МагъчIваялъе рес

«МагIарулалъул курхьен»- чехалъ Кубачиялда бахъараб фильм


Чехия-Катерина Гьирмановалъул «МагIарулалъул курхьен» абулеб фильмалдаса сурат, Дагъистан, 1978 сон
Чехия-Катерина Гьирмановалъул «МагIарулалъул курхьен» абулеб фильмалдаса сурат, Дагъистан, 1978 сон

Дагъистаналда бахъараб кинофильмалъе сценарий хъвалаго нижер ботIролъе бачIунеб букIинчIо кинаб букIаниги ишалда гьеб хурхинабизе. Сценарий сипатаздалъун жибго-жиндасанго бижун бучIунеб букIана. Гьединал рагIабаздалъун байбихьана чехазул Оломоуц шагьаралъул Университеталдаса профессор Владимир Суханекица Эркенлъи Радиоялъул Шималияб Кавказалъул сервисалъе кьураб интервью.

Суханек ккола «МагIарулалъул курхьен» абураб гьитIинабго кинофильмалъе сценарий хъваразул цояв. Гьес гьединго киноялъе гьабуна монтаж ва гьелда бакъан рекъезабуна.

Гьеб фильмин абуни ккола режиссёр Катерина Гьирмановалъул дипломияб хIалтIи. Катеринаги, Владимирги Чехословакиялдаса цоги 40 гIанасев студент цIалулев вукIана араб гIасруялъул 70 соназда Москваялда ВГИКалъул ай кино гьабулезул институталлъул батIи-батIиял факультетазда.

Владимир Суханек: «Сценариялда цо кинаб букIаниги ишалъул бицунеб букIинчIо. Гьеб букIана Дагъистаналъул росулъ нижер рекIее кколел рукIарал цо кинабалиго асаразул хIакъалъулъ бицен. Кинал рукIаниги тIагIелаз, мисалалъе гулгуналъ, курхьеналъ, рукъалъ, гьумералъ, квералъ. Гьеб кинабго цолъизабулеб букIана сверухълъиялъ.
Гьел сипатаз бицунеб букIана гьеб бакIалъул хасияталъул, хаслъиялъул, ракIалдещвеязул. Гьеб киналъго бихьизабулеб букIана гьеб халкъалда жаниб цо кинабалиго кIудияб, бечедаб хазина бугеблъи» .

16 минуталъулаб гьитIинабго документалияб фильм «МагIарулалъул курхьен» бахъун букIана дагъистналъул Кубачи росулъ. Гьеб росу машгьураб буго жиндирго меседил тIагIелал ва тIагIелазда накъищал гьарулел устарзабаздалъун.
Кубачиялдаса устIаразул тIагIелазе кIуди-кIудиял шапакъатал щун рукIана гIемерал халкъазда гьоркьосел экспозициязда.
Жидерго махщел устарзабаз инсуца васасухъе кьун цIунун буго жакъа къоялдеги.

«МагIарулалъул курхьен» абулеб фильмалдаса сурат
«МагIарулалъул курхьен» абулеб фильмалдаса сурат

Кавказалде кинофильм бахъизе ине пикру бижун буго гIолохъанал режиссёразул цадахъ цIалулел рукIарал нахъбакIалъул гIолохъабазул биценаз гьабураб асаралдасан.
Гьез бицараб ва суратазда бихьараб тун батIияб тIокIаб лъалеб жоги букIун гьечIо гьезда Дагъистаналде щвелалде.

Гьаб программа Эркенлъи Радиоялъул эфиралда букlана 2005 соналъул 3-билеб апрелада.

ТIоцебе Кубачиялде щвараб мехалда жидее ккараб асаралъул хIакъалъулъ гьеб киноялъул оператор Сергей Юрисдицкиясул ракIалде щвеязул бицунеб буго Суханекица.

Владимир Суханек: «Оператор Серёжаца бицунаан цин жидеца хIал бихьулеб букIанин росдада аскIор ругел мугIрузде тIаде рахине. Гьев вуго гIурусав. Россиялда битIараб бакIалда зоб хъатикь бугин ккола. Амма Кубачиялда гьезда кколеб букIана жалго гьитIинаб Нью-Йоркалда ругин, гьениб букIараб архитектуралъ гьабулеб букIун буго гьезие гьединаб асар.

МагIарде тIаде раханагIан зоб гьездаса рикIкIалъулеб букIиналъги гьезие кIудияб асар гьабулеб букIун буго. Жидерго гIодоблъиялда гIадин «зобазда хъвазе» щолеб букIун гьечIо Сергейие. Жибго Кубачиги тIаде раханагIан кколеб букIун буго гьитIинаб расанкIойилан.

Борхалъуде раханагIан цIикIкIун гьезие рагьулеб букIараб гIатIилъи гьеб росдал эмоция бугин кколеб букIун буго гьезда. Гьеб бокьун букIана гьезие кинофильмалда бихьизабизе».

Живго Суханек Дагъистаналде ун вукIинчIо. Гьенир Кубачи росулъ кIиго моцIгун бащдалъ рукIана режиссёр Катерина Гьирмановаги, Сергей Юрисдицкийги.
Катерина гIумруялдаса ятIалъана анцIгоялдаса цIикIкIун сон цебе. Суханекида цадахъ нижер радиоялъе интервью кьезе рачIун рукIана Катеринал вас Шимонги, гьеб фильмалъул DVD версия гьабурав Пётр Гайдушикги, Катеринагун цIалулев вукIарав ва гьанже режиссёрлъун вугев Мартин Фалтинги.

Гьеб къоялъ ракIарараз гIемер бицунеб букIана Катеринал. Гьелъул эмоциял гIемераб ва кидаго ритIухъаб гIамалалъул.
Актёр ва режиссёр Фалтиница кьуна нижехъе гьес бахъараб кинофильмалда хурхун жийго Катеринал гьаракь.

Катерина Гьирманова: «Мартин, гьеб бугеб сурукъго щиб! Гьеб дандего кколаро... Гьедин бегьуларо ишалъул бицине. Дида тIад гIодов чIоге Мартин….(гьедин Катеринаца ахIулеб буго фильмалда тIад бералги лъун гIодов чIезе бакI балагьулев вукIарав Мартин, лъачIого, гьелъул кварчIинив гIодовчIезе вахъарав мехалда).

Гьединаб гIантаб хIалтIи, дир гIумруялда жаниб бищунго квешабги дица хъвалароан ха. Дуда квеш бихьуге. ГIарац буго хIалтIул гIицIго 40 проценталъе гIураб. Гьанжеги кколеб буго гьеб лъихъа-букIаниги дагьабги гьаризе. Амма гьединаб жо бахъизе- гьединаб сценариялъе дица кьелароан, мультимиллионер йикIаниги, 100 азарго гъурущцин».

«МагIарулалъул курхьен» абулеб фильмалдаса сурат
«МагIарулалъул курхьен» абулеб фильмалдаса сурат
Катерина лъалез бицахъе, «МагIарулалъул курхьен» гьеб букIун буго гьелъул бищун лъикIал фильмазул цояб. Дагьалги лъикIал фильмал гьаризе рес букIинчIо 70-80 соназ Совет Союзалда цIалун нахъе рачIарал гIолилазул. Гьел толел рукIун гьечIо жидеего бокьухъе хIалтIизе.

Мартин Фалтин: «ВГИК лъугIун тIад вуссарав 40 ялдаса цIикIкIун чиясул цогIагиясда ракIалде кколеб букIинчIо жидедехун гьединаб бербалагьи букIине бугин. Кинабго бараб букIана политикияб рахъалъ цере тIурал 50-соназ цIалун рачIаразда. 70-80 соназ ВГИКалъ хIадур гьарулаан лъидаго рачIел, жидерго хасаб пикру бугел, демократиял, цере тIурал махщелчагIи. Гьел рарал рукIинчIо политикиял яги идеологиял мурадазда».

МагIарулалъул курхьен» абулеб фильмалда гьечIо кIалъалел гIадамал, хабар. Гьеб кьолеб буго гIицIго ишалъул фон хIисабалда. Мисалалъе базаралда...

Автораз жидерго рекIее ккараб асаралъул бицунеб буго бакъназдалъун. Гьенир цо дагъистаналъул бакънал гуребги кьолел руго алманиялъул «Денжерин Дрим» абулеб музыкантазул къукъаялъул бакъанги. Фильмалъул автораз абухъе, гьеб бакъаналъ кьолеб букIун буго Кубачи росдаца гьезие гьабулеб букIараб асаралъул къуват.

Гьеб фильмалъ гьабула цо кинабалиго пашманаб меланхолияб асар.
Суханекица абулеб букIана фильм гьединаб букIиналъе гIиллалъун рукIанин жалго гIадамалин.

Владимир Суханек: «Гьез бицунеб букIана гьенир рукIарал гIадамал гьимизегицин гьимулароанин, гьел балагьун чIун рукIунанин, къватIисеб хIукуматалдаса жал рукIиналъухъцин гуреб, гьадинго балагьун чIун рукIунаанин. Кидаго щиб бицунеб бугониги гьез чIван къотIизабун, кьварун бицунаанин. Устарал хIалтIулел рукъзабахъин абуни кIутIулеб квартIил гурони, тIокIаб кинаб букIаниги сас букIунароанин».

