МагъчIваялъе рес

"Сакъатаб" намус яги сакъатазул ресал рикъулеб куц


Дагъистаналъул захIматалъул ва социалияб цебетIеялъул министерлъиялъул баяназда рекъон 2016 соналда республикаялда вуго 250 азаргогIан сакъатав чи.

Гьезул чан процент унголъул унтарал чагIи ругелали чIезабизе захIмалъулеб буго. Дагъистаналда жал сакъатал гIадамал ругин абун гьереси документалги гьарун пенсия босулел чагIи гIезегIан рукIин лъала киназдаго, тIубарал хъизанал ккун гьеб гьереси сакъатлъи чIезабурал хIужаби рукIинги якъинаб жо буго.

Амма исаналъагIан гьедин пачалихъги махсароде ккун, гьереси сакъатлъиги чIезабун гьелъухъ пенсия щолел рукIарал гIадамал тамихIалде цIарал хIужаби къанагIат гурони рукIинчIо. КIиго соналъ сакъатлъиялъул кIиабилеб группа бугин абун гьереси документалги гьарун кинабниги 430 азарго гъурущ босарав Южно-Сухокумскалдаса чи ккун вуго гьал къоязда къуваталъул идарабаз.

Гьесде хIилла-рекIкI гьабун пачалихъалъул гIарац бикъи ва гьереси документал гьариялъул гIайиб гIунтIизабулеб буго. Россиялъул къануналда рекъон бищун дагьалдасан 2 соналъ туснахъ гьавизе бегьулев вуго гьев чи. Гьединго исана февралалда Болъихъ мухъалдаса I0 чи тамихIалде цIцIана гьебго гьереси сакъатлъиги чIезабун пенсиял росулел рукIаралъухъ.

Гьез гIаммаб къагIидаялъ пачалихъалъе 4 миллионгун 600 азарго гъурщил зарал гьабун буго. Гьеб гIарацги бецIизабун буго гьезда, гьединго цо-цоязда тIад гIакIа къотIун буго, цойгидазе шартI хIисабалда чанго сон кьун буго.

Гьереси документалги гьариялъухъ гурониги унголъун унтарал сакъатал гIадамазухъа гьеб сакъатлъиялъул группа чIезабуралъухъ гIарац тIалаб гьабулел тохтурзабиги гIезегIан рукIин лъала, амма гьелги къанагIат гурони тамихIалде цIаларо.

Гьедин гьал гIагарал къоязда Дагъистаналъул гьеб сакъатлъи чIезабулеб Медико-социальная экспертиза абулеб гIуцIиялъул хирург ГIабдулаев Камилил ишги диваналде кьун буго. Гьес унголъун унтарав сакъатав чиясухъа 150 азарго гъурущ тIалаб гьабулеб букIун буго гьеб сакъатлъиялъул группа чIезабизе.

Гьеб цIакъ къанагIатаб жо бугила гьел тохтурзабазул иш диваналде щвей, гьез кинабго къуваталъул идарабазул хIалтIухъабигун рекъезабун букIунила, гьезие кколеб гIарацги кьолилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе гьеб сакъатлъи чIезабулеб гIуцIиялъул вукIарав хIалтIухъанас.

Гьесул гьариялдалъун цIарги, гьаракьги хисизабулеб буго гьев чиясул. Гьединго гьес бицана сакъатлъи чIезабулеб комиссиялде ирга щвезегIан, мухъалъулаб поликлинникаялдасанго байбихьулила коррупцияйилан, гьенисан кьолила тIоцебе чи унтун вукIанин, гьесие сакъатлъи чIезабизе бегьулин абураб документилан.

АхIмад: «Поликлиникаялда тохтурас къабул гьавула гьев унтарав, гьениб къотIи-къай гьабула гьел кIиязго. Унтарас гьесда бичIчIизабула жиндие сакъатлъи чIезабизе къваригIун бугин абун. Гьелъухъ кколеб жо тохтурасги босула. ГIемерисеб нухалда гьеб справкаялъул багьа 40 азаргоялдаса бахунаро.

