МагъчIваялъе рес

Чернобылалъул дандерижи лъеберго соналъги буго багъулеб


26 апрелалда 30 сон тIубала Чернобылалъул Атомалъулаб электростанция кьвагьаралдаса. Гьеб къо ракIалде щвезабун митинг тIобитIана гьеб къоялъ МахIачхъалаялдаги. Дагъистаналъул Чернобылалъулазда гъорлъ жакъа дагьал гьечIо хIукуматалъул рахъалдаса щибниги кумек щвечIел чагIи. ХIатта гьел лъугьа-бахъиназул гIахьалчи кколилан абураб документ кьезецин инкар гьабулеб буго гьезул цо-цоязе.

​1986 соналъул апрелалдаса байбихьун Чернобылалъул атомалъулаб элкетростанция кьвагьиялъ гьабураб зарал нахъчIвазе, батIи-батIиял соназда гьениб гIахьаллъи гьабун буго Совет хIукуматалдаса 600 азараго чияс. Гьезул 300 азарго гIанасев чи ккола жакъасеб Россиялда гIумру гьабун ругел гIадамал. Гьезда гьоркьоса кIиазарго чи вукIун вуго Дагъистаналдаса. Гьезул нусгоялдасаги цIикIкIун чияс гIахьаллъи гьабуна 26 апрелалда МахIачхъалалда, Чернобылалъул гIахьалчагIи ракIалде щвезавизе лъураб мемориалалда цебе тIобитараб митингалда. Гьел киназего жидеца кIварабгIан къадаралда кумек гьабулин кIалъалел рукIана гьенир республикаялъул нухмалъиялъулги, гьединго тахшагьаралъул администрациялъулги вакизаби. Гьезул чангиязе жанир рукIине рукъзалги, кьунин жидеца, санайил санаториялдегун курораталде сахлъи щула гьабизеги ритIулин, цогидалги социалиял бигьалъабиги чIезарулин. Жалго чернобылалъулазги абулеб бугоан рази ругин жал хIукуматалъ гьабулеб тIалаб-агъазалдасаян. Амма киназулго гуро гьединаб разилъи бугеб. Мисалалъе босани, жакъа жидер чанги чи вугин Чернобылалъул гIахьалчи вугин вугин абураб документ кьезе хIукмуталъ инкар гьабуралгиян абуна «Эркенлъи» радиоялъе, Чернобылалда кьвагьи ккраб мехалъ гьенире хIалтIизе ритIарал дагъистаниязул цояв Дадаев Дадаца.

Дадаев Дада: «Диегоцин гьеб документ кьеларилан чIун рукIана гьел, гIарац кьейилан. Кьелин, кьелин гьездаги абун хадуб босана дица гьеб. 54 къо бана дица доб мехалъ Чернобылалда, сордо-къоялъ чIечIого хIалтIулаан.Нижее щвезе кколел льготабазул доб мехалъ хабарги букIинчIо».

ЭР: «Дуца абулел ругел гьел, чернобылалъул гIахьалчагIи ругилан абун документ кьезе инкар гьабурал чагIазе, гьелдаго рекъон пачалихъалдаса щибниги кумекги щолеб батилароха?».

Дадаев Дада: «ГьечIо. Кинаб кумекха гьезие щвелеб? Сакъатлъи чIезабулеб мехалъги киназего гIаммаб къагIидаялъ гьабуна гьезие гьеб. Гьеб чIезабизеги Ростовалде ине кколел рукIана, чIезабуралъухъ 10 000 доллар тIалаб гьабулеб букIана. ГIарац гьечIони дуего хобги бухъун гьенив вегани гурони, тIокIаб дуе щибниги щвезе жо гьечIо.

Гьаз гьанир бицунел ругел 2000 гIанасев чернобылалъулазда гьоркьор бищун дагьалдаса 35 % гIадамазул руго гьересиял документалги гьарун гьеб цIар жидеего балагьарал. Дидасаги цере рукъзалги щвана гьезие, цогидал, пачалихъалъул рахъалдаса чIезарурал бигьалъабиги щвана».

