МагъчIваялъе рес

Тумал: "Гочин депортациялде буссине бокьун гьечIо нижее"


ЦIияблак мухъалдаса гочинаризе кколел тумазул росабазул вакилзабазул данделъи тIобитIана 2 февралалда. Гьеб тадбиралда гIадамаз иргадулаб нухалда бицана гочинариялда хурхун жидер ругел захIмалъабазул ва тIалабазул. Гьел тIалабал тIуран хадуб гурони ЦIияблак мухъалъул бакIалда ГIавухъ мухъ гьабизе жал разилъуларин лъазабуна гьеб тадбиралъул гIахьалчагIаз.

ЦIияблак мухъалда гочинариялъул суалазда хурхун гьабураб данделъиялда I00 гIан чияс гIахьаллъи гьабуна. Гьеб тадбир гIуцIараз бетIералдаго лъазабуна гьеб я митинг гIадин, яги гIемерав чи данде гьабизе гурила тIобитIулеб бугебилан. Жидеца гIадамазда ригьтIаго лъазабун букIанила гочинаризе кколеб щибаб росулъа жигарав 10-15 чи вакил гьавейин гьеб тадбиралдейилан абуна гьез, гьадин дагьав чиги вакIарунищила жамагIаталъул данделъи гьабулебин абун гаргазе лъугьарал цо-цо чагIаздаги.

Иргадулаб нухалда гьеб дандеруссин тIобитIиялъе гIиллалъун кканила дагьал церегIан къояз Дагъистаналъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазаница ЦIияблак мухъалъул бетIер Айдиев ХIажида гьеб мухъалда цIар хисизе гIамал гьабейин лъазаби. ЦIияблак мухъалъул бакIалда гьениб цебего букIараб гIадин ГIавухъ мухъ гьабизе кколин лъазабун буго республикаялъул нухмалъулес.

Тумаз лъазабулеб буго жал разиял ругила мухъалда цIар хисиялдаги, росабазда цIар хисиялдаги, амма гьеб гьабилалда цебе цин жидер гочинариялъул масъалаги, гочинарулаго гьоркьоб араб магIишаталъухъ рецIалил гIарцул суалги тIубайин. Гьеб рахъ роцIцIинабичIого жидер цониги чияс ЦIияблак мухъалдаса кибениги гали бахъизе гьечIила, гьеб цIар хисизеги тезе гьечIила жидецайин лъазабуна «Эркенлъи» радиояъулгун букIараб гара-чIвариялда Тухчар росулъа жамагIатчи ва гьеб данделъи гIуцIаразул цояв Къурбанов Зурабица.

Къурбанов Зураб: «ГьабсагIат гочинариялъул суал кин тIубалебали лъалареб хIалалде ккезабун буго, мухъалда цIар хисиялъул ишги хехлъизабизе къваригIун буго республикаялъул тIалъиялъе. Нижер пикруялда рекъон гьеб цIакъго хехго гьабулеб буго, гьел цIарал хисилалда цере цин нижер суалал щай тIураларел. Ниж батIаго Россиялъулги Дагъистаналъулги гражданал кколарищ? Ниж гочинариялъул суал 20 соналъ халатбахъинабулеб буго, гочун аразеги щибниги санагIалъи гьечIо гьениб.

Гьезие рарал рукъзалги руго гIанкIудал бокьала гIадал бакIал, цониги букIине кколедухъ бараб мина гьечIо гьениб. Гьединлъидал жанире рахъун лъагIел балалде гьезул къадал кьватIулел, мокърукьбакIал гъенолел, тIохдасан лъим чваххизе байбихьулеб. Гьеб гурониги цIияб бакIалда гьениб щибниги гIадамазе санагIалъи гьабун гьечIо. Я гьекъезе лъим гуро гьениб, я чорокаб лъим ине бакI гуро, цойгидалги гIадамазе хIажатал санагIалъаби гьечIо гьенир. Гьединлъидал нижер тIалабал тIурачIого мухъалда цIар хисиялъул иш цебетIезе биччазе гьечIо».

