МагъчIваялъе рес

Human Rights Watch гIуцIиялъ хасаб кIвар буссинабулеб буго Дагъистаналде


Human Rights Watch абураб инсанасул ихтиярал цIунулеб халкъаздагьоркьосеб гIуцIиялъул Россиялъул бутIаялъул бетIер Татьяна Локшина
Human Rights Watch абураб инсанасул ихтиярал цIунулеб халкъаздагьоркьосеб гIуцIиялъул Россиялъул бутIаялъул бетIер Татьяна Локшина

Human Rights Watch абураб инсанасул ихтиярал хвезариялда хадуб хал кколеб къокъаялъ тIибитIизабуна Дагъистаналда хурхун хIадурараб доклад. 97 тIамчида хъван буго 2012-2015 соназда республикаялъул низам цIунулез гIадатиял гIадамазул ихтиярал хвезариялъул хIакъалъулъ.

Рехсолел руго гьединго изну гьечIого яргъид гIуцIарал къокъабаз хвезарурал ихтияразги. Гьикъа-бакъи гьабун буго 80 чиясда гьоркьоб – гьел ккола къварилъи ккарал гIадамалги, жамгIиял хIаракатчагIиги, журналисталги, адвокаталги.

Шималияб Кавказалъул республикабазда гьоркьоб гIицIго Дагъистан щай батIаго рехсолеб бугебин суал кьедал, Human Rights Watch къокъаялъул директорТатьяна Локшиналъ ЭР-ялъе бицана Россиялда Дагъистан чанго соналъ тIатIалаго зулмуялъул эпицентрлъун лъугьун бугин. Масала, жидер баяназда рекъон гуребги, Халкъазда гьоркьосеб кризисалъул къокъаялъул баян рекъонги бугин гьеб Россиялда бищунго хIалуцараб бакIлъунилан тIаде жубана Локшиналъ.

Гьелъги гьелъул пишацоязги хIадурараб докладалда кIвар буссинабулеб буго терроралда бан къуваталъул идарабаз тIоритIулел хасал операциязул заманалда инсанасул ихтиярал хвезариялде.

Татьяна Локшина: «Ахираб чанго соналда жаниб Дагъистаналда хасал операциял тIоритIулеб къагIидаялъухъ балагьун цебечIолеб буго Чачаналда букIараб рагъул согIаб хIакъикъат. Мисалалъе бачине бегьула Генубги Временное росабалъ тIоритIарал хасал операциял. Временноялда гIадамал тIубараб росуккун гъуна къватIибе. Риххизаруна гьезул минаби, инфраструктура. Цинги кIиго моцIидаса цIикIкIун халатбахъараб гьеб операциялдаса хадур тIадруссарал гIадамал кир чIей гьабилели лъаларого хутIун рукIана. Гьеб киналъго тIалъиялдаса ракIбуссинабула гIадамазул, божилъи хвезабула гьелда. Гьединго изну гьечIого яргъид гIуцIаразда гъорлъе иналде ккезарула гьел. ХIатта «Исламияб пачалихъ» абураб терроралъул гIуцIи берцин бихьиялдецин рачуна. Къанун цIунулез жидер ихтиярал хвезарурал гIадамазда гьеб бихьула ришватчилъиялъул цIурал пачалихъиял идарабазде дандечIолеб цогидаб къуватлъун».

Бицен гьабулеб докладалда бицунеб буго низам цIунулез Дагъистаналда салафияздехун ритIухъаб гуреб бербалагьи бугилан. Масала, багьана бугониги гьечIониги халкквей чIезабулеб бугин гьезда хадуб, «вахучет» абун хасаб сияхIги бугин вагьабиял, ай салафиял лъолеб. ТIокIалъ чIечIого ахIулин гьел полициялде сурав босизе, килщазул расенал рахъизе, ДНК-ялъе анализал росизе. Гьедин щибаб нухалда полициялде ахIанщинахъе жиндие кьолин цого суал, вагьабиязда гьоркьов щай мун вугев, ялъуни щай мун дол хъачагъазда гъорлъ гьечIевингицин гьикъулин бицун буго «вахучеталда» вугев вагьабияс Татьяна Локшинае. Масала, дур кинавалиго гIагарав чи вуго гурищин дова хъачагъазда гъорлъ, мун гьезухъе унгутIиялъе гIилла щибин.

Гьелдалъун чи зулму гьабун ургъунго хъачагъазул рахъалдехун инавулевцин вугин абураб пикру бижулеб буго инсанасул ихтиярал цIунулезул.

Гьедин батани, салафиязде гьабулеб тIадецуйги чIезе тун, батIияб къагIида, масала, гьезулгун къотIи-къаял гьари, яги амнистия лъазабизе кколиланищ дуца рикIкIунебин абураб суалалъе, Татьяна Локшиналъ гьадин жаваб кьуна.

Татьяна Локшина: «Прессингалдаса инкарги гьабун, къотIи-къаял гьаризе хIалбихьиял рукIана Дагъистаналда гьелъул президентлъун МухIамадсалам МухIамадов вугеб заманалда. Мажгитазде гьарулел рейдалги, къотIнор вагьабиял чIезариги, цогидабги тун букIана. Гьелъ гIезегIан хIасилги кьун букIана. Амма хадубккун республикаялда тIалъи хисидал, хисана къагIидаби. ГьабсагIаталда Дагъистаналда аслияб къуват низам цIунулезухъ буго. Гьедин гьениб бугеб ахIвал-хIалги Россиялъул къануназдаги халкъазда гьоркьосел къануназдаги данде кколеб гьечIо. БичIчIулеб жо буго терроралда данде къеркьезе кколеблъи. Амма гьелдалъун гIадамазул ихтиярал хвезаризе бегьуларо – гIилла-мурадго гьечIого хадуб халкквей чIезабизеги, чIвазеги, цогидаб тамихI гьабизеги, гIайиб гьечIел чагIазул минаби риххизаризеги бегьуларо. Нижеца Россиялъул Федерациялдаса тIалаб гьабулеб буго гIицIго жиндиргоги халкъазда гьоркьоселги къанунал хвезарунгутIи. Терроралда дандечIей гьабулебинги абун инсанасул ихтиярал хвезаризе бегьуларо».

Татьяна Локшиналъ абуна инсанасул ихтиярал хвезариялъул хIужаби Дагъистаналда цIикIкIине лъугьанин Сочиялда Олимпиада тIобитIилалде цебе. Гьебги хас гьабун Москваялдасан кьураб тIадкъай бугин республикаялъе.

Бицен гьабулеб докладалда хъван буго гьединго изну гьечIого яргъид гIуцIарал къокъабаз гIадатиял гIадамазде гьарурал тIадекIанцIиязулги.

XS
SM
MD
LG