МагъчIваялъе рес

Буйнахъскалъул мэрлъун вищана Закарья ГIамиров


Итни къоялъ Буйнахъскалъул мэрасул рищиял тIоритIана. Шагьаралъул мажлисалъул 21 депутатасда гьоркьоса 14- яс гьаракьги кьун Буйнахъскалъул бетIерлъун вахъана Дагъистаналъул таможнялъул нухмалъулевлъун вукIарав ГIамиров Закарья.

Гьеб къоялъ Буйнахъскалда мэрасул рищиял гурел кутакаб хасаб операция тIобитIулеб гIадаб ахIвал-хIал букIана шагьаралда. Гьенире жанире-къватIире унел нухазда полициялъул хасал къокъабиги, рагъулаб техникаги чIчIун букIана, аслияб майданалде рачIунел киналго нухал къан рукIана, майданги сверун ккун букIана низам цIунулез.

Гьелда тIадеги шагьаралъул администрациялъул минаялъуре мажлисалъул депутатал гурел тIокIав чиги виччалев вукIинчIо кIалтIа чIчIарал къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз. «Черновик» газеталъул ва «Эркенлъи» радиоялъул журналисталги гьел рищиязде риччачIо, мэриялъул минаялде жанирецин къазе течIо гьез. ГIамиров Закарьяца журналистал риччагейилан лъазабун бугин абурал баянал щвана хадурккун.

Кинабго информация щолеб букIана цоцада хадур цоял гьарун мэриялъуса къватIире рачIунел лъабиде бикьараб мажлисалъул депутатаздасан. РакIалде щвезабилин ГIусманов ГIусманил рахъалда рукIарал ветераназул партиялъул депутатазул цIикIкIунисеб къадар ГIамировасул рахъалде ана, хутIарал щугоял жеги ГIусмановасул рахъалда руго, гьединго Буйнахъскалъул вукIарав мэр ХIамзатов ХIусенил рахъалдаги рукIана депутатазул ункъго чи.

ТIоцеве журналисталгун дандчIвана «Единая Россия» партиялъул рахъалдасан шагьаралъул мажлисалъул депутатлъун вукIарав Валиев Зайирбег. Гьес лъазабуна къануналде дандекколаредухъ тIоритIулел гьел рищиязде данде протестги лъазабунин «Единая Россиялъул» депутатазилан.

Зайирбек Валиев: «Рищиялинги абун гьеб чорокаб, къануналде дандекколаредухъ тIоритIулеб ишалъулъ гIахьаллъи гьабизе инкар гьабулеб буго «Единая Россия» партиялъул рахъалдасан мажлисалда рукIарал ункъавго депутатас. Гьев ГIамиров Закарья хъулухъалде тIамиго къанун хвезабиялдасан байбихьун букIана. Буйнахъскалъул тIоцевесев мэрхисулесул ишал тIуразарулев вукIана Ильяс Мамаев, гьев мэрасул ишал тIуралевлъун вукIинчIо.

Гьединлъидал тIоцевесев мэрхисулевлъун ГIамиров восизе гьесул кинаб букIаниги ихтияр букIинчIо, гьеб жо къанун хвезаби буго. Гьелда тIадеги 18 январалда Буйнахъскалъул депутатазул мажлисалъ ХIамзатов жиндиего бокьун хъулухъалдаса ине вугин абун гьереси гIарзаги хIадурун, гьебги кьочIое босун мэрасул ишал тIуралевлъун вищана ГIамиров.

Гьеб гIарза гьереси документ букIин чIчIезабун буго экспертизаялъ. ХIамзатовас жинца гьеб гIарзаги хъван букIинчIин жив гьереси документалъул кьучIалда хIалтIудаса вахъизе хIалбихьанин депутатазиланги абун гьезда тIасан диваналде гIарза хъван букIана. 6 апрелалда иргадулаб диваналъул данделъи букIине ккола гьеб гIарзалда хурхун, гьениб экспертизаялъул хIасилазулги бицине буго.

