МагъчIваялъе рес

МахIачхъала: жамгIияб транспорталъул "гIузраби" хутIулел руго


МахIачхъалаялда гьанжелъезегIан аслияб жамгIияб транспортлъун кколеб букIараб маршруталъул таксиязул бетIергьаби мурадалде щвезехъин руго. ЦIияб соналдаса гьезие изну кьезехъин буго рекIадухъ I7 гъурущ босизе. Амма гьелдаго цадахъ шагьаралъул мэриялъ гьезие гIуцIулеб буго хIакъаб конкуренцияги – администрациялъ росарал автобусал хьвадизе байбихьулеб руго цIияб соналъул байбихьудаса. Раккизаризе ругищ гьелъ гIадамазе санагIалъи цIиккIинабиялъул шартIал?

МахIачхъалаялъул администрациялъ изну кьуна маршруталъул таксиязе цIияб соналдаса нахъе рекIадухъ 17 гъурущ босизе.

Амма гьелдаго цадахъ риччазе руго гьанжегIагар МахIачхъалаялде рачIарал кIудиял автобусалги.

МахIачхъалаялде бачIараб кIудияб 66 автобусалдалъун лъугIуларин маршруталъул таксияз тахшагьаралда чIезабураб монополияйин абуна ЭР-ялъе Бадрудин Ибрагьимовас. Живго «Дагэнергоремстрой» гIуцIиялда хIалтIулев вукIаниги, автобусазул парк гIуцIизе кумек гьабулеб буго гьес МахIачхъалаялъул автобусазул идараялъе. Гьев цеве гьенив хIалтIулевги вукIун вуго.

МатIу
please wait
Embed

No media source currently available

0:00 0:01:36 0:00

ПалхIасил, маршруталъул лъабго-ункъо таксиялда жанире унел чагIи гьунел автобусал гьел рукIаниги, шагьаралда бугеб чанго азарго маршруткаялда данде чIезе бажаруларин жегиги гьел автобусазухъайин рикIкIунеб буго Ибрагьимовас. ТIадежоялъе гьел хьвадизе руго гIицIго аслиял шагьраяздасан.

Маршрутазул таксиял рачунез багьанадуй бачунеб буго гьел автобусал чIезе бакIалгийищин ругел МахIачхъалаялда хутIунилан. Гьединго жалго шагьаралъул администрациялъул хIалтIухъабазги бицана ЭР-ялъе автобусал чIезе кколел бакIал ричун ратанин цебесеб администрациялъул нухмалъиялъ. Гьанже жидеца гьел диваналъул хIукмуялдалъун тIадруссинаризе кколел ругилан.

Бадрудин Ибрагьимовасул рахIатхвей буго жидее конкуренциялъе рачIарал цIиял автобусазе хIалтIизе квалквал гьабилин маршруталъул таксиязилан. Жидеда гьеб цебеги бихьараб жо бугила.

Бадрудин Ибрагьимов: «Гьениб букIине буго рагъ – Газелазул шофераз автобусазулазе квалквал гьаризе руго цере кIанцIун, гIакъуба кьун. Монополия чIезабун буго гьез. Бокьараб тIалабги цебе лъун чIолел руго гьел. ЦIурдул рекун, ганчIал речIчIун гьез гьабичIеб жо течIо нижее. Гьанжени мэриялъулги бичIчIи буго гьеб рахъалъ. Ниж цIунун чагIи телила… Гьединал хIужаби ккеларедухъ мэриялъ нахъе рачунел руго 70 проценталъниги маршрутал».

ЭР: «Гъозул ихтияр букIунищ гьедин гьел нахъе рачине?»

Бадрудин Ибрагьимов: «БукIуна. Ставрополь, Пятигорск ва цогидал шагьаразда рукIуна гIадамал раччулел фирмаби. Москваялдаги гьединго букIуна. Тендерги лъазабун, бергьарал фирмабазул букIуна гIадамал раччизе ихтияр. Гьазги гьединго гьабизехъин бугин абуна».

