МагъчIваялъе рес

Дир полициялъ дун цIунизеги бегьула... реформаялда хадуб


Заманаялъ Дагъистаналъул нухмалъулевлъун тIамурав ГIабдулатIипов Рамазанида ракIалда буго Дагъистаналъул жанисел ишазул идара чорокаб пишаялъул хIалтIухъабаздаса бацIцIад гьабизе. Гьеб мурадалда Дагъистаналде Россиялъул жанисел ишазул министерлъиялдаса хасаб къукъа бачIун бугин халгьабигунилан абураб баян кьуна информалатаз итни къоялъ. Кинаб хIасилха гьеб халгьабиялъ кьезе бугеб ва ритIухъ гьариладай гьез гьабнухалъгIаги халкъалъул мурадазе гIололъун хIалтIулеб Дагъистаналъул жанисел ишазул идараялъухъ урхъарал гIадамазул хьулал?

Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялда жаниб чороклъи лъугIизабулеб бугони гьеб байбихьизе ккола тIоцебе гьелъул нухмалъулесдаса ва гьесул чукъа-рахьаналдасаги, батIияб куцалда гьабуни гьеб рагIалде бахъунарилан бицана Эркенлъи радияолъе «Справедливая Россия» партиялъул вакил Расулов Русланица. 20-саги цIикIкIун соналъ жанисел ишазул идараялдаги хIалтIарав полициялъул офицер ккола гьев. ТIарадаса байбихьун Дагъистаналъул жанисел ишазул идара криминалияб гIуцIиялде сверун бугин цевегоян рикIкIунеб буго гьес. Гьес гьединго ракIалде щвезабуна полициялда жаниб гьабураб реформа битIун гьабичIолъиялъул хIасилалда гIемерал, хIалтIи гьабизе лъалел гIадамал нахъе ратIа гьарунин гьениса, гьелъул хIакъалъулъ гIемераб хъванин полициялъул хIалтIухъаабазул махщалил цолъиялъул нухмалъулев Шамиловасги, амма жидехъ гIинтIамулел чагIи ккечIин. Гьанже Москваялдаса Дагъистаналъул полициялда жаниб бугеб ахIвал-хIалалъул хал гьабизе рачIунел чагIиги, рачIаралго гIадин лъикIаланго сайигъат-саламги босун ине ругин гьаниса нахъе, хIалтIи гьабизе рачIунел чагIи гурин гьелилан рикIкIунеб буго Расуловас.

Расулов Руслан: «Шакаб хIалтIи буго гьаб нухалъ тIобитIараб халгьабиялъ нилъ киналго разияб хIасил кьелилан. БукIине кколеб куцалъ къануналда рекъон гьеб халгьаби тIобитIани Дагъистаналъул жанисел ишазул нухмалъи тамихIалде цIазе ккола, гьезул цо-цоязда тIадин абуни рагьизе ккола такъсир гьабиялъул иш. Гурого цере рукIарал халгьабиялго гIадин гьабуниш гьабунаян абиялъе гIоло тIобитIани гьелъ хисизе щибниги гьечIо».

Дур хIисабалда кинаб куцалдайинха гьеб халгьаби тIобитIизе ккелабин гьикъидал Расуловас абуна Дагъистаналъул жанисел ишазул министр вищизе кколин конкурсги тIобитIун, авалалдаса бахъараб ахиралде щвезегIан жанисел ишазул идараялъ гьабураб хIалтIул хIасилги борцине кколин гьелъие хасал чагIиги тIаса рищунилан.

