МагъчIваялъе рес

«Дун дирго векалъул хIикмат вукIина, хIалихьалъиялда данде вагъулев»


Микьабилеб сентябралда МахIачхъалялда кIодо гьабуна кIудияв шагIир, ХIамзатил Расул гьавуралдаса 92 сон тIубай. Юбилеялъул тадбиразда гIахьаллъи гьабизе Дагъистаналде рачIун руго Россиялъул батIи-батIиял шагьараздаса 25 чи.

Расул ХIамзатов гьавураб къоялде дандеккезабун санайил Дагъистаналда гьеб къоялъ тIоритIула Расулил "ХъахIал къункърабазул къоял» абураб фестиваль. Гьелда бан чанго батIиял тадбирал тIоритIула Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул Цолъиялъ. Радалго Таргъу магIарда бугеб шагIирасул хабада тIугьдулги лъун киналго данделъана ГIурусазул Театралда аскIоб бугеб Расул ХIамзатовасул сиялда цере. Гьелдаса хадуб тадбир халат бахъана Ленинил комсомолазул цIар кьураб ахикь.

Сибиралдаса гIолохъанав поэт, Василий Попов исана тIоцеве щун вуго Дагъистаналде. Расул ХIамзатовасул хIурматалда тIоритIулел тадбираз жиндего гьабураб асаралъул хIакъалъулъ гьадин бицана гьес «Эркенлъи» радиоялъе

Василий Попов: «КIудияб асар гьабуна ХIамзатил Расулил «ХъахIал къункърабазул къоял» абун цIар кьураб тадбиралъги, гьединабго асар гьабуна жибго Дагъистаналъул ракьалъги. Ниж шагьаралдаса гIебеде тира-сверизе рачана, щибаб къотIноб гIадин чIван руго Расулил суратги, гъоркь гьесул кучIдулги хъварал игIланал. Цогидал шагьаразда рекламаялъул хъвай-хъваг1аяз ц1езарун рук1уна иг1ланал, гьаниб кинабго бат1айиса буго, гьеб киналъго асар гьабичIого хутIуларо. Гьале Расулица гIумру жаниб тIамулеб минаялъуве щведал тIоцебе рекIелъе бортун бачIана Кавказалъул гьава. Дида кколеб шагIирас ургъунго гьарун ратилин гьадинал рорхатал рукъзал, щивав жаниве вачIунев къватIиса гьоболасда Кавказалъул гьава гьесда гъорлъ бессизе букIине гIоло».

Шаг1ир жанив гIумру гьабун вукIараб, тахшагьар бакьулъ бугеб гьесул минаялъуреги щвана гьалбал. Расул ХIамзатовасул гьоркьохъей яс ПатIиматица «Эркенлъи» радиоялъе бицана «ХъахIал къункърабазул къоял» абураб тадбир тIобитIизе тIоцебе инсуца жинцаго байбихьи лъун букIанин гьелъиеян.

Расулил ПатIимат: «Узухъда, рекIее кIудияб асар гьабула шигIрияб форумалде поэталги, инсул гьудулзабиги рачIунел рукIиналъ. Гьел гIицIго байрамалде гурелги, шигIрияб дандеруссиналдеги рачIунел чагIи ккола. Масала, цин гьез ракIалде щвезавула нижер эмен, хадур журала жиде-жидерго асарал цIализе. ЛъикI гьечIищха гьеб? Дие цIакъ рекIее гIола гьеб. Эмен гьавуралдаса 90 сон тIубайни кутакалда ахIи-хIуралда гьабуна. Амма исана дагьалъ гIодобиччай буго. БукIаниги, гьабизе кколелщинал тадбирал гьарулел руго. Дандеруссиназдаса хадур кидаго гIадин Гъуниреги, Хунзахъеги, Дербенталдеги ине руго гьалбал».

«ХIамзатил Расулил ХIахIал къункърабазул къоял» абураб фестивалалда хурхун тадбирал жеги халат рахъине руго ичIабилеб сентябралдаги. Россиялдаса рачIарал Хъвадарухъабазул къукъагун, Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул цолъиялъул вакилзаби щвезе руго хунзахъегун Гъунире ва гьединго Дербент шагьаралдеги.

XS
SM
MD
LG