МагъчIваялъе рес

ЦохIо хъизаналъул лъимал


(Праймериз, рищиял ва оппозиция)

"Жакъа Дагъистаналда гьечIо оппозиция абураб жо. Руго гIемерал цо коцонир тIуралгIан цоцада релълъараб къапилаби батIи-батIиял тIалабалгун цере рахъулел. Гьезул цоял руго жакъаги власталда, цогидал ккун руго гьениса къватIире ва къеркьолел руго тIад руссине къваригIун, лъабабилел руго гьенир киданги рукIинчIел, жакъа хиял лъурал.

ЦохIо хъизималъул лъимал
please wait

No media source currently available

0:00 0:04:43 0:00
Интернет-мухъ

Гьел киналгоги руго жакъасеб политикияб нухмалъиялъги системаялъги кьурал, гIезарурал чагIи. Гьез жидедаго цебе лъун гьечIо власть хисиялъул ва бугеб коррупционияб сестема хвезабиялъул масъала. Гьезда цебе аслияб масъалалъун буго ЖАЛГО ГЬЕБ СИСТЕМАЛЪУН ЛЪУГЬИН ВА ЖАКЪАСЕЗУЛ РАКЬАНДА ТАХБАКIАЛ РАЛАГЬИ" - ян хъвалеб буго МахIач МухIамадов абурав блоггерас.

Гьесул гIурхъи тун гIемераб цояб гIакъилаб, кIиабилеб кепаб, лъабабилеб магIна гьечIеб, ункъабилеб магIна гьечIолъиялъул аслияб магIна батулеб хъвай-хъвагIаялда жанир цо-цо паркъула цIакъ мухIканго жамгIияталъе диагноз лъурал пикраби.

Гьединаздаса цояблъун бихьана тIадехун бачараб гьесул пикруги. ХIакъикъаталдаги жакъа республикаялда ва улкаялда лъугьа-бахъун бугеб политикияб ахIвал-хIал бихьарабго гьедин бугезеги буго. Оппозиция (политикияб дандечIей) абураб жо къабул гьабизе ккелаха жакъасеб власталъ пуланабги, пуланабги ишги мекъи гьабун буго, гьеб ахIвал-хIалалда республикаги тезе бегьуларо абураб тIалаб.

Гьелда тIадеги абизе ккола нижер буго хасаб, чIван къотIараб политикиябгун экономикияб программа, республика кризисалдаса бахъулеб сурсат, рес, нухал, гьеб гьабулел гIадамал, болжал ва гьелъ хIасил кида кьолебали. Гурони хIакимзабаца гIарац бикъулеб буго, кибалиго ракь бичун бугин абураб жо лъиениги цIияб хабар гуро.

Гьеб бикъизеги бегьулин, ракьал ричизеги изну бугин абураб жо гуро гьеб. Гьелъул магIна буго гIемерисел гьеб бичиялда дагIба балел ратула живго щай гьеб бичизе виччалаверин къеркьолел чагIи. "Бихьун лъана дир вас, бихьун лъана" - ян абун буго цо херав магIарулас. Рихьунха тахбакI ккуралги, кквезе хиял лъуралги ишазулъ. Гьеб ахIвал-хIалалда нилъ, гIадатияб халкъ кидаго хутIулеб буго цо цIогьор хисун дагьавги хъантIарав рищулеллъун.

Гьел хисизе кколарин абураб пикруялъулги рахъ кколаро. Бокьун буго рихьизе чагIи гьал коррупциялъул механизмаби лъугIизарулеб программагун тIалъиялде унел. Гьеб гьечIелдаса нахъе щиб пайда жакъа власть какулев ва рищиязде унев чиясдаса дора ругел хисун жидеца дозул бакIал кквеялъул гурони мурад батичIони?

Метер буго парламенталде унел кандидатал рихьизарулеб праймериз абураб жо, гьел руго цереккун тIоритIулел рищиял, партиязул сияхIалда чагIи лъезе. Республикаялъул Избиркомалъ церехун рищиязда рукIарал лъаб-лъаб округал цолъизарун цо округал гьарун рагIула, гIарцул экономия гьабиялъул мурадалда.

Праймеризалда гьаракь кьезе абун жиндир росулъа вахъун цойги росулъе щив инев гьесул гьаркьида бараб жого гьечIеб мехалда? Гьеб къагIидаялъ рищиязде рачIине гьечIо дагьал гурони гIадамалги эркенго протоколалгун "хIалтIизе" рес щвезе бугин абураб пикруги буго.

Гьелдаго цадахъ Россиялда къабул гьабун рагIула къанун хас гьарун цо партиялъе гIадамал машинабаца раччулел ругони партия сияхIалдаса бахъизе рес кьолеб. Адин гIажаибаб закон ургъизе киндай ал хадур гъурал. Гьеб кколеб буго тIубанго рищиязда къоно чIвай гIадаб жо.

Масала, власталъе бокьани, биччайха автомобилистазул партия сияхIалдаса бахъизе. Гьеб гьаби цIакъ бигьаяб жо кколеб бугогури. ТIамила жидецаго цо чи автомобилистазе гьаркьал кьезе гIадамал раччизе ва гьеб хIужаги хIисабалде босун реххила партия нахъе.

Гьеб цо, кIиабизе - кинго бичIчIуларо, балъгояб къагIидаялда гьаракь кьезе унев вугев чи кин лъалеб кинаб партиялъе гьаракь кьезе вачун вачIаравали? Гьеб хIалалда тIубанго демократияги, халкъалъул пикруги къаникь лъун бугин кIалъалел кандидатал камилищха, гьел руго. Амма тату холеб жо власть кодобе щвараб лахIзаталъ гьел киназго берал къанщулеб гьеб сон букIараб мекълъиялде.

Гьанже гьеб мекълъи гьезде кколаро, мандат щун хадуб, хIатта мекълъицин гуро гьезие гьеб рищиял лъугIун хадуб, гьадинго иш лъаларел чагIаз бицунеб хабар буго. Гьеб хIалалда лъиениги бокьулеб гьечIо рищиял абураб циркалда гIахьаллъизе. Оппозицияги гьечIо жакъа Дагъистаналда. Руго гIадамал тахбакIал ккурал, буго цойги къокъа гьел хисун жидееги квезе бокьарал.

ГьечIо кинабгIаги бугеб система биххизабулеб программа, "доз бикъулеб буго" - ян кIалалъги, "батIаго нижее щай бегьулареб" абун ракIалъги абулел чагIи гурони. РукIаралани гьел, нилъеда гьеб программа лъалаан, бихьулаан, цIалулаан.

КигIан гаргаданиги гъол киналго руго "цохIо хъизаналъул лъимал". Суал бачIунеб буго, щибха нилъеца гьабизе кколеб, щал рищилел абураб. Нилъедаго гьумер, цIар, лъалел чагIи рищизе кколел руго, система хIалтIулареб мехалда дудаго лъалев чиясухъе ине кколев вуго кумек гьарун, гьединаб буго хIакъикъат. Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG