МагъчIваялъе рес

Европаялъул диваналда гурони божуларей


Адвокат Сапият МахIамадова
Адвокат Сапият МахIамадова

Адвокат Сапият МухIамадовалъул гIарзаялда тIаса халгьаби байбихьана МахIачхъалаялъул Совет мухъалъул диваналда. МухIамадовалъ диваналде кьуна цIех-рехчагIи. Полициялъул хIалтIухъабаз жий юхиялда хурхун рагьараб тIакъсир гьабиялъул иш цIех-рех чагIаз къануназда рекъечIого къанилан, рикIунеб буго адвокатаз.

МухIамадовалъул рагIабазда рекъон, 2010 соналъул 17 июналда гьей юхана Хасавюрталъул жанисел ишазул идараялъул полициялъулаз. Гьеб къоялда адвокат идараялде ячIана клиенталъ ахIун. МухIамадовалъ Малика Эвтемировал ихтиярал цIунулел рукIана. Эветемировалъул рагIабазда рекъон, гьей толей йикIинчIо полициялъул хIалтIухъанас. Полициялъулас абулеб букIан буго 400 азарго гъурущ кьечIони Эвтемирова суризаюлей хIужжаби интернеталдаса тIиритIизарилин. 17 июналда полициялъ ккун йиго Эвтемирова ва гьеб рагIарай адвокат МухIамадоваги йортана идараялде.

Идараялъул минаялда МухIамадова жаний йичачIо, азбаралда гьей квешго юхана полициялъул хIалтIухъабаз. Лъавудаса арай жий полициялъулаз нухда реханилан, бицана МухIамадовалъ. Чанги моцI бана адвокаталъ азарханаялда.

2010 соналъул 1-леб июлалда гьелъ гIарза хъвана ва гьелда рекъон такъсир гьабиялъул иш рагьана. Нахъисеб къоялда полициялъул хIалтIухъабазги хъвана гIарза. Гьез абулеб букIана адвокат жийго речIанилан гьезда тIаде, хадуб абулеб букIана хъубалщинал рагIаби рикIанилан гьелъ жидеда. Полициялъул гIарзаялда хурхунги такъсир гьабиялъул иш рагьана.

Гьеб кIиябго гIарзаялда тIаса байбихьарал цIех-рехал диваналде чанги нухалъ щвана, чанги нухалъ диванчагIаз нахъеги щвезаруна. Гьезда тIаса чанги гъалмагъирги ккана. Ахир-къад кIиябго цIех-рех цолъиязабуна ва 2011 соналъул 28-леб декабралда цIех-рех къана. Адвокаталъул гIайиб букIа, полициялъул гIайиб букIа – гьел чIезаризе захIмат буго, щай гурелъул гьезул гIарзаби далилал гьечIел ругилан лъазабуна цIех-рехчагIаз.

Исана 14 июналда МухIамадовалъ гIарза кьуна диваналда цIех-рехалда тIаса. Гьал къоязда тIобитIараб диваналда гьелъ абуна гIарза некIого кьезе къасд букIанилан, амма гьелъие къваригIунел документал Цех-рехалъул комитеталъ жиндихъе кодоре кьолел рукIинчIилан. МухIамадовалъ абуна диванчи ХIасанхIусен ХIусеновасда жиндир гIарза къабул гьабеян.

Диваналде вачIарав прокурор Виталий Морозовас абуна, цIех-рех къануналда рекъон къанилан. Диванчиясда гьес абуна жинда бичIуларин, адвокаталъул гIарзаялда тIаса щай халгьаби байбихьизе кколеб букIарабали.

Диваналда МухIамадовалъ бицана, байбихьудаго къануналда рекъон бачунеб букIинчIилан цIех-рех. «Ккараб лъугьа-бахъиналда тIаса кIиго цIех-рех гьабизе бегьуларо, гьеб Россиялъул Уголовияб Кодексалдаги хъван буго», - ян абуна прокурорасда адвокаталъ. Гьелъ гьединго тIаде жубана, диваналъул чанги халгьаби тIобитIанин цIех-рехчагIазул ишазда тIасаилан.

Диваналъул хIукмаби рихьизареян, чIана прокурор Морозов. МухIамадовалъ жаваб кьуна, документал жиндихъ цадахъ гьечIилан. Гьелдалъун диванчи ХIусеновас хIукму къотIана халгьаби 11 сентябралъгIан нахъбахъине.

Инсанасул ихтияразул рахъалъан Европаялъул диваналдеги битIун бугин жинца гIарзайилан абуна МухIамадовалъ «Эркенлъи» радиоялда.

Сапият МухIамадова: «Дица лъабго соналъ цебе хъвана гIарза Европаялъул диваналде. Дица хъвана, цIех-рехчагIаз жидер хIалтIи ургъунго цIацIан бачунеб бугин, полициялъул хIалтIухъабазе тамихI гьабизе бокьун гьечIин. Дагъистаналда рукIаралщинал диваналъул хIукмабиги ритIана. Гьанже дица нилъер диваназдаса тIалаб гьабулеб буго цIех-рех мекъи къан бугин чIезабеян. Россиялъул цониги диваналъ дир кквечIони, дица ахирисеб кагъат хъвазе буго Европаялъул диваналде ва гьез дир гIарза халгьабизе байбихьина».

Прокурор Морозовас инкар гьабуна баянал кьеялдаса. Диваналъ хIукму
XS
SM
MD
LG