МагъчIваялъе рес

НекIсияб Дербенталъул "некIсилъи" хвезабулеб буго


Дербенталъ 2000 сон бай кIодо гьабизе лъабго моцI хутIун буго. Шагьаралъул нухмалъиялъ лъазабулеб буго гьеб байрамалде Дербент цIакъ хIадурулеб бугила, къачIалеб бугила, гьенир шартIал чIезарулел ругилан. Амма «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда бакIалъул гIадамаз абуна шагьаралда киналгIаги хIалтIаби тIаса-масаго, тIалъиялда цебе хIисаб кьеялъе гIоло гьарулел ругилан. Дербенталъул тарихияб рахъ цIуниялъул ва гIадамазе санагIалъаби рукIинариялъул иш хIисабалдего босулеб гьечIилан.

Гьаб сагIат кIудияб дагIба унеб бугин абизе бегьула Дербенталъ 2000 сон баялъул хIурматалда тIобитIулеб байрамалде шагьар къачIалездаги, бакIалъул гIадамаздаги, шагьаралъул тарихияб рахъалда тIад ракIунтараздаги гьоркьоб. БакIалъул администрациялъ жидерго сайталда ва батIи-батIиял информалатаздасан тIибитIизабулеб буго шагьаралда хIалтIаби тIадран унел ругила, гьеб цIакъ лъикI къачIалеб бугин абурал баянал. Гьел баянал гьересиял ругин, гьарулелщинал хIалтIабиги рихьдаего гьарулел ругин, гьезие бакIалъул гIадамазулги, шагьаралъулги гьелъул некIсияб рахъ нахъе цIунун хутIиялъулги щибго ургъел гьечIин лъазабулеб буго гIадатиял гIадамаз.

Дербенталдаса маданиятлъазабулев, тарихбокьулев ва жамагIатчи Сеидов ХIасаница рикIкIунеб буго шагьар гьаб сагIат байрамалде хIадурунги гьечIила, гьарулел хIалтIабиги гьенир цIакъ чамгIалго унел ругилан. Гьел гьарулелъул тариххияб рахъ цIуниялде кIваркьунгутIиялъги рахIат хвезабун буго гьесул.

Сеидов ХIасан: «Дербенталъ 2000 сон тIубаялде шагьаралда разе ругин абурал бакIал раялъе кинаббукIаниги хIалтIи гьабун гьечIо жеги. Масала, азербайджаназул театр, олимпиялъулаб тIалабазде данде кколеб спортивияб кIалгIа, чанго батIиял цIиял ахал разе ругин лъазабун букIана, амма гьел проектазул цохIонигияб бан гьечIо. Жинда сверун гIемер ахIи бахъинабураб Низамил цIаралда бугеб паркалда хIалтIаби хIалицаго лъугIулел руго, амма ахIи бахъинабиялъе гIиллалъун ккараб гьенир ратарал некIсиял хабзалги, къадалги цойгидабги кIваралъ биххизабун буго экскаваторалги тIаде рачун.

Гьанибе добехун ракьги хъван тIад рекIинищ рекIинарищила лъаларел гъутIбиги чIун къачIанин гьеб ахилан хIисаб кьолеб буго гьенир хIалтIаби гьарулел рукIараз. Тарихиял бакIал къачIалел ругел куцалъул бицун бажарулареб хIал буго, тIадеги ралагьун гIодизе бегьила. Гьелдаго релълъараб буго къватIал къачIаялъул ишги. ТIун бахъиналде щущан инеб буго хъилги, ккун бахъиналде хъур-хъурун холеб буго кIватIахъ чIараб къоноги. Светофорал руго чанго бакIалда мекъи-мекъи лъун. Киналго хIалтIаби гIедегIалихъе гьарулел рукIараллъи бихьулеб буго».

Шималияб Кавказалъул федералияб окгругалда вугев Россиялъул президентасул вакил Сергей Меликовас чанцIулго ахIи бахъинабун букIана Дербенталъул нухмалъиялде гьез байрамалде шагьар къачIаялъул хIалтIи хашго гьабулеб букIиналда бан. Гьес бищунцIакъ лъазабун букIана гIадамазе гIумру гьабизе санагIалъи бугеб, киналго шартIал ругел шагьарлъун лъугьинабейин Дербентилан. Амма гьеб рахъ цебегогIадин гьаджеги цIакъго нахъеккараб хIалалда бугин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Дербенталдаса Тельман Таировас.

Тельман Таиров: «Шагьаралъул бищун кIудияб проблема буго лъим гьечIолъи. Лъим бачIунеб хIал гьабилин абулеб букIана цIакъ шагьаралда хIалтIаби байбихьулеб мехалдаго, амма жеги гьеб суал тIубан гьечIо. ТIубайги щакаб бугин гьебин абулеб буго гIадамазги, щай гурелъул гьеб лъим бачиналъе хIалтIаби байбихьунцин гьечIелъул жеги. Гьеб гурониги чорокаб лъим унеб системаги букIахъинго буго нижер, гьебги къачIазе кколаан, амма кIигойищ лъабгойищила 5 тIалаяб минаялъуб рогIралги хисун гьеб хIалтIиги гьоркьоб къотIизе тана. РукIарал басриял ахалги хвезарун руго, цIиялги жеги гьарун рахъун гьечIо. ГIадамал руссине бакIалгицин гьечIо. Ралъдал рагIаги букIахъинго буго щибниги хIалтIи гьабун гьечIо гьенибги. Бищунго квешаб хIалалда букIараб Советская къватIалдаги жеги кверцин хъван гьечIо, гьеб ккола аслиял къватIазул цояб. КъокъхIасил гьабсагIат шагьар бухъа-хъван буго, амма гьеб хутIараб къокъабго заманалда гьенир гьарулел хIалтIаби лъугIилин кколаро дида».

