МагъчIваялъе рес

Щай "тIатинаруларел" кирпич биччалел "балъгоял" заводал?


БатIи-батIиял къиматазда рекъон, Дагъистаналда кирпич къотIулеб кIинусиялда хадуб завод рагIула. Гьел заводаз зарал ккезабулеб буго тIабигIатгун гIадамазе гуребги, экономикаялъеги. Щай гьел заводал къалел гьечIел ва кинан гьел хIалтIулел ругел?

ТIабигIиял сурсатазул ва экологиялъул министерлъиялул информациялда рекъон, исана гьез Дагъистаналда заманаялъ къана кирпич къотIулеб 76 завод. Гьеб идараялъ лъазабухъе, жакъа къоялда республикаялда кирпич гьабулеб 80 завод буго.

Министерлъиялъ заводал къана апрель щвезегIан, гьелдаса заводазе зарал кканилан абизе кIоларо, щайгурелъул заводал хIалтIизе байбихьулаан ихдалил заманалда. Жакъа къоялда киналго заводал хIалтIулел ругин, бицана «Эркенлъиялъе» жамгIиял гIуцIиязул вакилаз. Министерлъиялдани абуна заводазул хIалтIуда тIаса цIех-рех байбихьанин.

Гьеб идараялъ лъазабухъе, Дагъистаналда нормалияб къагIидаялъ, техникагун хIалтIулеб буго микьго завод, хутIаралщиназда хIалтIулел руго гIадамал. ТIадежоялъе гьел гIадамазе чIезарун ругел хIалтIул шартIазда тIаса чанги нухалда гIарзадун рукIана инсанасул ихтиярал цIунулел. Гьез абулаан кирпич къотIулел заводазда гIадамал лагъзал хIисабалда хIалтIизарулел ругин.

ГIемерисел заводал ратизе бегьула Каспийскалда гIагарда, Гъизилюрталда, Гъарабудахкент мухъалда ва Уйташ аэрпорталъул районалда аскIор. Мисалалъе, аэропорталда аскIор ругел заводаз экологиял такъсирал гьарулел ругин, хъван буго тIабигIат цIуниялъул прокуратураялъул пресс-релизалда. Прокуратураялъ гьеб мухъалда бугеб гьаваялъул хал-шал гьабуна. «Гьел мухъазда гIумру гьабулезул сахлъиялъе хIинкъи буго - гьава цIакъ хъубаб буго, раккизе бегьула батIи-батIиял унтаби», - илан бичIчIизабуна прокуратураялъ.

«Черновик» газеталъ хъвавухъе, кигIан завод Дагъистаналда бугебали мухIканлъи гьечIо. ТIабигIат цIуниялъул министерлъиялъул сияхIалда киналго заводал рехсон гьечIин, рикIкIунеб буго журналистаз. БатIи-батIиял къиматазда рекъон, республикаялда кирпич къотIулеб кIинусиялда хадуб завод рагIула.

Гьел заводаздаса зарал тIабигIатгун гIадамазе гуребги экономикаялъеги буго. Мисалалъе, республикаялда официалияб сияхIалда къого гурони завод батуларо, гьезда гъорлъан, юстициялъул министерлъиялъул информациялда рекъон, I4 заводалъ гурони магъало бюджеталде кьоларо.

ТIадежоялъе, экономист Михаил Чернышевас абухъе, гьел киналго заводал хIалтIула газалда ва гьеб газалъухъ гьез гIарацги кьоларо. ГIемерисел заводаздени газ бачIуна заводазул хважаинзабаз къануналда рекъечIого лъурал трубабаздаса.

ТIабигIат цIуниялъул министерлъиялда гьел хIужжабазул хIакъалъулъ жидеда лъалин абуна. Идараялъул вакил ГIумар ГIалиасхIабовасул рагIабазда рекъон, заводал тIуранго къазе министерлъиялъул ихтияр гьечIо, цо-кIиго моцIалъ къазе гурони. Амма гьеб министерлъиялъ заводал рагьиялъе лицензиял кьола. Ахирисел соназда жаниб кигIан лицензиял кьуралали министерлъиялда бицизе кIвечIо.

Заводазда ругел хIалтIул шартIазул гIемер бицунаан инсанасул ихтиярал цIунулез. «Альтернатива» багъа-бачариялъ чанги нухалда заводаздаса хвасар гьаруна хIалтIул лагълъиялда ругел гIадамал. Гьеб багъа-бачариялъул вакил Закир ИсмагIиловас бицухъе, гьезул информациялда рекъон, Дагъистаналда батизе бегьула кирпич къотIулеб щунусгоялдаса цIикIкIун завод.

Закир ИсмагIилов: «МахIачхъалаялъул, Каспийскалъул ва Гъарабудахкенталъул зонаялда къануназда рекъон хIалтIулеб буго гIицIго кIиго завод. ГIаммаб къагIидаялъ Дагъистаналда щунусго завод бугин абизе бегьула. Гьенир ругел хIалтIул шартIазул чанги нухалда бицун букIана. ХIалтIизе рачIарал гIадамалгун заводазул хважаинзабаз контрактал гьарулел руго. Гьез рекъон, гIарац хIалтIухъабазе щвезе рагIула хIалтIул сезон лъугьун хадуб. Апрель-май моцIаздаса байбихьараб хIалтIул сезон октябралъул ахир щвезегIан халатбахъунаан. Сезон хIехьезе кIолел чагIи къанагIат гурони ратуларо, амма цо-кIиго моцIалъ хIалтIарал чагIазе харж кьоларо заводазул хважаинзабаз, контракталда гьедин хъван букIичIиланги абун. Жалго контрактални къануназда рекъон гьарурал гьечIо, амма жидерго ихтиярал цIунизе хIадурарал гIадамалги ратуларо. Гьезда бихьулеб буго полициялъулалгун бухьенал ругеблъи заводазул хважаинзабазул, гьелдалъун гьел хIинкъулел руго полициялде ине. ХIалтIизе бокьичIезда хважаинзабаз абулеб буго бокьараб ункъго рахъалде айин, лъицаниги ккун гьечIин. Лагълъиялда гьел хIалтIухъаби ругин абизе мекъи буго, амма гьел хIалтIул лъаглъиялда руго».

Санаидаса санаиде информалатаз хъвалаан батIи-батIиял низам цIунулел идарабазул вакилаз кирпич къотIулел заводазул хIалтIул хал гьабунин, жалго заводазде рейдалгун анин. Цо-цо мехалда заводазул хважаинзаби жавабалде цIала, амма гьезие административиял гIакIкIаби гурони рихьизаруларо, гьелги - гьитIинал. ТIабигIат цIуниялъул прокуратураялъул буго изну пуланаб завод тIубанго къазе, амма тIубанго къараб цониги заводалъул хIакъалъулъ информация батичIо.

XS
SM
MD
LG