МагъчIваялъе рес

Дербент мухъалъул вукIарав бетIер виччан вуго


Жиндирго хъулухъалдаса букIине кколелдаса цIикIкIун пайда босиялъул гIайибги гIунтIизабун рокъов туснахъ гьавун вукIарав Дербент мухъалъул вукIарав бетIер Къурбанов Къурбан гъоркьлъалие гIарацги кьун къватIиве виччан вуго. Къурбановасул адвокатаз лъазабулеб буго гьеб иш къануналда рекъон тIубазе квалквалал гьарулел ругин республикаялъул тIалъиялъилан.

2 декабралда лъугIизе кколаан Дербент мухъалъул вукIарав бетIер Къурбанов Къурбан диваналъул хIукмуялда рекъон рокъов туснахъ гьавиялъул болжал. Гьев 3 октябралда МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул диванханаялъ кIиго моцIица рокъов туснахъ гьавизе хIукму къотIун букIана. Гьедин талат къоялъ гьебго диваналда тIобитIараб халгьабиялда диванчияс Къурбанов гъоркьлъалие гIарацги кьун эркен гьавизе хIукму къотIанилан бицана «Экренлъи» радиоялъе Къурбанов Къурбанил адвокат Ширинов Асланица.

Ширинов Аслан: «Советский мухъалъул диваналъ 500 азарго гъурущги гъоркьлъалие тун рокъов туснахъалдаса эркен гьавуна диваналъ Къурбанов Къурбан. ЦIех-рехалъул идарабазени гьев рокъов туснахъгьавунго вукIине къаригIун букIана, гьедин дагьабги мехалъ гьедин тейин Къурбановин абун тIалабги гьабулеб букIана цIех-рехчагIаз, амма диваналъ гьаб нухалда нижер рахъккуна. Дицани гьеб гъоркьлъалие гIарацги течIого гьадинго эркен гьавейилан тIалаб гьабулеб букIана, гьев чи такъсирчи гурелъул. Гьесие тIуризе къваригIун букIарабани бокьараб мехалда гьаниса ине рес букIана гьесул, амма гьев кивениги инчIо, инеги унаро. ТIуризе ккани гьесда бугеб гIайибго гьечIелъул, гьаваялдаса росун гIайибалги гIунтIизарун гьеб ишалъул шоу гьабулел руго республикаялъул тIалъи. БукIине кколедухъ цIех-рех гьабун букIарабани I къоялда жаниб Къурбановасда гIайиб гьечIолъи чIезабун бажарулаан, амма гьеб гьабулеб гьечIо. Гьаб сагIат цIех-рех унебцин гьечIин абизе бегьула, гьеб кIваралъ цIа-цIазабулеб буго».

Гьединго Асланица «Эркенлъи» радиоялъе бицана Дагъистаналъул арбитражалъулаб диваналъги цIех-рехчагIазул ва республикаялъул тIалъиялъул рахъккун бугила, жиндица гьаруралщинал тIалабалги нахъчIвалел ругила гьеб диваналъилан.

РакIалде щвезабилин Дагъистаналъул арбитражалъулаб диванханаялда халгьабулеб буго Къурбан Къурбановас Республикаялъул мал-мулкалъул министерлъиялде данде кьураб гIарзалъул. Гьеб министерлъиялъ лъазабулеб буго 2009-2013 соназда Къурбан Къурбановас Дербент мухъалъул гIадамазе рикьарал «Хазарский» абураб бакIалъул ракьал гьеб мухъалъул гурел, республикаялъул кIваралъул ракьал кколаанила, Къурбановасул гьел рикьизе кинабгIаги ихтияр букIинчIилан. Къурбановас ва гьесул рахъккураз лъазабулеб буго гьел ракьал кидаго гьеб мухъалда бугеб Карл Марксил цIаралда бугеб совхозалъул ракьал рукIанин, гьеб Дербент мухъалде гьоркьобеги унилан. Киданиги гьел ракьал мухъалъулалъул кколарилан дагIба балев чиги вукIинчIила, гьанже Къурбанов хъулухъалдаса вахъизе къваригIараб мехалда багьаналъун ккунила гьез ракьалилан.

Аслан Ширинов: «Нижеца тIалаб гьабулеб букIана гьел ракьал лъил кколелали чIезабулеб хасаб экспертиза гьабеян. Гьеб экспертизаялъ чIезабизе кколаан гьел ракьал Дагъистаналъул тIалъиялъул ракьал гурелъи, амма чанцIул тIалаб гьабуниги гьеб экспертиза тIобитIизе разилъи кьечIо арбитражалъулаб диваналъ. Гьездаги киназдагоги бичIчIула гьеб гьабуни экспертизаялъ бащадаб сагIаталда жаниб чIезабула гьеб ракьул унго-унгояб хIакъикъат. Гьединлъидал щиб багьана батунги нижер гьел тIалабал нахъчIвалел руго диваналъ. Гьезда лъала нижер тIалабазда рекъон экспертизаби тIоритIани гьеб иш къазе кколеблъи. Гьединлъидал кIванагIан цIа-цIан жидеего нухал ралагьизе хIаракат бахъулел руго гьел».

3 декабралда Дагъистаналъул арбиражалъулаб диваналда тIобитIана Къурбановас Дагъистаналъул мал-мулкалъул министерлъиялде данде кьураб гIарзалда рекъон гьабулеб диваналъул иргадулаб данделъи. Гьеб халгьаби гIемер халат бахъинчIо, щай гурелъул гьеб ишалъул бащадал документал ва баянал Дагъистаналъул Арбитражалъулаб диваналда тIад бугеб Ессентуккиялъул арбитражалъулаб диваналде ун рукIин. Гьеб гьенире иналъе гIиллалъун ккун буго Дербент мухъалъул депутатазул мажлисалъ Къурбановасухъаго гIадин жидехъаги босейин мал-мулкалъул министерлъиялде данде хъвараб гIарзайин тIалаб гьаби. ЦебегIан букIараб данделъиялда республикаялъул арбитражалъулаб диваналъ гьеб депутатазул тIалаб нахъчIван букIана, гьелда разилъичIого тIадегIанаб диваналде гьеб хIукмуялда тIасан гIарз хъван буго гьез. Ессентукиялда гьеб гIарзалъул хал гьабун бахъинегIан ва гьениса гьеб ишалда хурхарал киналго документал нахъруссинегIан халгьаби нахъбахъана. Иргадулаб халгьаби тIобитIизе буго 26 декабралда.

XS
SM
MD
LG