МагъчIваялъе рес

Р. ХIамзатов: "Досда лъикI лъалев вукIун вуго Сталин..."


Бицунаан Расулица. Переделкинолда лъаларо, ЦДЛалда лъаларо вугев жиндихъе А.Фадеев кIалъан вачIанила, дуе вождас гъулги басун Сталинил премия бихьизабун бугин.

"Роххелалъе гIурхъи букIинчIо. Къаси ЦIадагун МахIачхъалаялда гурони лъаларев вукIарав чи хадусеб къоялъул къадеялде тIубараб улкаялда рагIана Сталинил премиялъул лауреат хIисабалда.

Щвана гIемераб гIарац, машгьурлъи, хадур лъугьарал журналистал, руччайи ва чагъир... ихтилат - кепалъе ахир букIинчIо" - ян ракIалде щвезарулаан шагIирас дол талихIал санал. ГIаламалъе хIинкъараб бугониги ХIамзатилгун васасул гьоко эхеде гирулеб заман букIана доб. Расул лъугьана Дагъистаналда Хъвадарухъабазул Союзалъул председателлъунги, республикаялда аслияв халкъияв ва пачалихъияв поэтлъунги. Гьесул кварщаликь букIана кинабго къалмил агьлу ва гьелъие улкаялъ рихьизарурал мугьал. Расул живго кутакалда творческияб икъбал, битIунккей хъварав чи вукIун вуго. БитIун асул шигIрияб гьунар цIубалаго Дагъистаналда Совнаркомалъул преседателлъун вукIана бихьинчилъиги гIелмуги жиндилъ бессарав, гьунарги бугев, яхIги бугев, жиндие гьунар бугел чагIиги рокьулев унго-унгояв магIарулазул патриот ГIабдурахIман Даниялов. Данияловасда бихьана Расулилъ бугеб тIабигIияб гьунарги, сихIирлъиги, лебаллъиги. ТIаде жоялъе Даниялов вукIун вуго поэзияги бичIчIулев, тIахьалги цIалулев (хъвалев гуроха), гьел хъвазе лъалезул адабги гьабулев чи. Гьелъие цо мисал. Расулица бицунаан: "БитIун улкаялда рагъул кор боркьараб рагъ унеб, Моздокалде немцал гIагарлъун ругин харбал тIиритIараб заман букIана. Марковасул къватI чIван вачIулев дидагун гьудуласда нухда данде чIвана лъелго рокъове унев ГIабдурахIман Даниялов. Салам кьуна, гьикъа-бакъана, цинги ГIабдурахIманица гьикъана:

- Щибха кколеб бугеб творчествоялъул?

-ТIехь бачIана къватIибе, "ХIасратаб рокьиги боркьараб ццинги" абураб. Амма нижер жеги кабинет гьечIо гьеб гьоркьоб лъезе ва секция ахIизе...

-Метер сагIат лъабгоялда дихъе рачIа киналго, хъвадарухъабиги ахIе. Дир кабинеталъуб гьоркьоб лъела - ян абуна ГIабдурахIманица. ТIоцеве дун хадув гъечIо гьесул рагIабазда. Хадуб бичIчIана гьес гьеб унго-унголъун абулеб букIин, гьев цохIо совнарком гурев Данияловгилъидал вукIарав, интлеллигентги, патриотги, хъвай-хъвагIаялъул адаб гьабулев чиги. Гьедин тIоцебесеб дир тIехь гьоркьоб лъуна республикаялъул совнаркомалъул председателасул кабинеталъуб. Гьеб букIана тIадегIанаб даража. Дун ГIабдурахIмангун лъикIал гьудулзабилъун лъугьана. Гьев хIакъикъаталдаги вукIана тIадегIанаб культураялъул, лъикIаб гIелмуялъул, бихьинчияб хасияталъул магIарулав. Дие гьес цIакъ гIемер кумек гьабуна гIумруялъулъ. Даниялов вукIинчIевани дун къватIив машгьурлъулароан. Хадув киналго обкомалъул секретарал СССРалъул Верховный Советалъул президиумалда рукIаниги, гьес жиндир мандаталдаса ва гьеб хъулухъалдаса инкарги гьабун СССРалъул Верховный Советалъул депутатлъун дун вихьизавуна. РакIалда буго обкомалъул бюраялда ГIабдурахIманица абуна: "Нилъ цохIо жакъасеб къоялде гурел букIиниселдеги ралагьизе ккола. Гьеб рахъалъ гьунар бугев ва перспектива бугевлъун вихьулев вуго дида Расул ХIамзатов. ХIукму ккана гIолохъанаб гIелалъухъ эстафета кьезе ва депутатлъун Расул виччазе" - ян. Дица махсаро гьабуна гIицIго депутатасул мандат гуреб тIаде обкомги кьоларищан. Гьеб дагьаб санагIат гьечIеб махсаро борчIараб бихьун "нахал" абун бадибчIвайги гьабуна ГIабдурахIманица дие" - ян бицунаан Расул ХIамзатовас. Гьаб буго хадуб лъабкъоабилел соназул байбихьуда букIараб жо. Расулилгун Даниловасул цоцадехун букIараб гьоркьоблъиялъе бачараб мисал. ХIасил калам, хъвадарухъаби ва улкагун партия беццарал чагIазе киналго шартIал - машгьурлъи, цIар, гIарац ва цогидал санагIалъаби чIезарулеб пачалихъалда цIакъ рекъон ккана Расул ХIамзатов. Гьев лъугьана пачалихъалъе живги, жиндие пачалихъги хIажатав шагIирлъун. Гьесул машгьурлъиялъе ва цеветIеялъе квер бакъулеб букIана Данияловасги, жиндиего щварал ресазги, Москваялъги. ГIуцIана тIурарал таржамачагIазул школа ХIамзатов вуссинавулеб. Гьеблъиялда СССРги, партияги, пролетаразул вождги веццулев ав вукIаго I953 абилеб соналъул марталъул байбихьуда хвана Сталин. ТIубараб улка агьиялда гIодулеб букIун буго хадуб щиб букIинеб лъаларого. Улкаялъ ва вождас веэдарав Расулица бицунаан: "Дун ГIабдурахIман Данияловгун Колонный залалда Сталин товитIулеб гIаламалда гъорлъ вукIана 30 сон барав гIолохъанчи. МагIу кквезе кIолеб букIинчIо беразда. Дун валагьана ГIабдурахIманихъ, амма гьесул гьурмаца кинабгIаги гIаламат загьир гьабулеб букIинчIо... гьесда дов лъикI лъалев вукIун вуго" - ян. "Колонный залалда тIугьдулъ жаназа, гьелда тIаде къулун риччарал берал..." - ин хъван букIана хадуб кочIолъги. Щай Даниялов пашманлъичIев? Щиб гIиллаялъ Расулица "досда лъалев вукIун вуго" абураб? Гьелъул, имам Шамил какун кечI хъваялъул ва цойги ракIалдещвеязул бицине буго бачIунеб гьатIан къоялъ. Хабар лъикIаб рагIайги.

======================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG