МагъчIваялъе рес

Щибго гIилла гьечIого гIучIги багъаруларо


(Байрамазул хIакъалъулъ)

Лъица дида бичIчIизабилеб кIиабилеб маялда цебе кинаб тIокIлъи бугеб тIоцебесеб маялъул абураб жо? Гьаб суалалъе баян кьезецин хIажалъи бихьизе гьечIо гIемерисезда. Гьас кьураб ахIмакъаб суалин гьимизецин руго... ТIоцебесеб май - ракълилгун ихдалил байрам, цебехун тIолго дунялалъул захматхалкъ цолъиялъул къо. СССР ва нилъер лъимерлъигун гIолохъанлъи босани - багIарал байрахъал, транспаранталгун парадал, кьурди-кечIгун ихтилат, шапакъаталгун баркиял.

Щибго гIилла гьечIого гIучIги багъаруларо
please wait

No media source currently available

0:00 0:04:35 0:00
Интернет-мухъ

"ЧIахъаги ТIоцебесе май! ЧIахъаги бакъул къо ва дунялалъул захIматхалкъалъул цолъи!". Гьал ва гьалда релълъарал хитIабал. Гьабги гIадатияб кIиабилеб майги данде кквезе бегьилищхаян абила киназго? ХIисаб гьабураб мехалда хасаб къо тIокI гьаби дунялалда гIадатлъун лъугьинабуна нухмалъиялъ гIадамазда тIад жидер кверщел щулалъиялъул мурадалда. Кверщел ва жидер ханлъи бугIизе хIажалъула багьана.

Багьанаялдалъун гIадамал цо хIукмуялъ хIалтIизе тIамула, цогидалъ эркен гьарула. Цоялъ шапакъат кьола, цогидаб къо пашманилъиялъул къолъун лъазабула. Гьеб кинабго жо буго цо чияс цогидасда тIад жиндир кверщел хIалтIизабиялъул мурадалда гьабураб жо. Нухмалъиялъ халкъалъе гьеб мурадалда чIезарула хасал къоял: бергьенлъиялъул къо, ччугIихъанасул къо, мугIалимасул къо, тохтурасул къо, бакIал ралел чагIазул къо.

Гьеб къо тIокI гьабиялъул буго гьадаб тIадехун рехсараб мурад. Гьеб лъикIищ квешищали абиларо, гьеб буго гьедин. Напалеоница лъаларо, цойги императорас лъаларо хъулухъалде лъугьарабго цо хъат цIурал маххул кескалги рихьизарун абун бугила, гьале гьал жалаз бащдаб дунял кверде босизе буго дицаян. Гьел маххул кескал рукIун руго империялъ рагъул бахIарчилъи бихьизабурав солдатасул каранда разе ругел шапакъатал.

Гьеле гьеб тIад кинабилиго гIаламат, яги хъвай-хъвагIай бугеб маххул къотIелалъе гIоло цIадаре унел рукIана гIадамал. Щай? Гьеб кесекалъ батIаго керенги хинлъиларин эсул. Щай гурелъул чиясул загIипаб рахъалдаса батаниги, къуватаб рахъалдаса батаниги цо гIаламат буго - цогидазда гъорлъ живго тIокI вихьизавизе бокьи. Гьеле гьев тIокI вихьизавулеб гIаламат буго гьадаб каранда далараб маххул къотIелги.

Гьелъие гIоло унеб буго къеркьейги. Гьебго гIаламаталдаса ккола календаралъул хасал къоялги. "Гьаб гIадатияб къо гурелъул, гьаб буго нилъер улкаялъ фашизмаялда тIад бергьенлъи босараб къо" - ян абизе буго нилъеца чанго къоялдаса. Гьеле гьеб Гитлерида тIад бергьенлъиги босун рейхстагалда бергьенлъиялъул байрахъ тIоцебесеб маялде чIвазеян нус-нус аза-азараз гIадамал цIадаре гъуна рагъулаб командованиялъ абулелги руго тарихчагIи.

ТIоцебесеб маялде босизеян, батIияб къо бегьулебищ букIинчIебали лъаларо. КIун гьечIо босизе ва гьелгощинал къурбаназул хIасилалда бачIун рагIула бергьенлъи ичIабилеб маялде. Щай гьедин гьабураб? БатIалъи щиб букIараб гьеб къо тIоцебесеб бугониги кIиабилеб бугониги. Гьединал хасал гIаламатал гьечIого ва цере лъурал масъалаби гьечIого иш билълъанхъуларого.

ГIадада щибго гьечIо бакъул дуниялалда. Гьеб байрамазул, юбилеязул, хасал къоязул къагIида цохIо тIалъиялъул нухмалъиялъулъ гуреб киса-кибего дандчIвала нилъеда. Балагьараб мехалъ гьел хасал къоял, хасал сардал, заманалъул роценал лъугьунел руго лъикIал ишазе гIалам цолъиялъе багьаналъун. Масала, гьебго жо дандчIвала нилъеда диналда, Аллагьасе гьабулеб гIибадаталъулъги. "Хирияб къо", "Хирияб сордо" абулелъул. Барааталъул сордо, гIидалъул сордо, яги къо. Нилъер авараг (жинда салам лъеяв) МигIражалде араб сордо.

Щибго хIисаб гьабичIого тIокI гьарун ратуларо гьал сордо-къоялги. Гьалги кколел руго церехун абухъе лъикIал ишазде гIалам ахIиялъе багьаналъун. ХIасил калам, хасал къоял, байрамал, юбилеял руго нилъеда бихьулеб бакIалдаса гIалам нахъа таралъул хIасилги, букIиниселъул хIисабги гьабизе тIамиялъе сабаблъун ургъун рахъарал жал. ТIокIаб кинабгIаги батIи-батIияб мурад гьезул гьечIо.

Исана, фашистазда тIад бергьенлъи босун тIубалеб рагIула 6I сон. Араб соналъ гIадаб гуч букIине кколеб рагIуларо. Щай? Щайгурелъул гьеб байрам къо тIобитIулеб тарих гургинаб гьечIолъиялъ. БукIунге абеха, щай аб гургинлъизе кколебаб хIалалъ, тIаде жоялъе 70 тарих 71 тарихалдаса гьитIинабги буго абун бачIине бегьула суал.

Щай гурелъул гьаб дунял-гIалам кидаго хIалтIула жамгIияталъ къабул гьарурал хасал гIаламатазда рекъон. ХIажат гьечIелани гьел къоял ургъулароан. Гьединлъидал дица нужеда баркулеб буго араб тIоцебесебги, бачIунеб ичIабилебги май. ХIажат гьечIелани гьел тIокI гьарулароан. МагIарулаз абухъе, щибго гIилла гьечIого гIучIги багъаруларо. Хабар лъикIаб рагIайги.

======================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG