МагъчIваялъе рес

Дагьаб лъалеб гIан, макьу халатаб букIине батила...


«Яхтабазулги виллабазулги хIакъалъулъ» абураб тIокцIар кьун буго информалатаз баккизе бегьулеб цIияб къануналъе. Дагьалъ цебе Федералияб хасаб хъулухъалъ загьир гьабуна цебелъей пачалихъиял хъулухъчагIазул малмулкалъул, яхтабазул, хасал аэропланазул ва цогидалъул балъголъи гьабизе рес кьолел къанун бахъизе къварагIелалда хурхараб.

5 октябралъго Россиялъул хIукуматалъ тасдикъ гьабуна Федералияб хасаб хъулухъалъ хIадур гьабураб къануналъул инициатива. Пачалихъияб Думаялъ гьеб къабул гьабуни, хиса-басиял гьаризе ккезе рагIула Гражданияб кодексалда ва чанго цоги къануналда. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго хIукуматалъул пресс-хъулухъалъ.

Рехсараб реестр ккола рагьараб документ ва гьездаса пайда босизе ихтияр буго жакъа Россиялъул бокьарав гражданасул.

Къануналъул инициативаялъул автораз абулеб буго, гьеб проекталде жал гьесизарунин Мина-къаялъул ихтиярал чIезабулеб цолъизабураб пачалихъияб реестралда бугеб информация такъсиразул, компроматалъул яги политикиял мурадазда хIалтIизаризе рагьараб рес хутIулеб букIиналъин.

Къануналъул инициативаялъ кIудиял бахIсал рагъаризаруна прессаялдаги интернет-сфераялдаги.

ГIемерисел экспертаз гьеб инициатива рикIкIунеб буго кIигьемерлъиялъулаб, анцIгогIан соналъ нахъе гьабулеб галилъун. Гьеб проект къануналде буссунеб бугони, гьеб кколин жибго пачалихъалъ, коррупциялъе нухал дагьлъги гIемерлъизарулел ва гIатIилъизарулел ругин абурабин, рикIкIунеб буго, мисалалъе, Москваялдаса тохтур, жамгIияв хIаракатчи ГIабдурашид СагIидовас.

ГIабдурашид СагIидов: «Гьеб суал унтараб, гIузруяб суал букIин некIогоялдаса лъала, амма хIакичагIазе жакъалъагIан тIомалъул бицалъи гIолеб букIана гьеб бади-бадибе ккезабун бихьизабизе ва цIикIкIинабизе. Амма жакъа дунялада бугеб ахIвал-хIал ва улкаялда бугеб экономикиябгун социалияб хIал хIисабалде босун, гьеб буголъи бахчизе хIукму ккун буго гьезул. Пачалихъалъ хIалалаб бечелъи бугони, гьеб бахчизабизе кколаро, амма пачалихъалъ тIадрекъон гьеб бахчизабунани, гьелъул магIна ккола пачалихъалъги цадахъ бикъулеб бугилан абулеб жо. ГьитIинаб къоялдаса нахъе чияс бикъараб жо, квешаб жо бахчула, гьеб буго рефлекс. Гьеб рефлекс хIалтIанин ккола гьанже гьезул. Пачалихъалъ гьеб къанун къабул гьабунани, гьеб ккола пачалихъги гьезда рекъон цIогьодулеб бугин абулеб жо».

ТIоцебесеб иргалда гьеб къанун къабул гьабунани, гьеб пайдаяб бугин Федералияб хасаб хъулухъалъейилан абулеб буго журналист МухIамад МухIамадовас. Сверухъ медицина, лъай кьей ва цогидал социалиял сферабазда гIарац гIоларогон бугеб заманаялъ, цо хIакимасул кинабалиго яхта, цогидав хIакимасул чанго гектаралда бугеб кIалгIа бугилан харбал раккидал, жамгIияталъул рижулила суалал.

Мина-къаялъул ихтиярал чIезабулеб цолъизабураб пачалихъияб реестралде раккизе ресал рукIинчIебани, нилъеда киданиги лъазе букIун батиларин довго президентасул пресс-секретарь Дмитрий Песковасул лъади Татьяна Навкал ракьазулги кIалгIабазулги хIакъалъулъин, хъвалеб буго РБК абураб интернет-сайталъ.

Алексей Навальныясул Коррупциялде данде къеркьеялъул фондалъ чIезабун буго, Татьяна Навкал Москваялъул рагIаллъабазда рихьизаричIел рукъгун ракьалъул кесек букIин. Гьениб ракьул соткаялъул багьа рагIула 60 азарго долларалдаса байбихьун. Бицен гьабулеб буго 779 кв. м. гIатIилъи бугеб минаялъулги 9373 кв. м. гIатIилъиялъул участокалъулги. Навальныясул фондалъул хIисабалда, гьеб киналъулго багьа кколеб рагIула 16 гIанаб млн. доллар.

Рехсараб реестралдаса пайда босун гьеб фондалда бажарун буго баянлъизабизе гьединго Россиялъул маххул нухазул бетIерлъун вукIарав Владимир Якунинил «Шубохранилищеялъул» хIакъалъулъ.

Фондалъул баяналда рекъон, Мокваялъул рагIаллъиялда бугеб Акулино росулъ гьелъие батIун буго гьесул 70 гектар ракьалъул, 2171 кв. м. гIатIилъиялъул кIалгIа, 623 кв. м. гIатIилъи бугеб гьалбазул рукъ, 644 кв. м. хасаб хIамамалъул комплекс ва гIемер цоги жо.

ГIицIго Навальныясул фондалъ тIатинабуна пачалихъиял хъулухъчагIаз гьарурал гIемер афераби. Гьезул харжал кинниги данде кколел гьечIо гьезул буголъиялда. Кисса гьеб бечелъи щварабали бицин гьездаса лъицаниги тIалабги гьабулеб гьечIин, лъазабулеб буго гьеб фондалъул вакильзабаз.

Нагагьлъун ФСБялъул цебелъей гIадахъ Пачалихъияб Думаялъ босани, гьединаб информация щвезе тIуранго нухал къазе ругин, лъазабуна «Росбалт» интернет-сурсаталъе комментариял гьарулаго, Пачалихъияб Думаялъул депутат Вячеслав Тетекиница. Гьесго абулеб буго, гьединаб къанун къабул гьабиялъул кинабгIаги хурхен гьечIин пачалихъалъул интересазда, пачалихъалъул хIинкъигьечIолъиялдайин.

Вячеслав Тетекин: «Ахирисеб заманалда нилъер киналго балагьал хурхинарулел руго къватIисел тушбабаз гьарулел кIвекIеназда. Кинабго жоялъул гIайиб Обамада рагIула. ХIакъикъаталдаги, гьеб киналда нахъ буго гIагсаб, батIияб мурад. Ахирисеб заманалда тадегIанал хъулухъчагIазул чангоясул регистрация гьабичIеб малмулк, буголъи баянлъизабуна чанго жамгIияб гIуцIиялъ. Багъарана чанго кIудияб скандал.

Гьай-гьай, жал ричун росизе кIоларел, жал гIицIго миллиял интересазул хъулухъалда ругел чагIи кколин чIун ругел, жалго гьединаллъун рихьизаризе хIалбихьулел пачалихъалъул тIадегIанал хъулухъазда ругел нухмалъиялъул элитаялъул вакильзабазул имидж хвезабиларишха гьелъ.

ХIакъикъаталдаги пачалихъалъул хIинкъигьечIолъиялда гьелъул кинабгIаги хурхенцин гьечIо, дир пикруялда. Мина-къаялъул ихтиярал чIезабулеб цолъизабураб пачалихъияб реестр халкъалдаса бахчизаби ккола Россиялъул хъулухъчагIазул ва олигархазул буголъи жамгIияб бералдаса цIуниялъе гьабулеб гали.

Гьеб гуребги гьелъ гьединго ресал гIатIид гьарулел руго батIи-батIиял макру-хIиллаялъул рейдерлъиялъул операциябазе. Мисалалъе, пуланаб буголъи босиялъул планал ругел гIадамазул, гьеб реестралдеги раккун, босулеб буголъиялъул хIакъав бетIергьан щив вугевали лъазабизе рес бугеб батани, къанун къабул хадуб гьединаб рес хутIуларо. Гьединаб хIакъикъаталъ ресал кьолел руго макру хIилла гьабизе. Ай, цебе щибаб букIнилъ Россиялъул нухмалъиялъ ахIдун бицунеб букIана баянаб информация щвеялъул ресазул хIакъалъулъ. Гьанжейин абуни, коррупциялъе нухал дагьлъизариялъул элементаздаса инкарги гьабун, нилъ махIрум гьарулел руго тIадагIанаб хъулухъчагIазда, олигархазда хурхараб информациялдаса.

Баянаб жо ккола, гьединаб къануналда нахъ буго доб буголъиялъул лъабго бутIаялдаса кIиго бутIа жиндихъ бугеб халкъалъул цо проценталъул интересал. Гьединлъидал ракI чIун абила, гьеб къануналъ цIунизе ругин олигарлъиялъул ва тIадегIанаб бюрократиялъул интересалин».

Кинаблъун бихьулеб бугеб бицен гьабулеб къануналъул проект дагъистаниязда?

Нижер мухбир Алиса Алдашевалъ МахIачхъалаялда гьабураб гьикъа-бакъи. Суалазе жавабал кьолел руго учительзабаз, блогераз, гIадатиял гIадамаз.

----------------------------------------------------------------------------------------

ХIусейнова ГIайшат: «Дир пикруялда, гьеб къанун къабул гьабиялъ халкъалъул рокьукълъиги ццинги бижизабизе буго хIакимчагIаздехун, рес бугездехун. Щайгурелъул, гьеб ккола гIадамал рикIкIинчIолъи, гьездагийищин гьеб лъазе кколебин, абун. Гьаб 21-леб гIасру буго, къануналъ баян гьабулеб гьечIониги, гьаб заманалда лъачIого щибниги жо хутIуларо, кинабго жо бахчизе бажаруларо. Рокьукълъи циIкIина, рази гьечIолъи циIкIина гIадамазул, гьелъ жеги революциялъул ахIвал-хIал бижизабизецин бегьула».

МухIамад Лабазанов: «Дир хIисабалада, цо рахъалъ босани, гьеб къанун, рикIкIине бегьула хIакимчаг1азул, депутатазул буголъи гIадамаздаса бахчизелъун бахъулеб бугилан. Цогидаб рахъалъ, нилъеда лъалаха, дагьаб цебегIан, гьаниб, Дагъистаналда бечедал чагIазухъе флешкаби рехулел рукIарал гьезул буголъи тIалаб гьабун, гьеб рахъалъ гIадамазул буголъи цIуниялъе бахъулеб бугин, лъикI буго гьеб къанун къабул гьаби. Цо рахъалъ лъикI буго, цогидаб рахъалъ, бечедазул рагIдукь бугеб буголъи бахчизе гьабулеб батилаха гьез. ГIадамазул ургъел ккун гьел хIалтIулареллъи гьадинги лъаларищха».

Айдемир Даганов: «БичIчIула кисан бачIараб бугебали гьеб къанун къабул гьабизе хIажат ккеялъул хабар. Гьеб буго Песковасул ригьнадаса хадуб бахъараб жо. Гьелдасан бичIчIула тIалъиялъ жал батIаго, гIадамал батIаго ругин абулеб букIин. Гьеб ккола конституциялда цере киналго ращад гьечIолъи бихьизабулеб жо: миллионал рикъарав тIаса бутIа кьун живго тун, чед бикъарав лъабго соналъ туснахъ гьавун».

Мурад Мустафинов: «ТIалъиялъ иргадулаб нухалда жибго цIунулеб буго. Гьеб буго, букIинеселда кризис жеги цIикIкIине букIиналъ, гIадамазда гьеб гьезул берцинаб гIумру бихьичIого букIине гьабулеб жо.

ГIадатиял гIадамаздаги тIалъиялдаги гьоркьоб кIудияб кIкIал буго. ТIалъиялъ жибго цIунулеб буго. Путиница кколеб буго элитаялъул рахъ. Амма хадубккун, халкъ тун, элита тIаса бищиялъ иш лъикIаб бакIалде бачIунаро. Гьелъ путчалде рачIинчIго хутIуларо иш».

Керим Керимов: «Къанун къабул гьабиялъ коррупция тIегьазабизе буго. Шай гурелъул букIине гьечIо халкквей, къватIиб чIвазаби, контроль.»

Камал Салманов: «Гьел кIалгIабазулги, яхтабазулги, самолетазулги бетIергьабаз, гIадамаз рищаралин абун ругел, тIалъиялъул вакилзабазе гIарацги кьун бахъизабулеб къанун буго гьеб, дир гьелда щибго щаклъицин гьечIо.

Гьел рортанхъизе лъугьиналъе гIиллаги буго, жидеца бикъараб, хъамураб щинаб жо инернеталда, оппозициял блогераз къватIиб чIвазабиялдаса хIинкъи.

Цогидаб гIилла буго, Россиялъул низам цIунулел идарабаздаса пайда гьечIолъиги бихьун, Англиялда ва цогидал хIукуматазда гьезул кIалгIаби рукIинги лъан, гьезул магъалабазул идарабазде, низам цIунулел хъулухъазде запросал ритIун, гьездасан тIалаб гьабизе рес буго къануналде цIай, цинги гьелъухъа хIинкъун, гьеб лъачIого букIине бахъулеб буго гьеб къанун. Гьеб къанун бахъун хадуб балъгоги бикъилаха гьез. Гьеб информация гьукъун хадуса гьез цогидабги гьукъила, интернет, цо хасал сайтал».

-------------------------------------------------------------------------------------------

Пачалихъияб Думаялъул депутат Владимир Родин тамашалъизавулев вуго къанун бахъиялъул инициатива ФСБялдаса букIиналъ.

Владимир Родин: «Аэропланазул, гумизул бетIергьабазул буголъи цIуниялда сверун ФСБялъул ургъел ккун букIиналъги дун тамашалъизавулев вуго. Дидаги лъала гьединав чанго чи. Дир ракI чIараб буго гьединал чагIазул къадар цIакъ гьитIинаб букIиналда. Бицен гьабулеб батизе ккола политикияб элитаялъулгун щулилял гьоркьорлъаби ругел, бищунго кIудиял ресал ругел олигархазул «къокъаялъул».

Ахирисеб 20-25 соналда жаниб нилъер гражданазе щвараб хIалбихьи ракIалде босун, дир ракI чIараб буго, халкъалъул аслияб къадаралъул гьеб инициативалде цIакъ негативияб бербалагьи букIиналда.

Яхтаби, авиалайнерал, виллаби ва цогидаб бечелъи бугел гражданазе жал цIуниялъул кинабгIаги къварагIелги бихьуларо. Дир ракI чIараб буго гьезул рес букIиналда жидерго хIинкъигьечIолъи жидецаго цIунизе.

Гьединаб къануналъул проект Пачалихъияб Думаялде щвезе бегьула ва къабул гьабизе бегьула гIицIго нухмалъиялъулаб, ай, «Единая Росссия" партиялъул хIаракаталдалъун".

ЭР: - Щай гьеб къануналъул инициатива гIицIго гьанже баккараб? ГьанжелъезегIан ФСБялда рихьулел хIинкъиял цере рукIинчIищ?

Владимир Родин: «Гьанже нилъеда ризго рихьулел руго пачалихъалъул кIудиял хIакимзабазда хурхарал скандалал. Цингиги, гьаб сон ккола рищиязда цебесеб сон. Байбихьанин, абизе бегьула, рищиязда цересел къецал.

Дун гIенеккана гIемер дискуссиязухъ, гIадамазул пикрабазухъ - халкъалъул аслияб къадаралъ гьеб инициатива къабул гьабулеб буго, киссан ва кинаб къагIидаялда гьел яхтабиги, аэропланалги, виллабиги росиялъе гIарац щварабин, абурал суалазе жавабал кьечIого хутIиялъе талъиялъ гьарулел манипуляцияби хIисабалда. Дир пикруялда, гьеб ккола халкъалъул интересал цIунулареб иргадулаб къануналъул проект».

«Трансперенси Интернешнл» абураб халкъаздагьоркьосеб коррупциялде данде къеркьолеб гIуцIиялъул Россиялъул бутIаялъул гендиректор Антон Поминов тамашалъулев гьечIо гьединаб инициатива ФСБялъул рахъалдаса букIиналдаса.

Антон Поминов: "Корррупциялде данде къеркьеялъул къануналда абулеб буго, коррупциялде дандечIеялъул процессалъул гIахьалаб рахъазул цоял кколин гражданалги жамгIиятгийин.

Кин гьеб процесс тIобитIулеб? Мисалалъе, "Новая газетаялъ" къватIиб чIвазабуна, сихIираб схема хIалтIизабун, Рублевкаялда цакъ кIудияб багьаялъул буголъи ФСБялъул 20 генералас жидехъего буссинабун букIин.

Дир пикруялда, гьеб къануналъул проект бижинабун букIине бегьула Федералияб хасаб хъулухъалъул хIалтIухъабаз, гьездаго гъорлъ довго Бортниковасги гьев хисулезги. Гьел киналго гIахьллъун рагIула Рублевкаялда бугеб лъималазул ах хасаб буголъиялде сверизабиялъул макру-хIиллаялъул схемаялда. Гьез гьеб ахалъул территория бикьун, участкаби хIисабалда ричун руго. "Новая газетаялъ" хъвалеб буго гьел лъугьанин долларазул миллионераллъунин.

Бищунго аслияб жо, "Новая газетаялда" бажарула жиндирго лъазаби, далилал рачун, тасдикъ гьабизе, ай гьебго «Россреестралдаса» босараб информацияги хIалтIизабун.

«Россреестралдаса» информация щвезе рес букIинчIебани, "Новая газетаялда" кIолароан гьединаб цIех-рехх гьабизецин».

XS
SM
MD
LG