Москваялдаса бачIун хасаб комиссиялъ Дагъистаналъул полиция такъсирчагIаздасан бацIцIад гьабиялда божулев гьечIо республикаялъул тIолалго полициялъул хIалтIухъабазул махщалил цолъиялъул нухмалъулев Шамилов МухIамадги. Дагъистаналъул жанисел ишазул идарялда жаниб бугебщинаб чороклъиялъул бицунел гIемерал хIужабиги рехсараб кIудияб пресс-конференция тIобитIана гьез араб моцIалъ Москваялда. Гьелда гIахьалъи гьабуна пачалихъалъул чанго батIиял информалаталдаса къогониги журналистас, гьелда течIого чанго батIияб пачалихъияб телеканалъеги кьун буго гьез интервью. Амма гьеб данделъиялда живго Россиялъул жанисел ишазул министр Владимир Колокольцев вачIинчIин ва жидееги щвечIин гьесда тIаде инеян бицан Шамиловас. Хасаб коммиссияги гIуцIун хIалтIи гьабизе ракIалда батани щайинха гьез кинабго хIакъакъатги лъалел, чIванкъотIарал хIужабаздалъун гьеб баян гьабизеги кIолел жидер профсоюзалъул цониги чи гьеб коммиссиялде гьоркьове вачунарев. Гьел хIужабазул чангояб «Эркенлъи» радиоялъеги рехсана жамгIияв хIаракатчияс. 200 саги цIикIкIараб, такъсир гьабиялъул ишги рагьун рагIалде бахъинабичIеб чIвай, хъвей, 146 ниги батIи батIияб даражаялъул рекъон рагьараб такъсир гьабиялъул иш, бикъараб гIарац, Дагъистаналдаса къватIибе баччараб буголъи - сияхI жеги халат гьабизе бегьулилан абуна Шамиловас.

Шамилов МухIамад: « Цоцалъ рекъон такъсирчилъиялъул хIаракатчилъиялда хIалтIулеб къукъаялда релълъун буго жакъа Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъи. Полициялъул хIалтIуда жанир чIвадарухъаби ругилан абураб калам рагIизего кIудияб нич гьечIишха. Жакъа гьенир ругел чанги намус-яхI бацIцIадал гIолохъаби нечон холел руго гьеб рагIидалги. ТIокIаб чIечIого гьелъул хIакъалъулъ нижеца хъвалебги бугеб мехалъ гьабулеб ахIи-хIуралде Москваялъ гIинтIамун букIарабани гьадигIанго махI бахъунароан букIараб гъобаги. Гьеб кинабго Колокольцевасда бицине гьесухъе тIаде ине нух щвечIеб мехалъ чара-къосарал чагIаз кьуна нижеца Москваялда пресс-конференция».

Хал гьабизеян Москваялдасан гьанибе бачIунеб коммиссиялдаги жеги аэропорталадго дандчIвайги гьаун гьенисаго чIухIарал рестораназдениги, ялъуни ясал чагIигун цадахъ шашликIал жал режизе магIарде эхеде ун тIубала гьез иш. Халгьабиги лъикI анилан абураб баянги жидецаго хъван Москваялде балагьизабун паракъалъула иш.»

Москваялда тIобитIараб пресс-конференциялда Шамиловасда цадахъ гIахьалъун руго батIи-батIияб заманалда полициялъул кьеразулъ хIалтIулев вукIарав 7 офицер, гьезда гьоркьоса цохIо ХIажиев СалихI вукIун вуго гьабсагIаталъги полициялда хIалтIулев. Пресс-конферниця тIобитIун хадуб гIемераб къо гьикъун буго гьесие Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул нухмалъиялъ. Гьелъул хIасилалда рекIед унтиги ккун полициялъул хIалтIухъаби сах гьарулеб госпиталалда вегизавурав СалихI гьениса къватIиве вачахъун гьабсагIаталда рагIула республикаялъул аслияб азарханаялда, рекIел унти тIадеги квешлъун инфаркт ккеялъул хIинкъи бугин гьесулилан бицана Шамиловас.

Дагъистаналъул жансиел ишазул идарялда жаниб бугеб чорклъиялъул ва къанун хвезабиялъул хIужабазда тIасан иргадулабги митинг тIобитIизе буго рузманкъоялъ Шамиловасул хIаракатчагIаз МахIачхъалаялда Авар театралда аскIоб. ГIага-шагарго 5000 чиясниги гIахьаллъи гьабизе бугин гьенибилан бицана жамгIияв хIаракатчияс.
XS
SM
MD
LG