МагъчIваялъе рес

Къадировас Къуръан "цIунулеб" буго...


Исана 12 августалда Южно-Сахалинскалъул диванчи Перченкоца гьабураб хIукмуялда бан Кавказалдасан жаваб кьуна Чачан Республикаялъул бетIер Рамзан Къадировас. Хас гьабун жиндие кьезе кколин гьев диванчияс жавабин чIун вуго чачаназул бетIер.

«Мольба (дуа) к Богу: ее значение и место в Исламе» абураб гIелмияб хIалтIи экстремизмалъул магIнаялъулаблъун рикIкIана диванчияс. Гьенир жанир мисалалъе рачун руго Россиялъул гIалимчи Игнатий Крачковскияс таржама гьабурал Къуръаналъул аятал. Жидерго иш лъаларел чагIазул сурарал пишабиян цIар лъун буго гьеб хIукмуялда фейсбукалда гьабураб хъвай-хъвагIаялда Мукъадас Бибарсовас.

Къуръан цIунун Рамзан Къадировас гьабураб лъазаби букIаниги, цо-цояз абулеб буго гьес мех-мехалдасан живго вихьизавизеги гьарулин Америкаялъул президент Барак Обамаде щвезегIанги хIакимзабазда тIасан лъазабиял. Амма жеги рагIичIин Россиялъул президент Владимир Путинида тIасан гьес жо абулеб. Гьелда бан ЭР-ялъе гьадинаб пикру загьир гьабулеб буго Дагъистаналдаса адвокат Константин Мудуновас.

Константин Мудунов: «Рамзан Къадировас жинцаго тIубала гьелъул иш – лъие жаваб кьелебали. Гьев какизе журалел чагIи цин жидехъго ралагьейин абилаан дица. Бокьарав чиясда тIасан бакIаризе бегьула бокьанагIан компромат. Рамзан Къадиров политикаялда бакьулъ вугев чи вукIиналъ гьев вукIуна киназго гIочIода чIвалев. Щиб? Мекъаб жойищ, масала, гьес гьаб нухалъ абун бугеб? Южно-Сахалинскалъул диванчи щибулев чи Аллагьасул каламалда гIайиб чIвазе ккани?! Дунялалда кколелъул жаваб кьейин абе гьес. ТIадегIанасул калам какизе я гьесул, я цогидасул ихтияр гьечIо. Ихтияр буго живго жиндиего гьелда тIад ургъулев, гьелъул хIисаб гьабулев вукIине.

Квешлъиялъулги лъикIлъиялъулги гьениб бицунеб жого. Ялъуни суал лъезе ккелаха батIайисан. Дуе гъоба хъвараб жо бихьизе, лъазейищ бокьун бугеб, яги дуего бихьизе бокьараб куцалда гьеб бихьизейищ бокьун бугебин абун. Амма гIемерисезе къваригIуна жидедаго ракIалде кковухъе букIине. Гьединлъидал лъугьуна гьел гIанталщинал жал гьаризеги. Талмуталдаги Евангелиялдаги гIадин, чи квешлъиялдаса цIунейинлъидал Къуръаналда абулеб бугеб. Мекълъиялъе гIорхъи чIвалеб буго гьелъ. Гьеб бегьуларого лъугьун гIадамалги руго. Жакъасеб демократиялъ абуни такъсирал гьариялъе, бечелъиялъеги эркенлъи кьолеб буго».

Рамзан Къадировас Южно-Сахалинскалъул диванчиясе гьединаб баян кьей гIужда речIчIараб чIор гIадаб жо кканин, амма гьеб гьабулеб къагIида букIанин хъачIаб, хIинкъаби кьолеб гIадаб, гьединаб хасиятин абуни регионалъул нухмалъулесда рекъон букIунарин рикIкIунеб буго Москваялда чIарав Дагъистаналдаса жамгIияв хIаракатчи ГIабдурашид СагIидовас. Гьединго буго кIиабилеб суалги.

ГIабдурашид СагIидов: «Щай гьададинаб чIоргIан битIараб жаваб кьечIеб Дагъистаналъул рухIияб идараялъ, Рамазан ГIабдулатIиповас (республикаялъул бетIер – ЭР)? Щай тIоцебе гьеб баян Рамзаница кьураб? Гьелъие буго цо гIилла, дир хIисабалда. Рамзанида аскIор руго лъикIал кумекчагIи – берги бугел, гIинги бугел, бетIерги бугел. Жиндир заманалда гьез Рамзанида абула, валлагь, гьаб жоялъе жаваб кьуни лъикIаб букIинилан.

Лъабабилеб суал буго гьениб дидаги гIемерисездаги бичIчIулареб. Гьал ахирисел моцIазда Аллагьас нилъее кьурал нигIматал тракторалда гъоркьеги риччан, мерхьунеб мехалда дида бичIчIичIо щай Рамзан Къадировас жиндирго гьудул Путиниде хитIаб гьабичIеб диналда рекъон гьаб жо мекъи бугин, гьалъул мунагь бугилан. Киб бижараб, лъица бижизабураб бугониги, гьеб жо буго Аллагьас нилъее кьураб нигIмат.

Гьединан гьикъун букIарабани, дица Рамзанида цебе кIиябго квер борхилаан, гьав чи мустахIикъав вугин къимат кьезеги къадру гьабизегиян. Амма гьаб Южно-Сахалинскалъул диванчиясе кьураб баян буго жиндир заманалда гьабураб, чара гьечIого хIажат букIараб, пачалихъалда кьезе тIадаб жаваб».

Рамзан Къадировас Южно-Сахалинскалъул диванчиясда тIасан гьабураб лъазабиялда бан Россиялъул Генералияб прокуратураялъ абулеб буго къанун цIунулев вакиласда тIасан гьединал лъазабиялги гьарун, Къадировас зани бегизабулеб бугилан.

XS
SM
MD
LG