МагъчIваялъе рес

ЧIаго бугищ  мун, авар мацI?


dagestan / International mother tang day
dagestan / International mother tang day

Февралалъул къоло цоабилеб къоялъ авар театралде бугез чухъа-рачел ва хъабало чохтIо, гьечIел гIадатияб ратIлилъ магIарулал рачIунеб къагIида билълъанхъун буго ахирал соназда.

Аслуги гьелъие лъуна аваразул миллияб автономиялъ ва гьелъул цевехъан Сайгидпаша ГIумахановас тIоцебе Хасавюрталда, хадуб МахIачхъалаялда. Гьеб къо буго ЮНЕСКОялъ лъазабураб халкъазда гьоркьосеб рахьдал мацIазул къо.

Гьеле гьеб "рахьдал мацI цIунулеб къо" абураб калима рагIарабго тIоцебесеб иргаялда нилъер киназдаго цере рачIуна дагьал, гIисинал халкъалги, церехун гьадинал чагIи рукIун рагIулаян рихьизе лъурал цо-цо миллиял атрибуталги, басриял тIахьал ва кодо-гIодосебги.

Гьедин букIуна тIагIун унел мацIазда сверухъ гьабулеб тадбир. Гьел мацIалги лъугьуна гIалимзабазул цIех-рехалъул материаллъун. Масала, гьединал "хварал" мацIаздаса цояб буго Кавказалда убыхазул мацI. Гьеб мацIалда кIалъалел чагIи хутIун гьечIо.

РукIаралги къватIире ун руго ва черкесаздегун турказе сверун, кIудияб дунялалда билун буго халкъги мацIги. Жакъа, глобализациялъул гIасруялда гьединабго хIинкъи буго гIисинал халкъал ва мацIал тIагIиналъул абураб ахIи бахъинабун буго гIелмуялъги, халкъазда гьоркьосел мацIал цIуниялъул гIуцIабацаги. Хасго кIвар буссинабун букIуна гIисинал миллатазул мацIазде. Амма дида цониги рагIичIо ингилис, гIараб яги китай мацI цIунизе кколин гьабулеб ахIи. Щай гурелъул гьел мацIаз ва миллатаз гьадингоги къулчIулел руго щибаб соналъ гIисинал мацIал ва халкъал.

Сон авар театралде щварав дида сценаялдаса ва фойеялда дандчIвараз тIокIаб чIечIого рахьдал мацI беццун ва гьеб цIунизе кколин хитIабал гьарулел рагIарабго битIараб бицани рахIат хвана. Унго гьадигIан рагIалдедай бакIарун бугеб миллияб культураялъул ва мацIалъул иш, гьеб мацIада хъвараб спектатклалдаса ва рокьулгун кьалул кучIдуца кквезе кколеб бакI гьеб цIунизе рачIаян балеб ахIиялъ цIикIкIун ккун бихьун.

Жибго гьеб къо кIодо гьабураб тадбир гIуцIун бугоан кутакалда лъикI ва тIадегIанаб даражаялда. Аслияб хIалтIиги гьеб рахъалъ тIаде босун бугоан аваразул миллияб автономиялъ ва авар театралъ. Киналго республикаялъул ва муниципиалиял авар мацIалда рахъулел газетал, тIахьал, журналал, районазул ва шагьаразул творческиял колективал, школазул художествияб хIаракатчилъи: кьурди-кечI, спектаклялъул постановкаби, кучIдул цIали ва гIемераб цогидабги.

Байрамалда батIияб гугьар ва берцинлъи бачIуна чахтIида ва ратIлида гIарцул къадираби рарал мусудуцаги, магIарул ханжар-рачелгун рачIарал гIолохъабацаги. Арал гIасрабазде ккараб гIадаб асар букIуна. Гьеб кинабго дица рехсолеб жо буго шагьаралда ругел, магIарул хIакъикъаталдаса тIурал миллатцоязеги, батIияб миллаталъул гIадамазеги нижер гьадинаб миллияб культураги, ретIел-хьитги, квен-тIехги, гIелмияб ирсги, миллияб басмаги, искусствоги бугин бихьизе гьабулеб хIаркат.

Гьелдаса мисал босизе ва билизе тунгутIизе балеб ахIи. Гьеле гьелъие балеб ахIи дица къабул гьабуна байбихьуда "гьадигIан квешищха миллаталъул иш бугеб мацI цIунизе рачIаян ахIи базе" абун. ГьечIо. ГьечIеблъи дида бичIчIана киналъулго халшал гьабун хадуб. МацI буго чIагояб организм.

Гьеб хисула, бечелъула, мискинлъула, цо-цо рагIаби рилула, цIиял чидараз нахъе реххун, цо-цоял кIочон рукIарал тIад руссуна. Гьеб хасиятаб жо буго мацIалъе. МацI чIаго букIине буго киналгIаги хитIабаз ва гьеб цIунизе рачIаян гьарулел ахIияз гурел. Гьеб мацIалде хIажалъи бугебгIан заманаялъ. Жакъа авар мацIалда рахъулел пачалихъалъул гурел газеталги ратани, миллияб радиоги батани, гьеб мацIалда малъулеб исламияб гIелмугун вагIзаги батани, милияб театрги бугони, дугIаги, гьариги, хьамиги, кечIги, какги, хъвалеб кагъатги, битIулеб ругьелги, магIарухъ годекIанги бугебгIан мехалъ киданиги тIагIизе гьечIо авар мацI.

Щай гурелъул миллаталъул гьеб мацIалда хIажалъи буго, гьеб гьечIого тIубалебги гьечIо. Гьелдаса роххизеги ккола, щивав камилав, жиндир аслуялъулги, умумузулги, миллаталъулги адаб гьабулев бусурманчияс бихьинчияс жиндир лъималаздехун бицине тIадабги буго жиндир умумузул мацI.

Жакъа дуца гьеб рокъоб бицинчIони, мун лъугьуна умумузда ва наслабазда гьоркьоб бугеб бухьен тIезабурав чи. Дуе баракатгьечIолъи ва нагIана гурони гьелъухъ цIарги, реццги щвезе ресги гьечIо. БолмацI захIмалъулеб батани жидер диалект, жиндир инсуца жиндехун бицарабниги мацI лъималазе бицунарев чи камилав вукIине рес гьечIо. Цо милаталъул рос-лъади ратаниха.

РатичIониги беццараб буго лъазабизе, амма гIайиб дагьаб щвеларищха. Алагьас нилъер киназего кантIиги гIакълуги кьейги лъикIаб босизе ва квешаб тезе. Биччанте нилъер щивасул гъасда букIине эбелалъул мацI. Гьеб лъималахъе кьезе къуватги икъбалги кьейги щивасе. Хабар лъикIаб рагIайги.

=======================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG