МагъчIваялъе рес

15 мухъалъул токалъул идараялъул бетIер хIалтIудаса вахъана


Россиялда электроэнергия хIажаталъубе щвезабулеб «Россети» энергокомпаниялъул нухмалъулев Олег Бударгиница 27 маялда МахIачхъалаялда тIобитIараб данделъиялда лъазабуна Дагъистаналда токалъухъ гIарац бакIариялъул хIалтIи цIакъ нахъе ккун бугилан.

Интернет-мухъ

Гьелъул гIайиб бищун цебе мухъазул электроэнергиялъул идарабазул бутIрузда бугин лъазабуна гьес. Гьединго Бударгин цIакъ разигьечIого вугоан жидер компаниялъ кьураб цониги тIадкъайги тIубалеб гьечIила республикаялъул энергетиказилан.

Бищун цебе токалъул кваразда, трансформаторазда ва цойгидаб гIадамазухъе электроэнергия щвезабизе къваригIунеб сурсатазда авариял ккечIого рукIиналъе, хIинкъигьечIолъи чIчIезабиялъе, гIадада бухIулеб токалъул къадар дагьлъизабиялъе щибниги гьабун гьечIин абун ццин бахъун кIалъана гьев. Гьелда тIадеги «Россети» компаниялъ дагъистаниязе бичараб токалъухъ налъи дагьлъизабизеги хIалтIи гьабун гьечIин абуна Олег Бударгиница.

Гьес бицухъе исана соналда жаниб цо-цо республикаялъул мухъазда гIадада бухIулеб токалъул къадар дагьлъичIого гIемерго цIакъ цIикIкIун буго. Гьелъул гIайибги гьел энергокомпаниязул хIалтIухъабазда ва хас гьабун нухмалъиялда бугин лъазабуна Бударгиница.

ГIадамаз токалъухъ гIарац кьолеб бугила, амма гьеб гIарац букIине кколелъубе щолеб гьечIила. Токалъул идарабаз бикъулеб бугила гьеб, гьеб цIогь гьабурал тIатинаризе ва гьел букIине кколеб тамихIалде цIазе къуваталъул идарабаз хIалтIи гьабизе бугин лъазабуна гьес. Бищунго квешал хIалтIул хIасилал рихьизарурал 15 мухъазул токалъул идарабазул бутIрул хъулухъалдаса рахъана гьес.

Гьез нухмалъи гьабулел рукIарал идарабиги цойгидал мухъазул гьединалго идарабигун данде гьаруна. Цебе Дагъистаналда мухъазул электроэнергиялъул 38 идара букIун батани гьанже гьел 23 хутIана. Гьезул нухмалъулезда хадуб халкквезеги хасаб комиссия гIуцIизе бугила, щибаб моцIица гьез кьурал хIисабазухъ балагьун къотIизе бугила телищ гьев нухмалъулев жиндирго хIалтIуда яги теларищила.

Гьелда тIадеги Олег Бударгиница Дагъистаналъул токалъул идараялъул (Дагестанская сетевая компания) бетIер Михаил Гьашимовасда лъазабуна токалъухъ гIарац кьоларезе электроэнергия къотIейилан. Гьезулгун гара-чIвариял гьаризе яги гьеб ток къотIизехъин бугин абун гьезие лъикIаб хабар бицине лъугьунгейилан.

Исана апрелалда Дагъистанияз токалъухъ кьезе бугеб гIарцул къадар 17 миллиардгун бащадалдасаги цIикIкIун буго. Гьеб налъул кIиго миллиард гIадатиял гIадамаз кьезе кколеб буго. Бищун гIемер гьел налъулал руго МахIачхъалаялда, Хасавюрталда, Гъизилюрталда ва Бабаюрталда.

ЦохIо МахIачхъалалъ миллиардгун бащадаб кьезе кколеб буго энергокомпаниязе. Бищунго цIакъ токалъухъ гIарац кьезе гIедегIуларел чагIи кколел руго кафе-рестораназул, кIудиял тукабазул бетIергьаби. Гьезда гьоркьор пачалихъалъул ридарабиги камулел гьечIо. Масала, МахIачхъалаялда бугеб «Плаза» тукадул бетIергьанас токалъухъ кIиго миллионалдасаги цIикIкIун гIарац кьезе кколеб буго.

Ток къотIун сагIат иналде вачIанила гьев налъи бецIизе гьедин батулеб гIарац щибаб моцIица заманалда кьезе щайлила батулареб, берцинго абураб жо гIемерисезда бичIчIулеб гьечIин абулеб буго Дагестанскас сетевая компаниялъул налъаби ракIарулеб бутIаялъул нухмалъулев Зуркъанаев ГIарипица.

Гьесул рагIабазда рекъон ахираб заманалда гьедин токалъул компаниялъе кьезе гIемер налъи бугезухъа гIарац босизе унелъул гьезда цадахъ чанго полициялъул хIалтIухъангицин вукIунев вуго, щай гурелъул гьел налъулал гIарац кьеларин чIчIарал гIечIого, жидер хIалтIухъаби хIинкъизаризе, гьезде тIаделъизейиланцин лъугьун рукIунилан.

ГIарип Зуркъанаев: «Гьеб ток цойгидаб нилъее къваригIарабго гIадин бичун босизе кколеблъи бичIчIулеб гьечIо гIадамазда. БичIчIуларел чагIи токги гьечIого рукIайилан толел руго нижеца. Гурони бажарулеб хIал гьечIо. Россиялда бищун кIудияб токалъухъ налъи бугел регионазда гьоркьоб буго Дагъистан. Нилъер республикаялдаса чанго нухалъ кIудиял икълимазулгицин букIунаро гьанибгIан гIемер налъи.

Нижеца гьеб ток къотIилалде цебе чанцIулго абула гьел налъулазда гьеб къотIизехъин бугин, гIарац кьезе гIамал гьабейилан. Гьанже гьебщинаб хабар лъиениги бицине гьечIо. ГIарац кьечIони токги къотIизе буго, гьединги кьолеб гьечIони магъалаби ракIарулел ва цIех-рехалъул идараби рукIине руго гьелгун хIалтIи гьабулел».

XS
SM
MD
LG