Чернобылалъул гIахьалчи вугилан рикIкIине пачалихъалъ инкар гьабурал гIадамазул цонигиял 26 апрелалда МахIачхъалаялда букIараб данделъиялде рачIун рукIинчIо.

Дадаев Дадаца бицараб «Эркенлъи» радиоялъе тасдикъ гьабуна Шамил мухъалъул ЦIекIоб росулъа МуртазагIалиев ГIабдулацаги. 1987 соналъ Чернобылалъул балагь нахъчIвазе витIун арав гьесие гьелдаса нахъе хIукуматалъул рахъалдаса щибниги кумек щун гьечIо.

МуртазагIалиев ГIабдула: «Жакъа Чернобылалъул гIахьалчагIазда гьоркьоб бугеб рахIмугьечIолъиялъул бицине лъугьани гIемераб хабар буго, авалалдаса бахъараб ахиралде щвезегIан бицине кколеб. Жакъа нижер цоял руго чедги лъимги кванан, цоял абуни чедги нахги, тIаде ччугIил икрагицин кваназе щун кепалда. Къанун абуни киназего цо букIана, гьеб хадуб хисана.

Жакъа Дадаца абулеб жо битIараб буго. Рукъалъул суалалъул рахъалъги, цогидалги бигьалъаби щвезе иргаялда чIун вукIарав дунги живго тун, дидасаги чанги нахъегIан рукIарал руго жакъа гьересидокументалги гьарун лъикIаб гIумруялда, гьезда абуни Чернобыль бихьизецин бихьичIо. Дирго суал тIубазе кивениги щвани, аниса дове, доваса гъове векерахъдизавула дун.

ЭР: «Чернобылалъул гIахьалчи хIисабалда пачалихъалъул рахъалъ дуе щвечIого хутIараб кумек бугищ?».

ГIабдула: «Чанги буго. Социалияб рахъалъ цIуна-къаялъул рахъалъ щибниги кумек гьечIо. Пенсия бищунго гIодобегIанаб буго дие чIезабун. Сахлъи щулагьабиялъул мурадалда кьолеб букIараб квен-тIехалъулги дида щибниги бихьичIо. Диваналъ хIукмуги гьабун нижее чIезабураб гIарацги дие щвечIо.

ЭР: «Нужее кьезе кколеб букIараб рукъ щванищ дуе?».

ГIабдула: «ЩвечIо. 1996 соналдаса нахъе иргаялда чIун вукIана дун гьеб щвеялъе. Нижер Гъизилюрт шагьаралда анкьго чиясе щваан гьеб, дун абуни 1997 соналъ сияхIалдаса тIагIун ватана. Гьелдаса нахъе чан нухалъ къасд гьабуниги гьеб сияхI цIигьабизе щвечIо, документалги тIагIун руго гьелъул. Гьанже иргаялда чIеялъул рахъалъ сияхI цIигьабизе ракIалда буго диваналде гIарзаги хъван».

26 апрелалалда МахIачхъалаялда букIараб митингалда, Чернобылалъул лъугьа-бахъиназда гIахьаллъи гьабурал цо-цоязе шапакъатал кьолел рукIана. Амма къануналда рекъон жинде кьезе кколеб «Бихьинчилъиялъул» абураб орден кьезе инкар гьабулеб бугин жиндеян бицана «Эркенлъи радиоялъе Абучев ГIабдулжанатица. Чернобылалде чанго нухалъ гьабураб сапаралда рекъон кьезе кколеб шапакъат букIун буго гьесул гьеб. Амма гьелъул бицен гьес гьабидал гьелъие хасаб хIукму къваригIунилан багьанабиги ратун нахъчIван вуго гьев

Чернобылалда атомалъулаб электростанция кьвагьидал ккараб зарал нахъчIвазе, батIи-батIиял соназда гьенире хIалтIизе ритIун арал кIиазарго гIанасел дагъистаниязда гьоркьор жакъа 1300 чи вуго сахлъиялъе сакъат ккарал.

XS
SM
MD
LG