Диваналъ гьел далил хIисабалда къабул гьаруни ГIамировасдаги гьесул къокъаялдаги гьереси документал гьариялухъ такъсиргьабиялъул иш рагьизе бегьула. Нижеца гьеб иш гьедин тезе гьечIо ритIухълъи чIезабизе буго диваналде гIарзалги хъван, ккани Москваялде щвезегIан ине руго».

ГIусманов ГIусманил рахъалда ругел ветераназул партиялъул щуго депутатасги нахъе кьун руго жидерго мандатал. Гьезги лъазабулеб буго гьел къанунги хвезабун тIоритIарал рищиял ругилан.

Ахиралда журналисталгун дандчIварав цеве ГIусмановасул рахъалдаги вукIун гьанже ГIамировасул рахъалде арав ветераназул партиялъул депутат Жанхаев Маратица лъазабуна «Единая Россиялъул» кIиго депутатас гурони мандатал нахъе кьечIилан.

Жанхаев Марат: «Валиев Зайирбегие жиндаго хадур цIцIазе къваригIун рукIана хутIарал «Единая Россия» партиялъул депутаталги. Гьевги гьесдаго цадахъ мандат нахъе кьурав ГIумаров Муслимги руго жидерго пикру гьечIел чагIи.

Гьез депутатлъиялдаса нахъе унел ругин абулел рукIарал Баталов АхIмадги, ХIусенов ГIабдулаги депутатлъиялдаса кирениги инчIо. Нижеда цере рихъун рана гьез жидерго гIарзал. Гьел руго битIараб нухда ругел жидерго пикруги бугел гIадамал».

«Эркенлъи» радиоялъухъе щварал баяназда рекъон цин Валиевасда хадур депутатлъиялдаса ине ругин хадубги ине гьечIин лъазабурал Баталовасдеги ХIусеновасдеги цIакъ кIудияб тIадецуй гьабун буго республикаялъул тIалъиялъ.

Буйнахъскалъул медицинаялъул колледжалъул нухмалъулев ХIусенов ГIабдулахъе Дагъистаналъул сахлъицIуниялъул министрги, республикаялъул тIалъиялдаса цойгидал гIадамалги кIалъан руго ГIамировасул рахъкквейилан тIалабги гьабун.

Баталов АхIмадил инсуде Буйнахъск мухъалдасан Халкъияб мажлисалде депутатлъун вачIине вугев Баталов Баталихъеги ахIун буго тIалъиялъ дуе гьел рищиязда гIахьаллъизе бокьун батани васасда ГIамировасул рахъкквейилан лъазабейин.

Буйнахъскалъул вукIарав мэр ХIамзатов ХIусеница «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда лъазабуна Закарья ГIамиров къанунги хвезабун, рейдеразулаб къагIидаялъ вахъанин мэрлъунилан.

ХIамзатов ХIусен: «Жакъа шагьаралъул администрациялда лъугьараб жо гьеб буго къануналде дандекколареб иш. Жакъа букIараб депутатазул мажлисалъул данделъиялъ гьабураб хIукмуги, вищарав мэрги кинабго къанунги хвезабун тIобитIана, гьединлъидал гьеб киналдаго хурхун къуваталъул идарабаздеги, диваналдеги гIарзалги хъвазе руго дица. Шагьаралъул мажлисалъул депутатаздеги, администрациялъул хIалтIухъабаздеги цIакъ кIудияб тIадецуй гьабулеб букIана ГIамировасул гIадамаз.

Гьез тIамуна администрациялъул хIалтIухъаби дица хъвазего хъвачIеб дун хIалтIудаса нахъе ине вугин абураб гIарзаги, гьелда хурхун гьабураб хIукмуги къватIибе кьезе. КъокъхIасил гьабсагIат шагьаралда буго гIорхъолъа араб ахIвал-хIал ва бацIцIун къанун хвезаби».

XS
SM
MD
LG