МагъчIваялъе рес

«Литературияб Дагъистаналъул» къваридал къоязул сарин


Марина АхIмадова:"Расул ХIамзатица абулаан лъикIав чи вугин абураб хъулухъ ургъун гьечIин жеги кибниги".
Марина АхIмадова:"Расул ХIамзатица абулаан лъикIав чи вугин абураб хъулухъ ургъун гьечIин жеги кибниги".

Дагъистаналъул «Хъвадарухъабазул Цолъиялъул» вакилзабаз Президент ГIабдулатIипов Рамазанихъе рагьараб кагъат хъвана гьал къоязда. Кагътида гьез гьарулеб буго гIорхъолъара рорчIарал ишал гьаризе лъугьараб печаталъул ва информациялъул рахъалъ министерлъи гIадлуялде цIайилан. Жидеда гIайиб гьечIилан абулеб буго гьеб рехсараб министерлъиялъ. Кинал дандеккунгутIиял гьел кIияздаго гьоркьор ругелали бицунеб буго гъоркьехун.

Дагъистанлъул хъадарухъабазул цолъиялъул гьеб кIиабилеб нух буго жидерго разилъи гьечIолъи загьир гьабулеб.

Цебесеб нухалъ гьезул дагIба букIана басмаялъул ва информациялъул министерлъиялъ гьезуъа нахъеги росун Литературиял журналал журналистазул цолъиялъул къайимлъиялъухъе кьезе букIиналда тIасан.

Гьеб хIужаялда сверухъ бугеб ахIи-хIур гIодобцун бахъиналде цIияб ракIбакъвай щвана гьезие гьал къоязда гьебго министерлъиялдасан.

Гьаб нухалъ гьел махIрум гьарун рагIула «Литературияб Дагъистан» абун моцIида жаниб къватIибе биччалеб газеталдаса.

2001 соналъул июналда Расул ХIамзатов чIаго мвугеб мехалъго гьесул квербакъилъун гIуцIун букIанин гьеб газетаян хъвалеб буго хвъадарухъабазул цолъиялъ ГIабдулатIипов Рамазанихъе хъвараб рагьараб кагътида.

12 гIанасеб соналъ цохIо печаталде кьабизе гурони гIарацги кьечIого жидерго хIаракатлад бахъуле букIараб газета къватIибе биччай къотIизабунин печаталъул ва информациялъул рахъалъ министерлъиялъ гIилла гьелъие печаталде кьабизе гIарац гьечIиланги абун.

Амма гьединал маргьаби жидедаги рицун исана августалда къватIибе бачIанин гьеб газеталъул цIияб номер. Газеталъи нухмалъи гьабулеб буго печаталъул рахъалъ министр хисулей Муслимова Миясатица.

Балагьараб мехалъ гIарац циндаго батун бихьулинха. Амма исана апрелалда жиндица чанго нухалъ гьеб суал борхидал кьолеб жаваб цохIого букIанин, гIарац гьечIилан бицана Эркенлъи радиоялъе президентасухъе хъвараб кагътил автор АхIмадова Маринаца.

Гьей ккола Хъвадарухъабазул цолъиялъул нухмалъулев хисулей. Гьединго гьей йикIун йиго печаталъул министерлъиялъ къазегIан 12 соналъ тIадехун бицен гьабулеб газеталъул редакторлъунги.

Амма бищунго гьелда квеш букIун буго газета гIуцIизе квербакъараб, гьелъул рухIияб къебелъилъун кколеб букIараб Хъвадарухъабазул Цолъиги жойиде хIачIого, гьелъул цIарги нахъе хъвагIан печаталъул министерлъиялъул цIаралда гъоркь биччалеб газета гIадин гьеб бихьизабиялъ.

Гьединго гьелъие редакторлъи гьабизе щибниги литератураялдехун бухьенги гьечIев чиясда тIад къан букIинги:

Марина АхIмадова: «ТIадежоялъе газеталъе редакторлъи гьабизе тIадкъан буго ХIажиев Маратида. Живго лъикIав вас вугилан ккола. Амма мунагьал чураяв Расул ХIамзатица абулаан лъикIав чи вугин абураб хъулухъ ургъун гьечIин жеги кибниги.

Гьелъухъего гьев лъикIав вукIунилан газеталъул къадру цIикIкIинилан кколаро. Гьев Маратги я литератор, я редакторлъун вукIине цонигиялъе гьунар бугев чи кколаро.

Гьев ккола художник. Нижер ццин бахъиналъул гIурхъиго гьечIо. ТIубараб редколлегия буго хIалуцун. Нижеца иш гьедин теларо, газета тIадбуссинабичIого чIезе ракIалда гьечIо нижеда».

Эркенлъи радиоялъ бухьен гьабуна жийго Миясат Муслимовалъулгунги.

Амма жидеца гьезул ракIхвзабураб хIужа гьабичIилан абуле буго гьелъ. исана апрелалда газеталъул букIинеселъул суал гьаркьоб лъураб данделъи тIобитIун букIанин Хъвадарухъабазул цолъиялда.

Гьениб жиндица загьир гьабунин печаталъул рахъалъ министерлъиги, Хъвадарухъабзул цолъиялъул гIурус секциялъул нухмалъиги цоцалъ рекъон газета цадахъ биччани кинабдай букIинаян абураб пикру.

Дагьабги баян гьабуниги Миясатица абулеб букIун буго цо номер министерлъиялъ, цо номер Хъвадарухъабазул Цолъиялъ цим-цимал хIалтIун къватIибе биччазе газета.

Гьеб суал гьелъ данбан буго АхIмадов Мурадида. Гьев ккола Маринал вас. Гьединго «Литертатуриял Журналазул» бетIерав редакторги. ТIубанго гьез разилъи кьун тIубараб суалги гьеб букIинчIин, амма кIудияб дандечIейги гьезул букIинчIилан абулеб буго Миясатица

Муслимова Миясат: «Гьеб газета киданиги букинчIо цо хасав чиясул буголъилъун. ХIукуматалъ гIарацги кьун биччалеб басма ккола гьеб.

Газеталъе нухмалъи гьабизе гьабураб хIукмуги гьеб дунго лъикIай яхъун гьабураб букIинчIо, гьеб ккола министрасулгун дандги бан гьабураб иш.

БатIияб суал буго кин газета лъикIаблъун гьабилебали абураб. Гьелъул рахъалъ ниж кидаго хIадур руго цадахъ гIодорги чIун цоцазда гIакълу дандбазе.

Гьединлъидал дун хIаталдаса ун гIажаиблъизаюна гьеб кагъат интернеталда бихьараб мехалъ.

КIиялго цадахъ рекъон хIалтIун лъикI гурищан цебеккунго дандбараб суалги букIаго гьединаб иш гьез гьабилилан ракIалдего ккун букIинчIо.

Амма абизе ккола кагътида гьез рехсолел ругел хIужаби тIубанго мекъал ругилан абизе дун яхъинаро.

Ругел дандеккунгутIиял лъугIизариялъул мурадалда цадахъ гIодорчIезе кколин рикIкIуна дица. Гьелъие нижги кидаго хIадур руго».

ХIасил-калам жеги цойиде бачIараб хIукму гьечIо гьеб суалалъул.

Живго министргун дандчIвачIого, гьесги кин щибали баян гьабичIого гьеб суал роцIцIинирилан абуна гьелда тIасан Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул цолъиялъул нухмалъулев АхIмадов МухIамадицаги.

Гьединго жеги рагьараб кагътие жаваб гьабун гьечIо президент ГIабдулатIипов Рамазаницаги.
XS
SM
MD
LG