МагъчIваялъе рес

"БацIцIадаб" полициялде хьулалгун


Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъи бацIцIад гьабизе ккеялъул суал борхана президент ГIабдулатIипов Рамазаница араб хамиз къоялъ МВД-ялъул министрги ахIун тIобитIараб данделъиялда. Экспертаз ва аналитиказ абулеб буго полициялъул хIалтIуда жаниб гIадлу гьабизе гIураб ихтияр Рамазанил гьечIилан, гьеб бугин Москваялъ гурони тIубалареб суал. Киналха ругел ресал Дагъистаналъул полициялъул хIалтIи рукIалиде бачIинабиялъе?

Щуабилеб сентябралда заманаялъ Дагъистаналъул нухмалъулевлъун тIамурав ГIабдулатIипов Рамазан дандчIвана республикаялъул жанисел ишазул нухмалъулев МухIамадов ГIабдурашидгун. Президентас гьел дандеракIариялъе гIилла букIана гьалдаса хадуб Дагъистаналъул цIигIуцIараб хIукуматалъул вакилзаби цIияб куцалда хIалтIизе кколилан гьезда бичIчIизаби.

Улкаялда нилъ бищун ахирисеб бакIалда ругин магъалаби ракIариялъул рахъалъилан абуна ГIабдулатIиповас, жакъа гъежда чинал рукъарав нус-нус чи вугин республикаялъул экономика цIунуелв, амма бичIчIулеб гьечIин щай «рагIдукь хутIараб» экономикаялъул рахъалъ нилъ бищун цересел бакIазда регелилан гьикъулеб буго президентас.

Инсанасул ихтиярал цIуниялъул ва халкъалъул хIинкъи гьечIолъи чIезаби кколин низам цIунуел хIалтIухъабазда цебе чIараб бищун кIудияб масъалаян абуна гьениб ГIабдулатIиповас. Амма жакъа жинда гьеб бихьулеб гьечIин. Щиб гьабулелин жакъа полициялъул хIалтIухъаби ругелилан абураб суал лъуна гьес данделъиялда.

Жиндица жакъа гIажаиблъи гьабулеб бугин нилъер киназдаго бихьинасдаги цIуясдаги рекIехъе лъалел ругин тIолалго хъачагъазул цIарал, гьезул такъсиразул хIакъалъулъ, амма щибниги гьабун бахъунеб хIалтIи бихьулеб гьечIин.

Терроралда данде чIараб миллияб комиссиялъ гьабулеб хIалтIулъ бацIцIадаб гIуж-куц гурони щибниги хIасил бихьулеб гьечIин.

ХIасил-калам президентас гьеб данделъиялда суал лъуна низам цIунулел хIалтIухъабазул кьеразулъ хIалтIи гьабун бажаруларел чагIи рацIцIад гьаризе кколилан.

ХIалтIи гьабун бажаруларел гурел, ракIбацIцIадго хIалтIи гьабун бажарулелщинал чагIи нахъе гьарунин гьанжелъизегIан жанисел ишазул министрас бицана «Эркенлъи» радиоялъе полиицялъул хIалтIухъабазул махщалил цолъиялъул нухмалъулев Шамилов МухIамадица. Жанисел ишазул министерлъиялда жаниб бугеб гIадлу гьечIолъиялъул бицараб пресс-конференция тIобитIун букIана гьез исана май моцIалда Москваялда. Гьеб данделъиялдаса хадув нахъе реханин министр ГIабдурашидовас полициялъул полковник Набиев СалихI. Жанисел ишазул министерлъиялда жаниб гIуцIараб рищватчиялъиялда данде къеркьолеб бутIаялъул нухмалъулевлъун вукIун вуго гьев.

Шамилов МахIамад, жамгIияв хIаракатчи
Шамилов МахIамад, жамгIияв хIаракатчи
Шамилов МухIамад: «МагIарулазул аби буго гьанада борохь бачIого букIине цIам щвалин, цIандаги борохь бани щибила гьабулеб абун. ЦIцIамудаги борохь бараб ахIвал хIал буго жакъа Дагъистаналъул жансиел ишазул министерлъиялда. Гьелъул хIакъикъат лъалел чагIиги гьениса нахъе гъолел рукIаго кинаб рацIцIад гьариялъул бицунев вугев президент?».

Жанисел ишазул министерлъиялда жаниб тIибитIун бугин жакъа цIогьги, хъамалчилъиги чIвай-хъвейги, тIубараб хъачагъазул идаарялде сверун бугин жакъа гьеб гIуцIи. Гьеб кинабго хIакъикъат лъалел хIалтIухъабазул махщалил цолъиялъул нухмалъулелги ахIун щайин президентас данделъи тIобитIуларебилан гьикъулеб буго Шамиловас. Полициялъул хIалтIуда жаниб рацIцIалъи кин тIобитIизе кколебали гьадинаб пикруги буго гьесул.

Шамилов МухIамад: « МВД бацIцIад гьабизе къваригIун батани, битIе абеха гьанибе доба Москваялдаса хасаб коммиссияги, тIобитIе халгьабиги. ХIакъикъат лъалел, бугеб ахIвал-хIалалъе къимат кьун бажарулел махщалил цолъиялъул хIалтIухъабиги раче абе гьоркьоре. Гьеб мехалъ лъугьине бегьулаха хIасил».

Полициялъул хIалтIухъабазул гIуцIиялда жаниб хIалтIи гьабизе Рамазанил ихтияр гьечIин, щайгурелъул гьеб идара кколин цIанбитIун федералияб тIалъиялъул жавабчиялъиялда гъоркь бугеб гIуцIиян абулеб буго экспертаз. Жанисел ишазул министр ГIабдурашид МухIамадов шай Москваялъ хъулухъалдаса эркен гьавулев гьечIевилан рази гьечIел гIадамалги гIемер руго цохIо гIадатияб халкъалда гьоркьор гурелги жалго полициялда хъулухъ гьабулел чагIзда гьоркьорги. Министрлъун тезе мустIахIикъал гIадамазул анкетаялъухъ хал гьабулеб бугин Москваялдаян букIана жеги ункъо-щуго моцIалъ цебего бицунеб. Амма додинго сихIкъотIи гурони батIияб хиса-баси жеги загьирлъичIо гьениб.
XS
SM
MD
LG