МагъчIваялъе рес

Парту Патимагун Баху-бика хисун – Амина Даги, Меседу Багьавудинова...


БатIи-батIияб куцалда тарихалда цIар хутIарал Дагъистаналда руччабазда гъорлъ машгьурлъана къо хIехьарай Парту ПатIимаги, имамасда данде яхъине кIварай хундерил Баху-бикаги, бечедал чагIи какун кучIдул хъваялъ кIал букъанин бицуней ГIанхил Маринги, цогидалги.

Хасго Росиялъулгун Кавказалъул рагъулъги гIемер рукIун руго гьел. Масала, гIурусазухъе кверде инчIого чIезелъун гIурулъе кIанцIарай Имам Шамилил яц ПатIиматил бицунеб буго ЭР-ялъе МахIачхъалаялда динияб цIалул идараялда хIалтIулев ГIабдурахIман МухIамадовас.

ГIабдурахIман МухIамадов: «Имамасул амру букIунаха лъутизе кIвечIонани, гъодин кIанцIейин абураб. Гьедин лъимаде йигей гIадан (Шамил имамасул яц – ЭР) кIанцIула АхIулгохIдаса ГIандигIурулъе».

Гьедин къватIибе цIар рагIичIониги, гIезегIан руччаби руго захIматаб заманалда Дагъистаналда росдал магIишаталда хIалтIун къо бихьарал.

Масала, гьединазул цояй ккола гIумрудул сонал 90-лъе рахарай ГIарац МахIмудова. Жийго ЦIунтIа мухъалъул Сагьадаса йикIаниги, гьабсагIаталда гьелъул чIей Тарумовка мухъалда буго. Умумузул росу гьелъ рехкн тезе ккун буго I944 соналда. Доб мехалда Гьоркьохъеб Азиялде гочинарурал чачаназул ракьалде рахъинарулел рукIун руго дагъистаниял, кигIан гьез дандечIей гьабуниги. Цинги чачанал дораса тIадруссингун, дагъистаниял цIидасан гочинаруна – цоял магIарухъе, цогидал - лъарагIлъиялде (гIуру къарал ва хьуцIал лъугьарал ракьал рахъинаризе).

Гьеб мехалда жинда бихьараб гIакъубаялъул бицунеб буго ЭР-ялъе ГIарац МахIмудовалъ.

ГIарац МахIмудова
ГIарац МахIмудова

ГIарац МахIмудова: «Чачаналда дица бана 15 сон. Доба дида бихьанщинаб гIакъуба нужеда лъанани, нуж гIадаллъула. Колхозалъул ракьал рухъун, чIаран, къойил план тIубазабизе кколаан нижеца. ГIанкIаби хьихьун, хIукуматалъе кьезе кколаан… ГIорцIизегIан кваназе квен щолароан. ТIубан кинабго ракIалде щоларого буго, щвараб мехалъ бицина. ГIинкълъунги йиго гьанже, беццлъунги йиго».

Суал: «Чачаналдаса Дагъистаналде тIадруссингун, кинаб гIумру букIараб нужер?»

ГIарац МахIмудова: «ЦIияб гIумру гьабизе магIарухъе тIадруссиндал, кваназе квен букIинчIо нижее… Цояй ясги Чачаналда юкъун щвана ниж Дагъистаналде…»

Цо-кIиго соналъ цебе интернеталда тIибитIизабун букIана кодоб батараб хIалтIул алаталъ тIаде бачIунеб букIараб бацI чIварай магIарулалъул хIакъалъулъ видео. Гьединго сардилъ къинлъизе гIебеде бегараб хIамида тIаде рачIунел бацIал чIезарурай гIаданалъул хIакъалъулъ бицунеб буго ЭР-ялъе Казбек мухъалъул Алмахъалдаса СалихI СалихIовас.

СалихI СалихIов: «Дир эбелалъул вацасул якьад йикIана ПатиIматилан абун. Алмахъалда бугеб щоблъиялда йикIана гьей гIумру гьабун. Рагъул заманалда росги тIагIинавун вукIана гьелъул. Цинги Чачаналде гочинарун рукIун цIидасан росулъего тIадюссиндал, гьедин батIа чIун йикIана гIумру гьабулей. Шамилил наиб Умалатил наслуялъул гIадан йикIана гьей, хIинкъа-къай гьечIей. Цо нухалъ Хасавюрталде уней йикIун йиго гьей анлъабго хIамаги бачун. Доб мехалда лъелго рохьосан унаан гьенире, нухда сордоги бан. Чияр хIамузда лъун тIощел бичизе ине йикIун йиго гьей. ГIакдал багьа хIамил бугеб замангиха доб. Нахъруссуда нухда бегун чIун буго хIама, хIараги чIван. Къинаб букIун буго гъоб. Рохь бакьулъ бегараб гьеб тIаде бахъинабизе кIолеб гьечIолъи бихьидал, ПатIиматица цо бакIалда рухьун, цогидал хIамул щулияб бакIалде ккезарун руго. Цинги доб къинлъизе бегараб хIамида аскIой чIун йиго жийго. Гурони, бацIица гьеб чIвани, бетIергьабазе хIама кисаха гъолъ кьезе букIараб? Цо заманалда гьеб хIамил махIги чIван, дагь-дагьккун хъурмал ракIарун руго гьезда сверухъ. ПатIимат йикIун йиго жидедаго сверун цIаги бакун чIун. ТIаде къалел-къалел ругел хъурмалги рихьидал, гьай лъугьун йиго ккун кодор сунтралгун, ахIделаго, бачунаго лаилагьгун, лъараб-кIвараб жо рикIкIине. Гьедин сордо рогьун буго гьелъ гьединаб хIалалда, хIамаги бахъунарого. Рогьиналде цо хвараб кIертги гьабун, бахъун буго хIама. Хъурмаздаги кIун гьечIо гьезда тIаде рачIине.

Гьеб лъугьа-бахъиналдаса хадуй, гьей гIадан хIатIалги цIорон, гIемер мехалъ унтун, бусалъ йикIана. Доб сордоялъ гIемер ахIдеялъ гъварун гьаракьги букIана гьелъул хадуб».

Советияб заманалда Дагъистан тун къватIир машгьурал руччабазда гьоркьор Фазу ГIалиеваги, Манаба МухIамадоваги, Муи ХIасановаги, Манарша Дибироваги, цогидалги рукIун ратани, жакъасеб Дагъистаналъул машгьурал руччабилъун рехсола хъвадарухъан Алиса Ганиеваги, къватIир пачалихъазда модаби рихьизарулел Амина Дагиги Меседу Багьавудиноваги, шагIир ХIамзатил Расулил ясазул ясал – художникгун журналалъул редактор ТIавус МахIачеваги Шагьри ГIамирханова.

Гьелдаго цадахъ кигIан дунял цебетIун бугониги, Дагъистан тун къватIибехун гьанжесей дагъистанияй гIемерисез къабул гьаюлей йиго нахъе ккарай, гIицIго росасе мутIигIлъун, рокъоса къватIие яхъунарей, хиджабалда гъорлъ юкъа-юхьарай гIаданлъун.

Амма гьединал руччабаздаго цадахъ республикаялда гIемер ругин жидерго ихтиярал тIалаб гьарун къватIире рахъунел руччабиги, цинги республикаялда гьел тIалаб гьабун бажаричIони, Дагъистан тун къватIиреги ине хIадур ругин гьелилан рикIкIунеб буго цо-цо экспертаз.

XS
SM
MD
LG