Кубачиялда кIиго моцIгун бащдаб заман барал Чехословакиялдаса гIолохъанай режиссёрги, Россиялдаса операторги гIажаиблъизарун рукIун руго дагъистаниязе гьалбазул хиралъиялъ. Кире гьел щваниги мугIрузул улкаялда гьел разиго къабул гьарулел рукIун руго. Амма жидерго берцинаб къачIараб ретIел киноялда рахъизегIан ретIизе кIиго анкьалъ лъикIаб бицине ккун буго гьез кубачиязе.

Жидерго гIарцул тIагIелал тIад рукъарал гурдал кубачиязул руччабаз эбелалъ ясалъе ирсалъе тун, цIакъ къиматалда цIунун рукIуна.
Гьел байрамал яги бертаби ругеб мехалда гурони гъансинисацин рахъуларо.
Катеринаца гьарунги ретIунел рукIун гьечIо гьез гьел чIухIарал гурдал гьеб гIицIго кино бугин байрам яги бертин гуринги абун.

Катерина Гьирмановалъ 30ялдаса цIикIкIун соналъ цебе бахъараб гьеб кинофильмалъул DVD версия гьабун буго тарихчи Пётр Гайдушикица.
«МагIарулалъул курхьен» кинофильм гьесда бихьун букIун буго 80 абилел соназго, художествияб киноялда цебе кинотеатралда бихьизабун. Жиндирго «РухIияб-кино» абураб интернет-гьемералдаги лъун буго гьес гьеб гIолеб гIелелда бихьизе букIине.


«МагIарулалъул курхьен» абулеб фильмалдаса сурат
«МагIарулалъул курхьен» абулеб фильмалдаса сурат
«МагIарулалъул курхьен» эбелалъул бищун бокьулеб фильм букIанин рикIкIунеб буго Катеринал вас Шимоница.
МугIрузул росулъ гIумру гьабизе байбихьуда гьелъие цIакъ захIматго букIаниги, гьеб фильм бахъулеб букIараб заман жиндир гIумруялда жаниб бищунго талихIаб букIанин абулаанин эбелалъин бицана Шимоница Эркенлъи Радиоялъе.

Катеринал вас Шимон: «Дир эбелалъе цIакъ рокьулаан цIумал. Гьелъ абулаан доба рикIкIада зобалазда роржунел цIумал рихьараб мехалда жиндие лъугьун букIараб асар жиндир гIумруялда жаниб бищунго кIочонареб букIанин. РакIалда буго гьелъ бакIалъул гIадамазул хIакъалъулъ бицунеб букIараб куц.

Гьездехун бицун бажарулареб адабги, гьездаса чIухIиги букIана эбелалъул рекIелъ. Гьел абулаан гьезул щибав жиндир рагIул хважаин вугин. Жалго кьварарал, амма ракIал хIеренал гIадамал рукIанин гьелин бицунаан эбелалъ. Эбел хIикмалъун йикIунаан гьездаса. Мисалалъе фильмалда васасул рикIкIадаса бачIараб кагъат цIалулей йигей херай гIаданалдаса.
Гьезул гьурмазда хъван букIанин гьезул кинабго гIумруялъул къисайин абулаан эбелалъ».

ГьитIинав вукIаго Шимоние цIакъ бокьулеб букIун буго эбелалъ Кубачиялдаса рачIарал гIарцул тIагIелалгун васандизе. Гьел тIагIелал жиндаго рараб мехалда Шимонида кколеб букIун буго жив вугин Гьоркьохъел ГIасрабазул рыцарин. БукIун буго гьезда гьоркьоб гьес щит гIадин жиндаго цебе кколеб тIагIелги.

Владимир Суханекица бицахъе Катеринае цIакъ бокьун букIун буго Кавказалдехун жиндирго бугеб рокьул хIакъалъулъ кIудияб кино бахъизе.

Катеринца абулеб букIун буго- Кавказ, гьелда жаниб браслет, гьелда жани ракI-гьеб бугин фильмалъул пикру загьир гьабулеб лъабго жойин.

Суханекица жинцаго рикIкIунеб буго Катеринаца Кавказалъул хIакъалъулъ кинофильм бахъун бугин Европалдаса ячIарай чIужуялъ гIадин тIаса-масахъго гуреб, жийго дагъистаниялъ гьеб бахъизе букIарабгIадин- халкъалъул сипат бажарун бугин гьелда загьир гьабизейин.

Халкъалъул гIамал-хасият гьеб халкъалъул кверзул махщалидасан лъала ян абулеб букIун буго Катеринаца.

http://www.radioerkenli.com/media/video/24624236.html
XS
SM
MD
LG