МагъчIваялъе рес

Мандат нахъе ана, хъулухъал ва сурсат хутIана...


Жакъасеб республикаялъул Халкъияб Собраниялъул сессиялда лъебергоялдасаги цIикIкIун суалал рукIана. Гьениб повесткаялда валагьарав чиясда цеде реххулеб, кIвар буссинабизесеб гIадаб кIиго суал букIана - ращдаздаса цIикIкIун суалазулъ церехун рахъарал хIукмаби хисизаризе рихьизари ва машгьурав спортсмен ва политикияв хIаркатчи Сайгид МуртазагIалиев депутатасул мандаталдаса махIрум гьави.

ТIоцебеселда хурхун чIван къотIараб баян гьечIо. Щай щибаб кIиабилеб суал повесткаялда букIараб " о внесении изменений" абун байбихьулеб? Федералиял законал хисунищ, ялъуни парламенталъул комитетаз щвалде щун законал лъазаричIого, ургъичIел хIукмаби гьарун хадур хисизе тIамунищ? Дир хIисабалда гьениб кIиябго рахъ батила, гурони 31 суалалдаса 15 суал "о внесении изменений" абун байбихьулароан.

РачIина хадусеб суалалде - Сайгид МуртазагIалиев депутатасул мандаталдаса махIрум гьавиялде. Лъалеб букIахъе гьев араб соналъул августалдаса нахъе цIех-рехалъул идарабаз валагьулев вуго. Информациялъул алатазул баяназда рекъон Эмиратазда лъаларо, Украиналда лъаларо вахчун рагIула гьев.

Гьесда гIунтIизабулеб гIайибги буго гIадамал чIвай, терроризмаялъе квербакъи ва цогидал чIахIиял такъсирал. Официалияб къагIидаялъ парламенталъул мандатазул комиссиялъ махIрум гьавиялъе гIиллалъун бихьизабуна жиндир буголъиялъул декларация кьун гьечIин. Дида кколаро гIицIго парламенталъул хIукму бугин гьев мандаталдаса махIрум гьави абун.

Политикияб яги къуваталъулазул тIадецуй гьечIого гьеб хIукмуялде парламент бачIин щакаб жо буго. Щай гурелъул Сайгид МуртазагIалиев хIатта гьаб сагIаталдаги вуго цIакъго кIудияб политикияб рес ва сурсат республикаялда хутIарав чи.

Гьеб букIиналъе хIужалъун буго живго лъагIелгIан заманалъ къватIив вугониги жеги гьесул официалияб гуреб кверщалида гъоркь бугеб республикаялъул Пенсионный фонд, гьений жеги Сайгидил заместителлъун йикIарай гIадан йиго нухмалъулейлъун ва пенсия щвезабиялъул ва цогидал гIарцул чваххиял досухъего хутIун рагIула.

Гъизлар районалда ва шагьаралда жеги гьесул чагIи руго. Тарумовка районалъул бетIерлъуда йикIарай, уголовнияб иш гьабун хъулухъалдаса ятIа гьаюрай Марина Абрамкина дагьай цеегIан туризмаялъул министрасул заместителлъун тана.

Хасавюрт ва Бабавюрт районалъул бутIрул, ЦIумада районалда тарав бетIер, цо-цо парламенталъул депутатал гьесдехун бухьен тIечIел чагIи рагIула. БукIинисеб парламанталде ЦIумада районалдаса ине вугев ГIабдурахIман Камиловги вуго МуртазагIалиевасул вацгIал.

Гьеб киналъго бицунеб буго живго къватIиве аниги МуртазагIалиевас политикияб ва финансовияб сурсат Дагъистаналда цIунун букIиналъул. Гьеб ахIвал-хIалалда щайха гьев мандаталдаса махIрум гьавурав? Дир хIисабалда гьеб суал досгун рекъон гьабураб жо батула парламенталъ. ТIоцебесеб иргаялда буголъиялъул декларация кьун батиларо, тIаде жоялъе бичIчIизабун батила гьебгощинаб жо дуда хадуб цIунун букIаго чанго моцI хутIараб, дуе хIажатцин гьечIеб мандат нахъе кьуниги щиб дуе абун. Жибго парламентги къуваталъулазда цебе парламенталда релълъун бихьизе.

Гьединал пикраби рачIунел руго бугеб ахIвал-хIалалде балагьун. Живго Сайгид жанив ккаравго гьесул сверухълъиялъул тIоцебе хьул букIана Рамзан Къадировас гьев жанив виччаларин. Рамзаница социалиял сетаздаса жинца гьесул рахъ кколеб бугеб гIадаб жоги бицана, амма хвасар гьавичIо. Гьавизе кIвечIого лъаларо, яги цойги гIиллаялъ лъаларо. Гьелдаго релълъараб рагъа-рачари гьабун букIана генералияв прокурорасухъе хитIабги гьабун Сайгидил гьудул, думаялъул депутат Ризван Къурбановас.

Гьесулги жо ккечIо гьеб хIаракаталъулъ. Гьаб сагIаталда руго харбал Сайгидилгун Ризванил гьоркьоблъи хун бугин абуралги. Цогидал экспертазул пикруялда рес буго гьеб батизе инсценировка (ххвалие гьабулеб жо) ХъахIаб рукъги гуккун балъго Северияб Дагъистаналдаса думаялде Ризванги республикаялъул парламенталде Сайгидил чагIиги ккезаризе гьабулеб.

Гьелъул хIакъикъат гIемер кватIичIого лъала. Жакъа нилъеда лъалеб жо буго республикаялъул тIалъи - хIукумат, парламент, муниципалитетал жидеда нахъа къуватги, гIемераб гIарцул ва политикияб сурсатги бугел чагIаздаса бацIцIад гьабун букIин.

Гьеб кIудияб сценариялъул цо гьитIинаб бутIа букIанин абизе бегьула жакъа парламенталъ Сайгид МуртазагIалиевасухъа нахъе босараб мандатги. Гьеб лъикIищ, квешищали нилъеда бихьизабила заманаялъ. Хабар лъикIаб рагIайги.

======================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG