МагъчIваялъе рес

Дагъистаналда хIалтIизе лъугьунеб буго журналистазул интеллектуалияб клуб


Гьанжеялдаса нахъе Дагъистаналъул журналистазе республикаялда лъугьа-бахъунелда тIасан жидерго пикраби загьир гьаризе, дандчIвалел проблемабаздаса ва захIмалъабаздаса разигьечIолъи бихьизабизе гурониги, гьел тIураялъе нух балагьизе рес щванилан абизе бегьула.

Гьеб балагьиялде буссинабун букIине буго, гьал къоязда республикаялда хIалтIизе лъугьине бугеб, журналистал ва журналистикаялдехун хурхен бугел гъорлъе унеб, интеллекталъулал хIаязул клуб.

Интернет-мухъ

Гьеб клуб гIуцIизе кколин чIарав аслияв хIаракатчи, журналист Тамерлан МухIамадов вугониги, гьес цохIо жиндирабго ккун вукIинчIого, кин хIасил кьолеб хIалалъ гьениб хIалтIи гIуцIилебали дандбазе республикаялъул батIи-батIиял журналисталги, журналистикаялдехун хурхен бугелги, жалго жидецаго журналисталлъун рикIкIунелги ракIарун рукIана, гьал къоязда «Черновик» газеталда.

Клуб кин хIалтIизе кколебали хъвараб гIаммаб программаги гIуцIана гьеб тадбиралда. Гьеб жиндирго проекталъул бицунаго Тамерлан МухIамадовас, бачIинахъего чIванкъотIун лъазабуна, гьеб клубалъул я президент, я нухмалъулев я кинав вукIаниги бетIергьанчи вукIине гьечIилан. Гьелъул хIалтIи гIадлуялда иналъе, гьеб киналдаго хадуб халкколев цохIо модератор вищизе вугилан. Гьевги щибаб хIаялдаса хадув хисизе бегьулилан.

Кинал рукIаниги сиясатиял къуватаздасаги рикIкIад букIине бугин клубги гьелда хурханщинабги, гьаз доз гIарацги кьун хIалтIизе биччан бугин гьеб, хасал мурадазе гIоло гIуцIун бугин абизе рес кьечIого букIине клубалъул данделъаби я цонигии редакциялда яги пачалихъиял минабахъ тIоритIизе гьечIила, шагьаралъул бокьараб кафеялда данделъани бищунго лъикI букIинилан абураб пикру загьир гьабуна МухIамадовас. Гьелда тIад цойгидалги рекъана. ХIасил-калам, гьеб клуб щиб гьабизе гIуцIулеб бугеб, кинал суалал гьенир рорхизе ругелали бицунаго, Тамерлан МухIамадовас гьадин абуна:

Тамерлан МухIамадов: «Клубалъул данделъабазда рорхизе ккола республикаялда ругел аслиял лъугьа-бахъиназда хурхарал суалал. Щибаб лъугьа-бахъиналъ цо кинаб букIаниги проблема тIатинабула, гьеб къватIибе реххичIого хутIуларо. Клубалъул гIахьалчагIазда цебе чIчIараб масъала буго гьеб проблема тIубаялъе нух балагьи ва гьеб тIокIалъ такрарлъичIого букIиналъе хIалтIи кин гIуцIилебали бицине.

Ай, республикаялда бокьараб рахъалда бугеб кризис тIагIинабизе щиб гьабизе кколебилан абураб суалалда хурхун жидерго пикраби загьир гьаризе ккола клубалъул гIахьалчагIаз. Ахирал моцIазда республикаялда цо щибго гуреб жоялдасан кутакаб проблемаги гьабун гьебги гIочIода чIван гIемер ахIи-хIур бахъинабуна цо-цо чагIаз. Гьезул кинал мурадал рукIаралали лъала киназдаго.

Гьеб кинабгоги хIалае ккун Дагъистаналъул тIалъиялда гьарчал речIчIана цо-цояз, тIалъи гьеб цо опозицияйилан абулеб халкъалъул кIал къазабизейилан лъугьун букIана. Гьеб гIала-гъважаялъул заманалда республика реххун тун букIана, жидерго хасал сиясатиял мурадал тIураялда хIалтIилел рукIана гьеб гъалмагъир багъаризабурал. Гьединаб ахIвал-хIал тIокIаб лъугьунареб хIал кин гьабилебали ургъизе ккола клубалъул гIахьалчагIи».

Дагъистаналъул бетIерасул администрациялъул аналитикаялъул ва информациялъул бутIаялъул нухмалъулев Зубайру Зубайруевас абуна гьеб клубалъул хIалтIулъ чара гьечIого экперталги рукIине кколилан. Гьесул пикруялда рекъон гаргадулел чагIи гIемерлъун пайда бугеб информация кьун бажарулел чагIи дагьлъун рукIиналъулъ буго Дагъистаналда лъугьун бугеб хIалуцараб ахIвал-хIал роцIцIинабиялъе бищун кIудияб квалквал.

Зубайру Зубайруев: «Жидерго пикраби ругел гIадамалги, жамгIиял рагъа-рашариялги, разигьечIолъиги гIезегIан буго республикаялда, амма гьездаги, гьез рорхулел киналго проблемаби тIуралеб, тIалъиялдаги гьоркьоб хасаб цIалкIу къваригIун буго. Гьеб цIалкIулъунги гьел проблемабиги лъалел, кьучIаб лъайги бугел, гьел захIмалъаби тIуразаризе щиб гьабизе кколебалиги бичIчIулел экспертал хIажат руго цIакъ.

Гьел экспертаз проблемаби рорхулел гIадамазда бичIчIизабизе ккола нужеца цIакъ кIвар бугеб суалги борхулеб бугин, амма гьеб тIубаялъе нужеца бихьизабулеб бугеб нухдасан гьабсагIат рилълъун бажаруларин, гьелъие я гIарцулаб, я административияб ресги гьечIилан. СанагIалъи ккарабго гьеб ресги букIинабилилан. ТIалъиялдаги халкъалдаги гьоркьоб лъикIаб рахъалъ гьоркьохъанлъи гьабизе ккола гьез. КигIан захIматго букIаниги дица абизе кколеб буго, гьаб сагIат журналистаздаги республикаялъул тIалъиялдаги гьоркьоб лъикIал гьоркьолъаби гьечIо. Гьелъ бищун цебе республикаялъул имидж хвезабулеб буго».

Гьеб клуб гIуцIиялда тIасан жидерго пикраби рицунаго цо-цо журналистаз абулеб букIана гьенире гъорлъе чара гьечIого гIолохъанал журналисталги, жигарал жидерго пикруги бугел гIолилалги ахIизе кколилан. Журналист Алик ГIабдулхIамидовасги гьеб пикруялъул рахъккуна ва абуна гьеб клубалъул хIалтIиялдалъун Дагъистаналда журналистасул пишаялъул къимат бахинабизе кколилан. Гьаб сагIат журналистазул къимат цIакъ гIодобегIан ккун бугила, гьеб хвеялъе гIайиб жалго гьездаги бугилан.

Амма гIадамазул ботIролъ журналистал цохIо гьерсал хъвалел яги гIарцIухъ бокьараб иш гьабулел чагIи ругин абураб пикру лъикIаб рахъалде хисизабиялъе кIудияб хIаракат бахъизе кколин гьеб клубалъул гIахьалчагIазилан лъазабуна ГIабдулхIамидовас.

XS
SM
MD
LG