МагъчIваялъе рес

Freedom House: рагIуе эркенлъиялъул иргадулаб хитIаб


Freedom House абулеб Цолъарал Штатазул инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъ арбагI къоялъ загьирабуна жиндирго иргадулаб хитIаб – рагIуе эркенлъиялъул рахъалъ дунялалда бугеб ахIвал-хIалалда тIаса.

Гьелда абулеб буго 2014 соналда ахирисеб анцIго соналде данде ккун рагIуе эркенлъиялъул даража бищун гIодобе ккараблъун букIун буго. Хасго Азербайжаналда, Сербиялда ва ГIиракъалда.

Бищун квещаб ахIвал-хIал бугин Белоруссиялда, Россиялъ Украиналъухъа бахъараб Крымалда, Ираналда, Туркменистаналда ва Узбекистаналда. Рехсараб гIуцIиялъул баяналда рекъон Россиялда пресса тIалъиялъул тIубараб контролялда гъоркь буго, ялъуни Кремлалъулгун щулиял бухьенал ругел бизнесчагIазул контролялда гъоркь.

XS
SM
MD
LG