Гьел документалги росун гьев чи вачIуна сакъатлъи чIезабулеб хасаб комиссиялде. ТIаде балагьун хал-шал гьабун гуреб гьез батIияб мухIканаб хал-шал гьабуларо гьесие, анализал кьун гьесул хIасилазухъ балагьун унголъун гьев чи цIакъго унтун вугищ гьечIищали цIехоларо. Комиссиялъ хIукму къотIула кьелищ гьесие сакъатлъиялъул группа, кьеларищали.

Комиссиялъул бетIерасдаги гьеб иш цIакъ лъикI лъала, гьесда лъачIого лъицаниги щибниги гьабуларо. Цониги нухалда нилъер гьаниб тIубараб гьединаб комиссия диваналде цIан букIинчIо, цIазеги кIоларо щай гурелъул гьезул гьеб гIарац босулеб хасаб схема букIуна. Къуваталъул идарабазулгунги щулияб хурхен букIуна, гьезул щивасе кколеб жо щвезабун букIуна комиссиялъул бетIерас.

Гьеб гIарац гьоркьохъанас босула, группа гьабизе къваригIаразда гьадигIан гIарац кьейиланги лъицаниги абуларо. Цо-цо комиссиялъе дагьаб гIарацги кьун жиндиего цIикIкIун щвезе бокьараз жидецаго абула гьадигIан гIарац кьейилан.

Гьеб хъантIараб халкъ кколаа низам цIунулез, гьезги гьел тохтурзаби бугеб хIалалъ абуни битIахъе речIчIун тола, саламатго жо бахъула гьезухъа, гьединал гIарзазухъ ралагьун рукIуна къуваталъул идараби.

Масала, Буйнахъскалъул гьединаб комиссиялъул бетIер йикIана цIакъ нич гьечIого гIарац бакIарулей гIадан, гьелъ унголъун унтаразухъаги бахъулаан. Дида лъан бащадаб лъагIалида жаниб гьелъ 9 миллион кьуна жинда тIад такъсириял ишал рагьичIого рукIине. ТIадккуни гурони гьел тохтурзаби тамихIалде цIазе захIмалъула».

Гьединго гьев чияс баян гьабуна гьеб цебе бицен гьабураб сфераялда ришватчи киданиги лъугIизе гьечIилан. Гьелъие гIиллалъун гьес рехсолеб буго унголъун захIматго унтарал гIадамаз гурони жидехъа сакъатлъиялъул группа чIезабуралъухъ гIарац тIалаб гьабуле букIанин абун къуваталъул идарабазде гIарза хъваларилан.

ГIемерисел унтизего унтичIелги дагьа-макъаб унти букIун цIакъ унтун ругин абун документалги гьарун ругезе гьел тохтурзабаз абураб жо гьезиеги кьун руцIцIухIун чIчIун рукIани лъикI букIунилан.

Дагъистаналъул прокуратураялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулей Татьяна Голубевалъ гьел гьереси сакъатлъи чIезабурал тохтурзабазул комиссия тамихIалде щайила цIаларелилан абураб суалалъе «Эркенлъи» радиоялъе баян кьолаго лъазабуна гьезие тамихI гьабичIого телин абураб жо гьечIилан.

Гьаб сагIат республикаялъулаб медико-социальна экспертиза абулеб сакъатлъи чIезабулеб аслияб гIуцIиялда халгьабиял гьарулел ругила жидер хIалтIухъабазилан. Гьез тIатинаризе кколила гьенир ругел коррупциялъул схемабийилан.

УнтичIев чиясе группа кьолеб мехалда гьел кирейин ралагьун рукIунел, тохтурзабазда лъаларищин щив унтарав щив унтичIевилан цIехараб мехалда гьелъ абуна гьеб комиссиялъ гьезухъе рачIарал документазда рекъон кьолила сакъатлъиялъул группа, гьезухъе гьереси документалги рачIун рукIун ратизе бегьулилан.

XS
SM
MD
LG