МагъчIваялъе рес

КТО лъугIана, балагь хутIана


1 декабрялъ рагьун буго Гендерил тоннель ва, лъабго гIан моцIалъ дунялалдаса тIезабун, зазихараб кварица сверун ккун букIараб Временный росулъе гIадамазе ккараб зарал рикIкIине комиссия щун буго. Амма кинабгIаги рикIкIен гьабун бажарулеб хIал гьечIин гьенибин абулеб буго бакIалъул гIадамаз.

18 сентябрялдаса байбихьун халатбахъараб терроризмалда данде чIараб режималъе ахир лъун буго Унсоколо ва Буйнакск мухъазда. Гьединго, транспорт хьвадизе рагьун буго Гендерил абулеб тоннельги. Гьедин лъазабулеб буго "РИА Дагестан" информалаталъ.

1 декабрялъ 14 магIарул мухъазе рес щвана Лаваша мухъ сверичIого, къокъид, тоннелалда жанисан хьвадизе. Гьеб къан букIиналъ гIемер лазатбахъиял рукIанин нухлулин баян гьабуна жамгIияб транспорталда хIалтIулев АхIмадов Исламица.

Гьелдаго цадахъ, терроризмалде данде чIараб режим лъугIигун, 25 ноябрялдаса байбихьун хасаб комиссиялъ байбихьана гIадамазе ккараб заралалъул хIисаб гьабизе ва гьеб рикIкIине. Амма бакIалъул гIадамал рази гьечIо гьеб рикIкIен гьабулеб бугеб куцалдаса. Гьедин, Временный росулъа МухIамадова Написатица "Эркенлъи" радиогун букIараб гара-чIвариялда баян гьабуна гьабураб заралалъул анцIил бутIа гьабун цо бутIацин щолеб гьечIин гIадамазе.

МухIамадова Написат: "БитIун рикIкIунеб гьечIо гьез гьеб зарал, масала, гьанже данде гьарурал бахIаразул миллион гъурщиде босараб къайи хвезабун буго, гьезие 200 азарго гъурущ кьолеб буго. Щиб гьелде щолеб? Гьаниб бугеб жо бихьизе рачIани, нужеда бихьила, жалго комиссиялъул чагIи руго хIикмалъун хутIун, гьез жидецаго абулеб буго гIемер бакIалги рихьанин, амма гьадинаб пасалъи бихьун букIинчIин жидеда".

Жалго гIадамал жакъа тIубараб Дагъистаналда рикьа-риххун ругилан баян гьабуна Написатица

МухIамадова Написат: "Дагъистаналда рикьа-риххун руго ниж. I00 хъизан батила Генуб росулъ, хутIарал Шамилхъалаялда, МахIачхъалаялда, гIагарлъи буеб росабалъ рикьа-риххун руго".

Гьединго, гьабсагIат росулъ кинабгIаги квегIенлъи ва жаниб гIумру гьабун бажарулеб мина гьечIила хутIунин баян гьабуна Написатица.

МухIамадова Написат: "Цо цин бакI гьечIо зарал ккечIеб. 2I7 хъизан гIумру гьабрал руго, 230 рукъ буго. Гьел ккола къачIалел рукIарал, ремонтал гьарулел рукIарал. КиналгIаги квегIенлъаби тун гьечIо, рухъ-рухъун ран руго канализациялъул рогIрал, лъел рогIрал, ток гьечIо. Ццим бахъун руго гIадамал. Гьанже жидеца цIигьабилилан абулеб буго, амма кин гьабулеб, гьедин гьабун бажарулеб хIал гьечIо. ГIемертIалаял минаялда ругел гIадамаз абулеб буго жал хIинкъун ругила рукъзабахъ гIумру гьабизе, щайин абуни, мина сверун кьочIоде щун сверунги бухъ-бухъун, лъим биччан буго гьенибе. Гьеб лъеца кьучI жагъал гьабун, мина биххизеги рес буго".

Гьаниб абизе ккола, араб анкьалъ Дагъистаналъул бетIерас чIагояб эфиралда бицараб Временныялда батараб анкьтIалаяб бункералъул щибго лъалеб гьечIолъи бакIалъул гIадамазда. Гьелда тIадеги, гьенир ратарал бункеразул нахъияб рахъ жеги мухIкан гьечIилан тIаде жубана МухIамадова Написатица.

ГIабдулатIиповас бицараб бункералъул хIакъикъат лъазе нижеца бухьен гьабуна Унсоколо мухъалъул бетIер МухIамадов Шамилгун.

МухIамадов Шамиль: "Гьеб суал рагъулазе кьезе ккола, щайгурелъул гьенир я нугIзал, я щивго батIияб гьеб бихьарав чи гьечIолъиялъ. Гьеб хабар уяб гьечIо. Гьеб хIакъаб бугилан абизе нижеда кIоларо"

ХIасил калам, ахирал моцIаз КТО лъазабурал бакIазда лъугьа-бахъаралъ бихьизабунин аскариязда тIад кинабгIаги кверщел я Дагъистаналъул тIалъиялъул, я гражданияб жамгIияталъул гьечIолъийин рикIкIунеб буго "Черновик" газеталъул бетIерав редактор Маирбек Агаевас. Гьесул пикруялда, чIагояб эфиралда ГIабдулатIиповас "Дагъистанияз хIехьезе кколин аскарияз гьаризе кколел ругел КТОял"-ин абурал рагIабаздасан бичIчIулеб буго гIадамаздехун тIалъиялъул бугеб бербалагьи.

XS
SM
MD
LG