дагъистаналъул нухмалъиялъул рахъалдаса. Инсанасул ихтиярал цIунулезги гьелъул рахъкколеб буго, амма Дагъистаналъул цо-цо мухъазда гIумру гьабун ругел, гIадатияб халкъалъул пикру загьир гьабулезги гьединго халкъияб информациялъул алатазул вакилзабазги абулеб буго дагъистаналда къанун хIалтIизе гьечIилан.

Пачалихъияб Думаялъул депутат Къурбанов Ризваница рикIкIунеб буго къануналда рекъон хIалтIани кIолин Дагъистанлда лъугьун бугеб хIалуцараб ахIвал- хIал лъугIизабизеян. Гьелъие мисаллъун гIадин рехсолеб буго гьес республикаялда кIиго лъагIалидасаги цIикIкIун хIалтIулеб бугеб изну гьечIого яргъид гIуцIаразда гьоркьор рукIун ракълилаб гIумруялде нахъруссине бокьарал гIадамазе гIололъун гIуцIараб хасаб коммисиялъ гьабураб хIалтIи. Гьесул рагIабазда рекъон комиссиялъ гьанжелъизегIан гьабураб хIаракатчилъиялъул пайда кIудияб рагIула.

Гьелдаго релълъараб пикру загьир гьабулеб буго ХIинкъи гьечIолъиялъул хъулухъалъул нухмалъулев Бортников Александрицаги. Амма республикаялдаса жамгIиял хIаракатчагIазги гьединго гIадатияб халкъалъги лъикIаб къимат кьун букIинчIо гьезул хIалтIуе. Комиссия гIуцIаралдаса нахъе рохьор рукIарал гIолилазул 60 гIанасев чи нахъвуссинавизе кIванин жидедаян Ризван Къурбановас кьураб баяналде данде гьез абулеб букIана гьебго заманалда жаниб гIадатияб хъизамалда жаниса чан чи рохьове аравали щайин гьез бицунаребилан.

Инсанасул ихтиярал цIунулеб «Мемориал» гIуцIиялъул вакил Черкасов Александрицаги рахъкколеб буго къануналда рекъон гьабулеб хIалтIиялъ хIасил кьолилан абураб пикруялъул. Къойилго гIадин рикъулел тIагIунел гIадамалги, диванго гьабичIого къо гьоркьоб бахъун гIадин кколел чIвай-хъвеялги –гьеб кинабго бугин Путинил рахъккураб къукъаялъ Кавказалъул ракьалде бачун бачIараб пасалъи.

Дидаго лъай-гIакълу бижаралдаса нахъе ритIухълъи гьечIолъиялдеги, гIадлу гьечIолъиялдеги данде къеркьолев вугин жив, амма жакъаги жинца хIисаб гьабулин хутIаралги гIадамал рохьоре инчIого киндайин хутIаралилан бицана нижер программаялъе ЦIунтIа мухъалдаса жамгIияв хIаракатчи Къебедов МухIамадица. Рохьор ругел жанаваразцин гьабулареб пасалъи рештIун бугин жакъа Дагъистаналде.

Гьеб киналъулго бицине кIиго моцIалъ цебе гIадин Москваялда тIобитIараб дагъистаниязул халкъияб съездалдеги ун вукIун вуго МахIамад. Амма гьениве щведал хIисаб гьабунин жиндица Москваялдацин гьечIеб ритIухълъи Дагъистаналда кинин букIинеб, гьенибги гьечIони жиндир гIагараб ЦIунтIаги кинин гьеб хIалтIилеб абун.

Къебедов МахIамад, жамгIияв хIаракатчи
Къебедов МахIамад, жамгIияв хIаракатчи
Къебедов МахIамад: « Ришватчилъийин, гIадлу- низам, къанунин абун ахIи балел руго киналго. АхIдей гурелъул бищун аслияб иш ккколеб. Жакъа мисалалъе дун вуго цIех рехалъулаб хъулухъалъул хIалтIухъан, мун вуго диванчи, цогидав низам цIунулев -цонигиязул жакъа гьаб пасалъиги, гьаб чороклъиги лъугIизабизе кколилан цевевахъунев чиго гьечIо, щайгурелъул жалгоги махIцун ругелъул, тIоцебе жидецаго къанун цIунулеб гьечIелъул. Гьединлъидал хIабургъун гурого дунялалъул рукIа-рахъин бацIцIалъулебго гьечIо, лъикIаб рахъалдехун хисиго гьечIо».

Дагъистаналда букIине кколедухъ къанун хIалтIизе гьечIин киданигийилан абуна жиндирго пикру къватIибе кьолаго «Новое Дело» газеталъул эксперт АхIмаднабиев АхIмаданабицаги. Гьелъие мисалъун гьес рехсана исана риидал тIаде балагьун гIадамалги рукIаго гьенив гIумру гьабун вугев Шагьрудинов Шамиль абулев гIолилав чIваялъул хIужа. Гьеб такъсир гьабурал чагIиги лъалел рукIанин низам цIунулезда, амма щибниги хIалтIи гьабичIин гьез гьеб рагьиялъе гIололъун. Гьединал мисалал абуни жакъа гIемерал рачине бегьулин.

АхIмаднабиев АхIмаднаби: « «2007 соналдаса байбихьун гьединал хIужаби кигIан бокьаниги рачине бегьула. Хасавюрталда чIвана тIубараб хъизам, гьелда хурхунги гьабураб хIалтIул хIасил гьечIо. Къанун хIалтIизе бугилан абулел рагIаби руго гIадингосеб чIобогояб калам. Къанун хIалтIизабизе бокьани гьеб хIалтIула, амма Дагъистаналда гьеб букIине гьечIо. ЧIвалел руго гIемерал гIолилал, амма цониги ришватчиясе гьабулеб тамихI гьечIо кинабниги. Къанун хIалтIулеб бакIалда гьедин букIунаро иш. Къанун гьеб чи вихьун хIалтIизабулеб жо гуро. ГIемер лъикIа-лъикIал рагIаби абизе бегьула, амма хIасил гьечIелъул гьелда хадуб, гьеб букIиниланги кколаро».

Араб анкьида жаниб Шималияб Кавказалда ккарал рагъулал тунка-гIусиязул хIасилалда хун вуго 12 ва лъукъун вуго 4 чи. Гьел лъугьа-бахъиназда гьоркьоб бищунго ракIгъанцIизабураблъун кканилан абизе бегьула Гъизилюрт мухъалъул Чонтаул росулъ ккараб вахIшияб лъугьа-бахъин. Итни къоялъ гьурмада маскаби ххурал чIагIаз сардилъ рокъореги кIанцIун дагьаб хутIана ХIажиева Салимат абурай гIадамалъул хъизамалдаса анкьго чи цIаги гъун рухIизе. Мадугьалзабазда гьезул хIинкъарал гьаркьал рагIидал нахъе ун руго такъсирчагIи. Гьел Гъизилюрт мухъалъул полициялъулал рукIанилан абулеб букIана доб мехалъ. Амма гьеб баян мухIканаб букIин чIезабизе кIвечIо.
XS
SM
MD
LG