«БукIана гьадинаб шагьар»-илан абураб проекталда гъоркь Дербенталъул хIакъалъулъ макъалаби хъвалей журналист Анна ХIажиевалъ «Эркенлъи» радиоялъе бицана гьеб байрам шагьаралъул тарихалъе цIакъ хираго чIезехъин бугилан. Байрамалде хIадурулаго гьарулел ругел хIалтIабазги къачIа-кIатIаязги Дербенталъул тарихалда тIад лал тIамулеб бугилан.

Анна ХIажиева: «Гьаб сагIат гьеб шагьаралда гIалхулаз гIадаб жо гьабулеб буго гьеб къачIалел ругин абулел гIадамаз. Жидеца гьабулеб жоялъул пикру гьабулев чи гьечIо гьенив. Нус-нус санал рарал минаби гьанжесел къагIидабаз къачIалел руго. Пикру гьабеха 200 сон бараб минаялда гьенир рукIарал цIулал церегосел гордалги рахъун гIазухъахIал макърал гордал лъолел руго. Гьелдаго цебе бугеб гьеб мина балеб мехалдаго гьабун букIараб ганчIил болъоялда тIад кафель ккун буго. Гьелдасаги цIакъаб буго цойги мисал. Аза-азар сон бараб Нарын-хъала къачIалебин абун гьенир тIад къадал гьару руго гьоркьобе цементги тIун. Гьебги бахчун яги цебесеб къагIидаялда релълъинабун гьечIо. ГIемер бадирчIваял щвеялъ ратилаха хадуб гьеб цементалъул цIахIилал мухъал рахчизелъун тIад бахун буго тIогьилаб краска. Гьелда релълъараб буго хутIанщинабги. Дица гьел хIалтIаби гьарулел чагIазда абуна гьеб нужеца гьабулеб жо бугин Рималъул Колизеялъул биххараб бакIалда цIиял къадал рай гIадинаб магIна гьечIеб ишилан. Гьедиго дица гьезда абуна чанги тушбабазда босизе бахъизе, биххизабизе кIвечIеб Дербент, нужеца жанисанго биххизабунилан».

Дербенталъ 2000 сон баялъул байрамалъул хIадурлъи гьабулеб гIуцIиялъул нухмалъулев хисулев МухIамадгIали Курабековас «Эркенлъи» радиоялъе бицана байрамалде гьарулел хIалтIаби 80 проценталъ лъугIун ругила. ГIарац гIунгутIиялъ ,хIисабалде росун рукIанщинал бакIал ран бажарулеб гьечIилан. Гьединго гьес бицана Дербенталъул нухмалъиялде данде чIараз ургъунго интернеталдасан гьереси харбал тIиритIизарулел ругила хIадурлъиялъул иш хашаб хIалалъ гьабулеб бугин абун.

МухIамадгIали Курабеков: «Цебе букIараб хIал хутIизе букIине къватIахъ кколеб буго дербенталъул гамачI, чанги гIасрабаз цебеги гьебго ккун букIана гьаниб гIодоб. Бажарараб хIалалъ некIсияб къагIидаялда релълъинарун къачIалел руго тарихиял бакIалги. Кинабго жоялда хадур халкквезе нижерги хIалкIолеб гьечIо щай гурелъул гьаб сагIат гьел хIалтIаби гьаризе тIаде росун хIалтIилел руго 20ялдаса цIикIкIун идара. Гьезулги гъалатIал камулел ратиларо. Разе ракIалда рукIарал цо-цо объектал рачIого хутIана щай гурелъул Азербайджаналъ абун букIана жидеца Дербенталъе сайгъат гьарун разе ругин гьел бакIалги, ХIайдар ГIалиевасул къватIги къачIазе бугилан. Гьез гIарацги бачIинчIо, гьел бакIал разе нижее тIаде гIарацги биччачIо нилъер бюджеталдасан. Дербент юбилеялде хIадурун гьечIин, хIалтIаби квешаб хIалалъ унел ругин абурал харбалги шагьаралъул нухмалъи дандекколарез ургъунго тIоритIизарулел руго. Гьаб сагIаталда дида абизе кIола киналго хIалтIаби байраб кIодо гьабилалда цебе лъугIулеб хIалалъ гьарулел руго».

Дербенталъул 2000 азарго сон тIубай кIодо гьабизе буго исана 15 сентябралда. ХIукуматалъул бюджеталдасан гьелъие биччан буго кIиго миллиардгIан гъурущ.

XS
SM
MD
LG