Данделъиялде рачIаразул цIикIкIунисел къадар гIолохъаби рукIана. Гьез бищун цебе борхана цIияб бакIалде гочун хадуб гьенир хIалтIизе бакIал рукIинаризе ккеялъул суал. Гьезул рагIабазда рекъон гьаб сагIат гочинарурал гIадамазул гIемерисел я МахIачхъалаялде щвезегIан хIалтIизе ине кколел руго, яги хIалтIиго гьечIого рокъор рукIине кколел руго.

Гочинарурал тумаз гIумру гьабун бугеб МахIачхъалаялда аскIоб бугеб 8 росдада гьоркьоб 5 школаги, 2 медицинаялъулаб пунктги, росдал администрацияги, цо чияс жиндирго гIарцуде рагьараб хьитал рукъулеб цехги гурони гIадамазе хIалтIизе бакIал гьечIила, гьениреги гочун жал авлахъ мерхьунелищила рукIине кколелилан абун цIакъ ццин бахъун кIалъалел ругоан данделъиялда гIолилал.

ЦIияблак мухъалъул Гамияхъ росулъа Сулейманов Сурхайица кIвар буссинабуна цIияб бакIалда гIадамазе бизнес гьабизе ресал чIезаризе ккеялде. Гьес абуна гьаб сагIат цIияблак мухъалда ругел тумазул гIемерисезул бугила гIиси-бикъинаб бизнес, аслияб магIишатги гIадамазул гьеб бизнесалдасан бугила. Гочунеб мехалда гьебги реххун тезе ккезехъин бугила. Гьединлъидал пачалихъалдаса гьеб реххун тараб бизнесалъухъ рецIалил гIарацги тIалаб гьабизе кколила, цIияб бизнес гьабизе ресалги чIезарейин лъазабизе кколин тIалъиялдайин абуна гьес.

Гьес бицана 1944 соналъ чачаназул бакIалде жидер умумул гочинарун хадуб гьаниб сахаб магIишат букIинчIила, ганчIил рукъзалги реххун тун хIарщулгьарурал чачаназул минабахъе рахъине кканила гочинарурал тумал. Гьедин жидер гIадамазда гIакъубаги бихьун гьабунщинаб магIишат гьадинго чачаназе тезе ракIалда гьечIила жидедайилан лъазабуна Сулейманов Сурхайица.

МагIишатиял суалал гурониги Сурхайица борхана тумазул рухIияб рахъалъул суалги. Гьес лъазабуна гочинарурал тумазул жидерго мухъ гьечIони рухъияб рахъ нахъе ккезе бугилан.

Сулейманов Сурхай: «ЦIияб бакIалде гочун хадуб нижер лъималазе рахьдал мацI лъазабизеги, гьеб цIунизеги ресал чIезаризе ккола. Нижер халкъалъул миллиял хаслъаби цIунизе ккола. Нижерго мухъ гьечIони кин гьеб кинабго цIунизе бугеб Хъумторхъала мухъалда гьоркьоре унел унел гочинарурал нижер росабалъ? Хъумторхъалаялъ гьеб цIунуларо, гьелде кIварги кьоларо. КIудияб баркала буго Хъумторхъала мухъалъе гьез гьединги гIемерал санагIалъаби гьаруна нижее, амма нижер суалал гьенир бищун ахиралда гурони тIуразе гьечIолъи гьеб хIакъаб жо буго. Гьединлъидал, гочинариялъул программа байбихьун хадуб нижее рагIи кьун букIахъе нижер букIине ккола нижерго мухъ».

Данделъиялде цохIониги нухмалъулев вачIун вукIинчIо. Гьеб тадбир гIуцIараз абуна жидеца гьел хасгьабун ахIун рукIинчIила, гьезие халкъалъул ургъел букIарабани гьел жалго рачIинаанилан. ТIалъиялъулги цониги чи ваккичIелъул цIидасан мухъалъул нухмалъиги, Дагъистаналъул хIукуматалда гIуцIун бугеб тумал гочинариялъул суалалъул жавабкьолевги ахIун I4 февралалда цIидахъан данделъизе хIукму гьабуна жамагIаталъ. Гьеб данделъиялъул хIасил гьабулаго гIахьалчагIазул киназго лъазабуна гочинарулезул тIалабал тIурачIого гьез мухъалда цIар хисизеги тезе гьечIилан, гьениса нахъе рахъинеги гьечIилан.

XS
SM
MD
LG