Маршруталъул таксиязда гьоркьоб гьабизе бугин Бадрудин Ибрагьимовас бицунеб къецалъул 25 декабралда МахIачхъалаялъул мэриялда данделъиялдаги абуна. ЦIияб соналдаса нахъе гьел маршрутазул таксиязул къадар 40 проценталъ дагьлъизе бугила. Щайин абуни гьезул гIемерисел ругила некIого рищногохIалде рехизе заман щварал, басриял жал. АнцIго соналдаса цIикIкIун гьеб хIалтIизабун батани, хIалтIизе риччазехъин гьечIо.

40 процентин абуниги, гьебги буго мухIканлъи гьечIеб тарих. Щайгурелъул гьанжелъагIан МахIачхъалаялда аслияб транспортлъун букIараб «Махачкала-транс» гIуцIиялда гъорлъе уна официалияб куцалда 2 490 маршрутка. ХIакъикъаталдайин абуни гьезул къадар кIиго нухалдагицин цIикIкIун бугин абулел баяналги руго. Шагьаралде магъало кьезе ккеларедухъ балъго хIалтIулел ругила гьел. Жибго гьеб «Махачкала-трансги» буго бичIчIулареб гIуцIи. Гьелъул гьечIо нагагь хванани, транспорт къачIазе жибго бетIергьанаб станция, яги жидер балансалда бугеб цохIогIаги транспорт. Гьез гьабулеб жо ккола гIицIго путевкаби ричи. Гьелда бан суал кьезе ЭР-ялъ бахъараб хIаракатги гIадада ккана, жаваб кьезе гьезул вакилзабиги разилъичIого.

Россиялъул шагьаразда гIадин, хас гьабун пуланаб транспорт кида ва кибе бачIунебали чIараб тартиб гьечIо МахIачхъалаялда. Рихьдаего гIадин цо-цо бакIазда хIубазда чIван руго маршрутазул таксиязул номерал хъварал игIланал, амма гьезда рекъон гьел хьвадуларо.

Масала, гьадин бицунеб буго ЭР-ялъе МахIачхъалаялда гIумру гьабулей Загьраца.

Загьра: «Цебеги букIана гьагъал автобусал чIезе рихьизарурал бакIазда чIван заманги транспорталъул номералги. Гъолда рекъон гъол рачIунел рукIинчIо. РачIинеги кинха рачIинел трасса цIун букIунелъул. ГьабсагIат гъол маршрутазул таксиял бокьа-бокьухъе хьвадулел руго, гъозул гIадлу хун буго».

ГьанжегIагар МахIачхъалаялде рачIарал цIиял автобусал хIалтIизе руго метан абураб газалда. Гьелъул багьа 10-11 гъурщиде буго МахIачхъалаялда. Гьанже гьеб анкьго гъурщиде бичулеб станция лъеялъул харбалги руго транспорталъул вакилзабазда гьоркьор. Амма цереккун газалдалъун хьвадулел автобусазда хIалтIарал чагIи гурони, бокьа-бокьарал шоферал хIалтIунги данде кколеб гьечIо гьезда. Щайин абуни гьеб газ битIун хIалтIизабичIони, хIасилал квешал рукIине бегьулелъул. Гьедин гьабсагIаталда гьел шоферазул махщел камил гьабизехъин буго Автобусазул идараялъ.

Гьединго жеги чIванкъотIун хIукму гьабун гьечIо автобусазда жанир турникеталищ лъелел, яги гIарац бакIаризе кондукторалищ чIезарилелали. Турникетал цIакъ хираго чIолел руго, кондуктораздайин абуни божилъи гьечIо. Масала, халкъ дагьабниги гIадлуялде бачIараб Москваялъул мисал босани, къоялъ автобусазе щвараб хайиралъул 10-15 процент кибе арабали лъачIого тIагIунила гьениб.

XS
SM
MD
LG