МагъчIваялъе рес

Явнус Джамбалев: «ХIал гьабун армиялде щивниги витIизе гьечIо»


ТIоцебесеб апрелалдаса байбихьун Россиялда унеб буго армиялде гIолохъаби ахIиялъул тадбир. Исана ихдал Дагъистаналда армиялде ахIулел гIолохъабазул къадар цIикIкIинабун бугилан абулеб буго республикаялъул рагъулав комиссар Даитбег Мустафаевас.

Аслияб куцалда тIадчIей гьабулеб бугин цIикIкIараб ригьалъул, гьединго кинаб бугониги махщалие куцарал гIолохъабаздаян абулеб буго МахIачхъалаялъул, армиялде гIолохъаби ахIиялъул бутIаялъул нухмалъулес. Щай гьединаб масъала гьез цебе лъун бугеб ва гьел гурел цогидал суалазда тIасан гьесулгун гара-чIвари гьабуна нижер мухбирас.

Исана ихдал Дагъистаналдаса армиялде ине вуго 1790 чи. 2015 соналъул ихдал армиялде ахIарал гIолохъабазде дандеккун гьеб къадар щунусго чияс цIикIкIун бугилан абулеб буго Дагъистаналъул рагъулав комиссар Даитбег Мустафаевас. Гьев 1790 чиясдаса гьоркьоса 300 чияс хъулухъ тIубазе рагIула жанисел ишазул аскаразда, хутIарал Улка цIуниялъул министерлъиялъул цогидал рагъулал бутIабазде ритIизе ругилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Джамбалаев Явнусица. Гьев ккола МахIачхъалаялда бугеб, армиялде гIолохъаби ахIулеб бутIаялъул нухмалъулев Хъулухъ тIубалеб бакIалъул география кIудияб бугин, Дальний Востокалдаса Калининградалде щвезегIан. Гьес бицухъе аслияб куцалда армиялде ритIизе рагIула тIадегIанаб цIалул идараги лъугIарал, гьединго кинаб букIаниги махщалиеги куцарал гIолохъаби. Гьел ритIун хадур гурони 18 сон баразде ирга гьечIин абулеб буго Явнус Джамбалевас.

Явнус Джамбалаев: «ЦохIо тIадегIанаб цIалул идара лъугIарал ва автомобиль бачине махщел щварал гурелги нижеца гьединго ритIула жидеего бокьун армиялде ине разилъаралги чагIи. Асялиб куцалда 1990-1996 соналде щвезегIан гьарурал гIолохъаби ахIизе руго хъулухъ тIубазе. Гьел лъугIун хадур гурони 18 сон баразде ирга щвезе гьечIо. Гурони нужецаго хIисаб гьабеха щиб гьабизе бугев гьанжего гьанже балугълъарав гIолилас армиялда? Щибниги махщелги гьечIого, я тIадегIанаб лъайги щвечIого лъие гьев армиялде къваригIарав? Гьанже армияги батIияб буго, масъалабиги батIиял руго, щибав хъулухъ тIубалесдаса тIалаб гьабулеб жалги батIиял руго. Гьединлъидал хIукму буго тIоцебесеб иргаялда циIкIараб ригьалъул гIолилал гурони ватIаналда цебе хъулухъ тIубазе ахIунгутIизе. Гьеб тIалаб гьабулеб Улка цIуниялъул министерлъиялъги».

Цере ахIулел рукIана гурищин гIолохъаби 18 сон тIубарабго гьезул кинаб махщел бугебан цIехечIогоян гьикъидал гьес абуна цебе армияги кIудияб букIанин 3 миллион чияс хъулухъ гьабулеб, гьанже гьединаб кIудияб армия гьечIеб мехалъ армиялде ахIулездехун тIалабги батIияб бугин.

Гьединабго тIалаб хадусел соназдаги букIине бугин абулеб буго Джамбалаев Явнусица гьесул рагIабазда рекъон хIал гьабун щивниги армиялде витIизе рагIуларо. Нижеца гьединго гьикъана армиялде ахIулезда гьоркьор ругищ хъулухъ тIубазе инкар гьабун рахчарулел ругел гIолохъабиян. Гьединазул къадар кIудияб гьечIин абулеб буго армиялде гIолохъаби ахIулеб бутIаялъул нухмалъулес.

Явнус Джамбалев: «Бищун ратани тIубараб республикаялда гьезул ратила 2000 гIанасев чи. Гьел ккола нижеца армиялде ахIиялъул кагъат жидехъе щвезабизе рес гьечIел чагIи. ГIумру гьабиялъул хъвай-хъвагIаялда рекъон хал гьабурабго гьенир ратичIел чагIи руго гьел. Рахучулел рукIаян абеха. Армиялде ахIиялъул ригь тIаса ун хадуб гьезие рагъулаб билет щвезе гьечIо, гьезие кьезе буго, 27 сон тIубан хадуб кьолеб тIамач».

Исана Россиялъул армиялде ахIизе вуго кинавниги 156 азарго гIолилав. 2015 соналъул ихдал ахIун вукIун вуго 150 азарго чи. Араб соналъул хасалихъе армиялде ахIаразул къадар цIакъго дагьаб букIанилан хъвалеб буго информалатаз, 135 850 чи гурони ун гьечIо тIадаб хъулухъ тIубазе. Гьединго исана тIоцебе Россиялъул армиялда хъулухъ гьабулезул кьерулъе лъугьине руго Крымалдасагун Севостополалдаса гIолилалги. Хъулухъ тIубазе бокьаразул къадар цIакъго кIудияб бугин абулеб буго регионалъул, армиялде гIолохъаби ахIиялъул бутIаялда хIалтIулез. Амма исана тIасарищизе ругин щулияб сахлъи бугел гIолилал. Гьедин Крымалдасагун Севостополалдаса исана ихдал Россиялъул армиялде ахIизе вуго 500 чи.

Дагъистаналдаса армиялде унезул тIоцебесеб къукъа къватIибе бахъине буго 18 апрелалда.

XS
SM
MD
LG