МагъчIваялъе рес

Канназул кинофестивалалде "гIунтIана" дагъистаниясул фильм


МахIамад Гъазиев кино бахъулеб бакIалда
МахIамад Гъазиев кино бахъулеб бакIалда

Гьал къоязда лъана Дагъистаналдаса кинорежисер МухIамад Казиевасул "Кровь" абураб фильм исана Франциялъул Канны шагьаралда тIобитIулеб халкъазда гьоркьосеб кинофестивалалда бихьизабизехъин букIин. Гьелде щвезегIан цониги Дагъистаналдаса режисерасул хIалтIи гьенинаб тIадегIанаб даражаялъул фестивалалда бихьизабун букIинчIо.

Канназул кинофестивалалде "гIунтIана" дагъистаниясул фильм
please wait

No media source currently available

0:00 0:04:41 0:00
Интернет-мухъ

ЦебегIан 23 сон барав гьев режисерас жиндирго эмен хъвадарухъан ва сценарист Шапи Казиевасул сценариялда рекъон Имам Шамилил хIакъалъул кIигониги документалияб фильмги бахъун букIана. Канныялда бихьизабизе бугеб гьеб фильм сундул хIакъалъулъ бугеб, гьединал фестивалазде фильмал кин ритIулеб, Дагъистаналда кинематография цебетIезе ккани щиб камун бугебали бицана МухIамад Казиевас «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда.

ЭР: МухIамад, сундул хIакъалъулъ бугеб дур гьеб «Би» йилан абураб фильм?

МухIамад Казиев: «ГIадатияб сюжеталда рекъон бахъараб фильм буго гьеб. Москваялда аскIоса гIебеде унеб автобусалда рекIун руго батIи-батIиб гIелалъул, миллатазул, ригьалъул гIадамал. Нухда унаго гьезда гьоркьоб миллатлъиялъул суалазе гIоло конфликт ккола. Масала, автобусалъур ругел гIурусалги гьенивго вугев Эфиопиялдаса васги дагIбадилел рукIуна Александ Пушкин лъил шагIир кколевин абун.

Пушкинил кIодоэмен эфиопиялъулав вукIин киназдаго лъалелъул. Гьедин щивас жидедехунг цIалев вукIуна гьев шагIир. Гьединал цойгидал суалалги рорхулел рукIуна гьез. ГIаммаб къагIидаялъ гьеб фильм гIадамазул лъикIлъиялъул хIакъалъулъ бугин абизе бегьула.

Гьениб бихьизабулеб буго тIаде балагьун гIадамал батIи-батIиял рукIаниги гIаммаб ишалъе гIоло, лъие букIаниги кумек гьабизе ккани гьел сундухъго балагьичIого цолъизе хIадурун рукIунеблъи. Гьеб автобусалъул мисалалда дунял ва хасгьабун Россия бихьизабулеб буго дица. Щай гурелъул нилъер улкаялда руго гIемер батIиял миллаталги, гьезул щибазул буго жидерго хаслъиги».

ЭР: «Мун москваялда гIурав чи вугелъидал гьеб миллатчилъиялъул проблемагун дандчIванищ мун ?

Казиев МухIамад: «Дие талихI кканин абизе бегьула, гьеб миллатчилъиялъул проблема дида дандчIвачIо. Гьеб проблема гьедин цIакъ бугин Россиялдайилан кколаро дида. Дир пикруялда рекъон гьеб кинабго пропагандаялъ багъаризабулеб буго. Масала, цониги батIи-батIиял миллатазул гIадамал гъорлъ ругеб такъсир кканани, хас гьабун гьезул миллаталде кIварги кьун, гьеб ишалда сверун ахIи-хIур бахъинабула.

Гьел миллаталъул гIадамаз лъикIал ишал гьаруни гьелде кIвар кьолев чи вукIунарин абизе бегьула. Масала, дагъистаналдаса спортсменаз бухIулеб трамваялъуса гIадамал хвасар гьариялъул хIужаялъул я телевидениялдасан бицинчIо, я гьелъул хIакъалъулъ журналистазги хъвачIо.

Амма цосина нилъерал кир рукIаниги рагъун ругони, яги гьез лъихъа букIаниги телефон бахъун бугони кIванагIан квешаб рахъалдеги цIцIан бихьизабула ва киса-кибего тIибитIизабула гьеб информация. Гьедин букIаниги дида гIумруялда жаниб миллатчагIи дандчIвачIо, пропагандаялъ щиб абуниги гIадамазул цоцазулгун лъикIал гьоркьоблъаби рукIуна. ЛъикIав чиясул миллат цIехоларелъул».

ЭР: «Лъил гIарцуде бахъараб фильм, гьеб ишалъе пачалихъалдасан кумек щвезе хIалбихьарабищ дуца?

МухIамад Казиев: «Дирго гIарацги хвезабун бахъана гьеб фильм. Гьеб букIана дир тIоцебесеб художественнияб фильм. Жиндица Канныялъул фестивалалде битIизе фильм бахъулеб бугин абун инвесторазде аскIове гIолохъанав режисер вачIараб мехалда гьезул божилъи букIунаро гьесда.

Хасго Россиялда къокъал фильмаз хайир кьоларин абизе бегьула. Бизнесменаз гIарац кьезе ккани гьезул ракIчIун букIине ккола фильм гIадамаз къабул гьабиялда. Гьанжеялдаса хадуб дие инвесторазухъа гIарац балагьизе бигьаяб букIуна, щай гурелъул дир фильм гьеб фестивалалда бихьизабуна ва гьелда сверун ахIи-хIурги бахъана.

Дир гьелда тIад хвараб гIарац нахъбуссинчIониги хадубккун букIине кколедухъ халатаб лъикIаб фильм бахъизе кумек щвезе бугин дие гьеб къокъаб фильм сабаблъунилан абизе бегьула. Дир анищ буго Дагъистаналъул хIакъалъулъ фильм бахъизе».

ЭР: Кин гьеб фестивалалда гIахьаллъи гьабун бажарулеб, кин гьенире фильмал ритIулеб?

МухIамад Казиев: «Исана гьеб бигьа гьабун буго фестиваль гIуцIараз. Цебе гьенире DVD дискалдаги рахъун ритIизе кколаан фильмал. Гьел гьенире щвелищ щвеларищалиги лъалароан. Гьанже интернеталдасан ритIизе бегьула гьел фильмал, гьединлъидал исана гIахьалчагIазул къадарги гIемерго цIикIкIун буго. Исана I0 азаргоялдасаги цIикIкIун чияс гIахьаллъи гьабуле буго гьениб.

ЭР: Дуца Дагъистаналъул хIакъалъулъ фильм бахъизе бокьун бугин абулеб буго, кинаб фильм букIине бугеб ?

МухIамад Казиев: «Дие Эмиль Кустурицал къагIидаялъ бахъизе бокьун буго Дагъистаналъул хIакъалъулъ фильм. ГIадамазул рекIее асар гьабуледухъ дагъистаниязул гIумру, гьезул пикраби, гьоркьолъаби рихьизаризе бокьун буго дие.

Дагъистаналъул кинематографалдехун кинаб бербагьи бугебилан цIехараб мехалда МухIамадица абуна республикаялда гIезегIан бажари бугел гIолохъаби ругила. Гьезул цо-цояз лъикIаб даражаялда анимацияги, къокъал фильмалги рахъулилан.

Дагъистаналдаги киса-кибего гIадин кинематограф цебетIезе ккани гIарац къваригIунила, гIолохъанал режисеразе гьеб гIарац балагьи кIудияб проблема бугилан. Кин букIаниги фильм бахъизе бищун цебе гъира букIине кколилан, гъира бугони дагьа-макъаб гIарацги тIадхвезабунги кино бахъун бажарулилан абуна режисерас.

XS
SM
MD
LG