МагъчIваялъе рес

Макьастаялда гIазу тIагIана...цинтIаго


Хунзахъ мухъалъул Макьасда абулеб бакIалда базе хIисабалде босун букIараб лыжабазда хъещтIолезе санагIатаб туристазулаб кластералдаса инкар гьабураб гIадинаб калам гьабуна Россиялъул хIукуматалъул вице-премьер Хлопонин Александрица. «Шималияб Кавказалда, ай Кавказалъул минералиял водыялъул рахъалда туризмалъулаб кластер цебетIезабиялъе бищун кIудияб квалкваллъун кколеб буго гьеб ишалъе нухмалъи гьабулеб цогояб гIуцIи гьечIолъиялъ. Щивас хIалтIи гьабулеб буго жиндаго берцин бихьухъе ва жинхъаго бажарараб хIалалда. Гьединлъидал, регион цебетIезабиялъе чара гьечIого хIажат буго цо гIуцIи», - ян абуна вице-премьерас Россиялъул Федерациялъул Федерациялъул Советалда цеве кIалъалаго.

Хлопонинил рагIабазда рекъон, курорталгун туризм цебетIезабиялъе аслияб куцалда кIвар кьезе ккараб лъабго рахъ рагIула. Гьелги кколел руго лыжабазда хъещтIеялъул иш роцIинабизе кколеб Архыз, Эльбрус ва Эльбрусалда цебеса гIебеде ругел бакIал. Гьединго, кIвар кьезе бугила Чачаналда туризм цебетIезабиялдеги.

«Дагъистаналъул Макьасда бакIалда хурхун абуни, гьеб рахъалда гьарулел хIалтIаби чIезе теялъе хIукму гьабун буго. Макьасда абураб цIаралъул таржама гьабуни, гьелъул магIнаго ккола «гIазу гьечIеб, букIунареб бакI» абураб. Гьайгьай, гьениб туристазулаб кластер бай лъикIаб пикру букIана, амма гьеб буго цIакъго хираго чIезесеб проект. Щайгурелъул, цохIо нухазул инфраструктура рукIалиде ккезабиялъул мурадалда харж гьабизе ккезе буго 20 миллиард гъурущ», - ян лъазабуна Хлопонин Александрица.

Щибха гьелъул магIна? Щай Макьасда гьарулел рукIарал хIалтIаби рехун толел ругел? Гьеб суалалъе жаваб кьолаго Дагъистаналъул хIукуматалда цебе бугеб туризмалъул идараялъул нухмалъулев ГIисаев МухIамадица бицана, гьеб кластер хасаб экономикияб зоналъун гьабизе кIвечIила, гьелъие аслияб гIиллаги кколила гьеб бакIалъул, ай ракьалъул хважаин пуланаб идара, яги пуланав чи кколин чIезабизе кIвечIолъи.

ГIисаев МухIамад: «Нилъерго магIарулазул гIадаллъиги бихьизабун, ракьул суал тIубазабизе кIвечIо доба. Лъабго соналда жаниб ракьул хважаинги чIезавун, гьениб хIалтIи байбихьизе бегьулин абураб божилъиялъулаб кагъат кьолеб гьечIонани, гьеб бакI хасаб экономикияб зонаялда гьоркьоса уна».

Дагъистаналъул хIукуматалда цебе бугеб туризмалъул идараялъул нухмалъулев ГIисаев МухIамадица бицухъе, «Макьасда» хасаб экономикияб зонаялда гьоркьоб букIиналдаса щибго пайда гьечIин абураб кагътида гъулбас гьабун рагIула. Гьеб кагътил магIнаги кколила Макьасда базе хIисабалде босун букIараб туризмалъулаб кластералъе ахир лъунин абураб. Амма ГIисаев МухIамад рази гьечIоан, гьеб бакIалда бугеб цIаралъул таржама гьабидал, гьелъул магIна «гIазу гьечIеб, букIунареб бакIин» кколин абиялда.

ГIисаев МухIамад: «Макьас абураб рагIи ккола гIахьвалазул мацIалдаса гIинтIи абураб. Гьеб рагIул таржама гьабизе лъаларев чи ватани, гьезие кумек гьабизе дун хIадурав вуго. Гьеб бакI букIун буго гIинтIидул рохьалъ бацараб. Риидалцин хIамаги хIамихъанги цIорон холеб бакIалда гIазу чIоларин абиялъул магIна бичIчIуларо».

ГIисаев МухIамадица бицухъе, гьеб бакI гIазу балареб ва гьеб гIодоб чIолареб бакI бугин аби рагIула ургъунго рицунел харбал.

Макьасда бакIалъул цо бутIаялъул хважаинзаби ккола Сивухъ росдал жамагIатги. Масала, гьеб росулъа ПатахIил МухIамадица бицана, гьурихIалаб бакI букIиналъ абизегIанасеб гIазу гIодоб чIолеб бакIлъун гьеб гьечIилан.
ПатахIил МухIамад: «Гьурал рахъунеб бакI бугоха гьеб. Амма тIубанго гIазу гIодоб чIоларин абиги гьереси букIинарищха, гIазу букIуна, амма цIакъго кIудияб гIазу букIунароха».

Кинаб бакI гьеб батаниги экономист Мусаев ТIайгибидайин абуни, Россиялъул тIалъиялъ Макьасде квер хьвагIиялда нахъа бихьулеб буго Билаловазде гьабулеб иргадулаб тIадецуйлъун. «Шималияб Кавказалъул курортал» акциячагIазул жамгIияталъул нухмалъулевлъун Билалов АхIмад вукIараб заманалда, гьесул хIаракаталдалъун гIумруялде бахъинабулеб букIараб проект кколеб рагIула гьеб. Гьанже Россиялъул тIалъиялъул Билаловаздехун лъикIаб гуреб бербалагьи лъугьараб мехалда, МакьастIа туризм цебетIезабиялъе гьабулеб букIараб хIалтIудеги тIаде ракь хъвайлъун рикIкIине кколила гьеб.

Кин батаниги, Федерациялъул Советалъул спикер Валентина Матвиенкоца хIукуматалъул вице-премьер Хлопонинил пикруялъул рахъ ккуна, Кавказалъул Минералиял Водыялъул мухъ цебетIезабиялъе хасаб къанун къабул гьабизе ккеялъулги, гьеб хIалтIи рагIалде бахъинабиялъе кумек гьабизеги кколин лъазабуна.
XS
SM
MD
LG