МагъчIваялъе рес

Чадидаса махIрум гьавурав речIчIухъанасул хIакъалъулъ


Чадидаса махIрум гьавурав речIчIухъанасул хIакъалъулъ
please wait

No media source currently available

0:00 0:04:51 0:00
Интернет-мухъ

- Белоканалда вукIана цо тумав. БацIцIадго нилъер тIомуразул мацIги бицунев, нилъедехун цIайи бугев чи вукIана, - ян байбихьана инсуца.

Гьев тумасул хабар гIадада байбихьичIеблъи бичIчIун букIана дида. Хабар байбихьилалде цеве жив гугариялъул секциялде хъвазавеян хIалхьи толарев дир щуабилеб классалда цIалулев васги вукIана нунудилев аскIов. Виччалин, тIаса вихьизавун, цояб рокъове витIана вас, гьев арабго хадусеб харбиде байбихьана инсуца:

- Белокан райисполкомалъул председательлъун вукIарав нилъер Салда росулъа ГIусманил МухIамадгун щвана дун гьев тумасухъе гьоболъухъ. Дов вукIана пачалихъалъул хъулухъ-ишазда, лъик1аб ресалда вугев чи. Ниж рачIарабго гьоболас стол гIуцIана, хIурмат гьабуна ва рукIана харбида. ГIусмановас гьоболасда вас киса-гIебеде вугеван гьикъана. Ватила гьаниса-гIебеде, шагьаралдейищ гьав аравин цо рази гьечIолъигун тIаса бихьизабуна гьеб суал тумас. Цо дагьаб сихIкъотIи лъугьана. Хадуб харбиде байбихьана гьоболас.

"Дица гьев васасдаса цо чи лъугьинавизеян гьабизе нахъе жо тун батиларо. Гьесдаса гугарухъан къачIазеян Азербайжан, Гуржистаналда лъикIал тренеразухъе вачана. ЧIегIераб икраялдаса бахъараб гьесие чIезабизе нахъе нигIматал течIо. Дир цо гьудул вуго Къамилухъа. Гьанив ЦIоралда чIарав чи вуго гьев. ЧIужугунги ватIалъана, гьесул кIиго вас вукIана гIисинал, ратIалъарабго гьел чIужуялъухъе тана, квана-гьекъон, цIакъ ургъел гьечIеб яшавалъул чи вукIана.

Дица икра кьун вас хьихьулеб мехалда гьесул гьев кIиго вас вукIана кидаго гьанир Белокан базаралдаса гIебеде терелел. ТIад ретIине черх бацараб ретIел гурел, х1ат1азда хьит гурел, ракъун, рохьоса гIалхул пихъ, цIулакьо бищулел рукIунаан. Дица ракI гурхIун цо-цо кваназарулаан гьел. Гьадав гьудуласда кидаго абулаан дуе гьел лъималазул чохьол хIакъ букIуна, мун эмен ватани, квенг1айги кье гьезие кIудиял гIезегIан абун. Гьес гIин бачIо дир харбида. ХIалакъал жал рукIана гьел, хIалица рилълъунел. Чанго соналъ тIагIана гьел Белоканалдаса. Гуржиязухъ ругин хабар букIана. Цо къоялъ хIалтIудаса рокъове дун вачIунаго гIемераб гIалам бугоан базаралъул рагIалда бакIарун. Дун векерана гьениве щиб ккун бугебали лъаларого.

Цо ворхатав чияс цебе гIерги ккун нахъе тункулел ругоан гIадамал. "Гор гIатIид гьабе!!!" - ян ахIтIолевги вуго. Щиб гьаниб бугебан гьикъидал цояс абуна Шекиялдаса щварав цо къажарас кIал ахIулеб бугила жинда данде бокьарав чи вахъеян. Гьесда данде нилъел Белоканалъул цо гIолохъанчи къачIан вугин. Цо бокIнилъа вахъун вачIана гьайбатав гIолохъанчи. Гьесул чорхол щибаб лага къотIелал гьарун ччорбал ратIа рахъизе лъалел ругоан. Вагъа-вакари бук1ана таваккалаб.

Ххурхана цоцада, цо параялъ хIетIеги жемун, ворхун, чIалу гIадин гIодов речIчIана нилъерас къажарав. Базар кодоб босун букIана роххелалъ гьещтIолеб, ахIтIолеб гIаламалъ. Дун речIчIухъанасда тIадегIан къана. Гьесул гьурмахъ балагьун халлъана щивали. Вуго гьадав черхалда бацине ретIелги гьечIого, ретIине хьитги гьечIого инсуца рохьил пихъ бищизе тарал васазул кIудияв вац. Дица къвал бана ва баркана. Гьев сверун лъугьарал чагIаздаса кодов щолеб хIал букIинчIо. Дун нахъе вилълъана. Базаралъул бетIералдехун бугеб чайханаялъул кIалтIа цо горсверулъги чIун хъалиян бухIулев ватана дирго вас. Михъги тIогьиллъун бугоан танхьил кIкIуйдуца, бералги гIарчIихун руго, цо суалияб ишараялда релълъараб гIаламат бугоан хIалица гъуждуз пиджак ккураб. Гьелеха Азербайджан Гуржистан цIалкIун тIаса рищарал махщелчагIахъе вачун, икра кьун хьихьарав гьедин вуго. Вуссине рукъ гьечIого базаралда реххун тарасда данде чи щолев гьечIо" - ян абуна гьудулас.

Кидаго гьеб мисалалда релълъун гIумру букIинищха, амма балагьараб мехалда тIабигIаталъ кьураб гьунар гIадаб жо нилъецаго буг1ун, лъун бажарулареб къагIида. Дуцаги гьев вас рахъ-рахъалде чIвазавун дурго нервабиги, гъосул заманги хвезабичIого, цебе лъазабе щиб рахъалде гьетIарав чи гьев вугевали, хадуб кумек гьабе гьеб гьунар камил гьабизе. Аллагьас цониги чи вижун рагIуларо цогидасда цебе цо хасаб гьунар, тIокIлъи кьечIев.

Аслияб масъала буго гьеб гьунар бати, гьелда тIаде ккей. Гьеб мехалда битIа-бищун ккола - ян абуна инсуца. Дида васасулъ жеги хасаб гьунар батун гьечIо. Маргьаби ц1али гурони. Цо-цо мехалда ккола, чед-хинкIги бахъун къватIивейищ гъелев цо чи лъугьунищалиян. Вижухъе чиянги бугелъул магIарулазул аби.

Хабар лъикIаб рагIайги.

======================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG