МагъчIваялъе рес

Телефонги херавги


ЦIияб заманалъул технологияз кьурал нус-нус лъикIлъабазда цадехъ руго гIемерал санагIат гьечIел жалги. Лъалеб жо буго гьал цо телефоналгун интернет, социалияб гьинал абурал жал раккаралдаса къоно чIвана чIагояб каламалдеги, гIадамазул рукIарал хIакъикъиял гьоркьорлъабаздеги.

Телефонги херавги
please wait

No media source currently available

0:00 0:04:37 0:00
Интернет-мухъ

Цеве бусурманчи, магIарулав, Исламалъул нухги цIунун, умумузул гIадатги ккун иргадулаб рузман къоялъ сайигъат- саламгун цIикIкIарав, кIудияв гIагарав чи вихьизе, ялъуни эбел- инсухъе щвезе унев вукIун ватани, жакъа гьеб хисун буго ватцпалъул смайликалъ ва къватIул харбаздаса эркенлъарабго гьабулеб телефоналъул звонокалъ.

Доб цебесеб асарги, инсанлъиги, чияс чиясул гьабулеб къиматги къаникье анин абизе бегьула. ЦIияб заман ва цере тIурал технологиязул санагIалъаби руго нус-нус, амма гьел санагIалъабазда цадахъго хIакъикъияб рекIел асар ва инсанасул цоцадехун бугеб адаб чIванин абизе бегьула. ГIемераб интернеталъул рищни-къулалда жаниб батула гIезегIан пайдаяб, жакъасеб хIакъикъат бихьизабураб жоги. Гьелъие цо мисал.

Цо квачараб хасалил къоялъ телефонал къачIалеб мастерскаялде вачIун вуго хIалица вилълъунев херав чи. ТIуртIудулел квераца чвантинисаги бахъун бегьун буго телефон гьеб къачIалев гIолохъанчиясухъе.

- Гьалъие щиб, кIудияв?

- Гьеб хун бугин ккола, дир вас, валагье мун гьелда... ГIолохъанчи валагьула, свинабула ва тIад буссун бакула, кинабго жоялъул хал-шал гьабула, амма кинго бичIчIуларо щиб алъул бугебали. Ваккула "контакты" абун хъвараб бакIалде, номеразухъ валагьизе. Гьениб цохIо телефоналъул номер гурони батуларо.

- Гьаб 8928 ... номер лъил, кIудияв? - ин гьикъула гIолохъанчияс нахъойги.

- Дир васасул... АхIмад буго гьесул цIар, Россиялда вуго... - ян хIухьел хехлъун кIалъазе лъугьуна херав, гьесул беразулъ букIуна балъгояб хьул, щибдай бицинеб гьав чияс васасул хIакъалъулъ абун. ГIолохъанчияс трубка кьола тIад буссун ва абула:

-ХIалтIулеб буго... гьалъул гIунгутIи гьечIо... - ян. Херав таманаб заманалъ хутIула гьалгъан асухъ валагьун, кодоб телефонгун, я кквезе, я лъезе бакI лъаларого.

- Араб соналъ босана аб... жиндир номерги хъван букIана тIад ... - инги абун вуцIцIун чIола. Цинги жинца цо гIадамазда рагIизе кколареб жо абураблъиги бичIчIун, нечарав гIадинги лъугьун, къватIибе нух босула кIудияс. КъватIив гIазу балеб хасалил къоялъ таманав цо гъотIода гъоркь эхетун чIола гьев пикраххун. Сверухъ валагьула, гIадамазда бихьизе гурин нечон чвантиниб къазабураб телефон бахъула къватIиб, валагьула гьелъухъ ва кодоб свер-сведизабула. Босун аскIоб букIараб рищни-къулалъул ящикалъубе гьебги реххун, къватI чIван цевехун уна кIудияв. Щайха асие гьаб, лъицаниги ах1улареб?

Нилъеда гьаниб бихьулеб буго гьаб заманалъ инсанасул цоцадехун ругел гьоркьорлъаби ва рекIел асар цохIо загIип гьабун гуреб, тIубанго чIварал хIужабиги рукIин. Гьелдаса цояб буго тIадехун бачараб мисал. Чан батIиял гьел ратилел гьаб чин-хъулухъалъеги, боцIи-рикъзиялъе сужда гьабулеб гIаламалда гъорлъ.

РакI-ракIалъ гьабулеб жо дагьаб буго, кинабго босун буго рияъалъ, ххвалие, гIадамазда цеве живго вихьизавизе бахъулеб хIаракаталъ. Гьадав лъагIелаца херав инсухъе кIалъаларев хъумур Россиялда кIудияб тахбакIги ккурав, гIемераб гIарац-боцIиги бугев чи ватизеги рес буго. Цо къоялъ херав къанщанин рагIабаго вачIина дунял хвасар гьабулев вукIаралъуса ватIа гьавурав гIадин тагIзияталда кIусизе.

БарахщичIого кьела ас пиринчIулгун чакрил таргьаби ва кваназарила гIадамал. КIвар бугеб куцги гьабун пишацоязде абила: "Дица гIемер хIаракат бахъана Москваялде вачине, вачIинчIоха..." - ян. Ахир къаданиб гIаламалда живго вихьизавизе мармар ганчIидаса гьабураб заниги чIван бухъизабиларищха Москваялде. Гьеб букIина инсуе чIвараб гуро, васас чIаго вугев жиндиего чIвараб зани. "Гьанив щив вукъун вугев? Пуланасул эмен..." абураб суалалъе жаваблъун.

ТIаде балагьараб жагьилаб халкъалъ абила, цIакъ лъикI нуха регIанин васас эмен абун. ХутIараб лъидаха лъалеб? Лъала, лъагIелаца херав кидадай вас вачIинаян валагьун вукIараб нуцIида, рукъалда, телефонал къачIалев васасда, жанибе трубка реххараб ящикалда ва тIаде къулун букIараб махил гъотIода. Гьездаги кIочена заманалдаса гьеб кIочаралги лъугьа-бахъинал рихьун.

Хабар лъикIаб рагIайги.

======================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG