МагъчIваялъе рес

Хъван кагътал кодор кьун рокьиги малълъун...


"БакьагьичIиса ЧIанкIал КучIдул" абулеб тIехьалъул цебесеб гьумер
"БакьагьичIиса ЧIанкIал КучIдул" абулеб тIехьалъул цебесеб гьумер

ВатIанияб тIалаб тIобитIулаго, ТIерхьарал цIвабзазул цIар къотIиларо...

Цебехун нилъеца абухъе аваразул классикияб адабияталъе кьучI лъуна Инхоса ГIалихIажияс. Дица кинаб бугониги кьучI лъезе кколин лъечIо гьес гьеб кьучI. Гьесухъе илгьам гIадин, Аллагьасул рахIмат гIадин бачIана шигIру. Гьелъулъ хIажалъи букIун доб заманаялда аваразул. Жеги ругънадаса Кавказалъул рагъул бидуца белъараб чIорто бахъичIеб мех букIана. Шамил асирлъиги гIурус бергьинги миллаталъул къадруялда хIур ккей гIадин къабул гьабуна. Жаниса гьалдолеб, ракI чучиялъе ва къисасалъе нух балагьулеб къуват букIана авар халкъалда жаниб. Гьелъие сабаблъун, унтараб ругънаде дарулъун рукIана шагIирасул рагIаби:

ВатIанияб тIалаб тIобитIулаго,

ТIерхьарал цIвабзазул цIар къотIиларо...

Заман хисун лъаларо, халкъалъул гIумруялде бугеб бербалагьи хисун лъаларо, миллаталъ хвелгьечIолъиялде витIаниги, къабул гьавуниги ГIалихIажил хатI, къагIида, кечI такрар гьабулел чагIи гIемерлъичIо гьесдаса хадур. ХIХ гIасруялъул ахиралдехун магIарулазул гIумруялъулъе рачIана рокьул кучIдул. Халкъалъухъеги гьел щолаан тIармида ахIун. Хъвавулаб культура жеги камиллъун букIинчIо. КечI хъвалев чияс тIармида ахIун кьолаан халкъалъухъе. Гьеле гьеб мехалда тIармида ахIулел кочIохъабахъе цоцаца кьун щвана БакьагьичIиса Тажудин (ЧIанкIа) абурав чисул шигIру-кечI. Гьев машгьурлъана тIалъиялда. Гьесул къагIида букIана цебехун магIарулазда лъалебщинаб шигIру-кечIалдаса батIияб. РагIи цоцалъ рекъараб, берцинал сипатал гъорлъ бугеб. Сундулъха букIараб ЧIанкIал хаслъи?

ТIоцебесеб иргаялда гьес аваразул шигIру-кечI бечед гьабуна гьарзаго сипатал гьариялдалъун. ЧIанкIа вукIана цIаларав чи. Гьесда лъалеб букIана бакъбаккул адабият - фарс ва гIараб шигIру-кечI. Гьезул адабияталда цIакъ машгьураб къагIида буго гьеб. Хасго жагьилаб гIасруялъулин тарал, Ислам баккилелде цересел шагIирзабазул гьарзаго букIана гьединаб кечI хъвалеб къагIида. Гьезул асар ЧIанкIадеги МахIмудидеги щун букIиналъе далиллъун руго МахIмудил кочIолъ дандчIвалел "Имраул Къайисил къисабалъ гIадал..." абурал мухъалги. Имраул Къайис вуго гIарабазда гьоркьов рокьул кучIдузул ва шигIрияб адабияталъе кьучI лъураздаса цояв. Гьеб сипатал гьарулеб кочIол къагIида лъугьун бачIана авар шигIру - кечIалъе. ХIикматго рекъонги ккана:

Забру варакъулаб, ХIежалъул Къуръан,

ХIал гьабулеб буго гьанже гьаваялъ.

ХIанил жисму бугеб, зобалъул тIайпус,

Зулму буго дие гьаб рокьиялъул...

Дун лъугьинаро нужее БакьагьичIиса ЧIанкIал нужер киназдаго лъалеб гIумруялъул бицине. Гьев цIаларав гIалим вукIинги, кечI хъвай гьес пишалъун гьабичIолъиги, хъваралги гIемерисел балъго, гьазул дозул гьариялдалъун хъварал рукIин нилъер лъиениги балъголъи гуро. Дие гьал гьитIинал макъалабалъ бихьизабизе бокьун буго аваразул классикияб адабияталъул тарих. Гьеб хисулеб букIараб куц. Щал чагIи лъугьарал классикаллъунали. Гьебги дидаго адабият бичIчIараб хIалалъ. Дир субъективияб пикру буго гьаб. ЦIороберал лъурал гIалимазабца чанги жо абизе бегьила ва гьезул гьелъие ихтияр буго. ХIасил калам ЧIанкIаца жиндаго лъачIого, цебе гьединаб масъалаги лъечIого хIурият гьабуна аварзул шигIруялда. Гьес кечI хъвалеб къагIида къабул гьабуна лъикIал шагIирзабаца ва кочIохъабаца. Хъвалеб букIана пасихIго ва батIи-батIиял къагIидабаздацин. Анкьго гьижаялъ:

Лъаралъ кьалбал ругеб гъветI,

Кар биччан зодой уна.

Зигардизе къасд буго

Къадар дургун хъвазегIан...

Хъвана машгьураб нилъее гIагараб 11 гьижаялъул къагIидаялъ. РукIана 8 гьижаялъ хъварал хIалбихьиялги. Гьел гIемер машгьурлъичIо. ХIасил калам, авар адабияталда цIияб чваххиялъул, нухалъул, хатIалъул, кечI хъвалеб къагIидаялъул щулияб кьучIги лъун, наслабазда нухги бихьизабун ХIежалде аралъув нухда къадаралде щвана хIикматаб гьуналъул шагIир БакьагьичIиса ЧIанкIа (Тажудин). Цебехун абухъе гьев вукIана динияв чи, амма шигIрабазул къисмат гьадинаб ккана, бахчун хIебтIулеб гьунар букIинчIолъиялъ. "Хъван кагътал кодор кьун рокьиги малълъун" цIалдолелги тун ана абадияб рокъове шагIир. Аллагьас витIун ккезавун ватайги ва Алжаналде тIовитIайги. Гьев вуго аваразул адабияталда кIиабилев классик. Гьеб нухда МахIмудица гьарурал хIикматазул рахъалъ нилъеца бицина бачIунеб гьатIан къоялъ.

Хабар лъикIаб рагIайги!

=======================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG