МагъчIваялъе рес

«Лирикаялъул» асирлъиялде данде


28 июналъ Шималияб Кавказалъул республикаязда аптекаялдасан тIиритIизарулел наркотиказда данде лъазабураб акциялда 6000 гIанасе чияс гIахьалъи гьабун буго. Гьеб акциялъул аслияб мурадлъун буго наркотикияб асар бугел дараби изну гьечIогон ва хасаб кагъат гьечIогон ричи гьукъи. Дагъистаналда гIемер ратулин лирика ва цогидал дараби тIиритIизаруле аптекаби. Хасго гIемер гьел ругин Дербент шагьаралдайин абулеб буго жамгIиял хIаракатчагIаз.

Ингушетиялда, Гъабардаязулгун Балкариязул республикаялда, Ставорополь икълималда, Чачаналъ, Дагъистаналда гIадамал къватIире рахъун руго 28 июналъ, аптекаяздасан тIиритIулел наркотиказда данде лъазабурал тадбиразде.

«Кавказский узел» сурсаталъ лъазабухъе, батIи-батIиял регионазда гьеб акциялда гIахьаллъулезул къадар букIун буго азарго чиясде щун. Гьедин, Чачан республикаялда азаридаса цIикIкIун гIадамал рахъун руго къватIире, аптекаялдасан эркенго наркотикал ричи къотIизаби тIалаб гьабун.

«Залдиар», «Тропикамид» ва «Лирика» абурал наркотикияб асар чиясе гьабулел дараби ричизе гьукъун гьечIо аптекаязда. Гьеб дару аптекаяздасан рецепт гьечIогон бичиялъухъ тамихI гьабизе кколин яги гьеб бичизе гьукъизе кколин аптекаяздайилан абун гIемер нухалъ рахъун рукIанин тIолго Шималияб Кавказалъул жамгIиял хIаракатчагIи, амма жакъа къоялдеги гьеб иш цо мухъде ккезабун гьечIин абулеб буго Дагъистаналдаса жамгIияб хIаракатчи МухIамад Шамиловас.

Аптекаялдасан ричун росизе рес щолел наркотиказада данде рагъ базе кканани, тIоцебесеб иргаялда тIобитIизе кколила мониторинг, кигIан гIадамал ругел гьел дараби дару-сабаб гьабизе хIажатал тIолго улкаялда, цинги щибаб регионалде хас гьабун хIажатаб къадар гурого биччазеги бегьуларила гьезулин абулеб буго жамгIияв хIаракатчияс.

Дагъистаналда гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуни гIемер гIолилаз ва жамгIиял хIаракатчагIазилан абулеб буго «Я Помощник Президента» абураб гIуцIиялъул вакил Наргиз Исрафиловалъ.

Гьелда тIадеги, жидеца Наркотиказда данде къеркьолеб идарагун цадахъ тIоритIулила аптекабазде рейдал, амма гьенир «Лирика» тайпаялъул дараби эркенго ричулел ратаниги гьезие гIакIа бахъи гуреб жо гьабуларила, гьединлъидал гьеб бича-хисиялда данде рагъ базе сурсатал гьечIила рахъун хIукуматалъ.

Араб соналъ, Наркотиказда данде къеркьолеб идараялъ ракIарун рукIана аптекабазул хважаинал, Лирика бича-хисиялда хадуб халкквей тIалаб гьабун ва гIолилал гьелъул заралияб асаралда цIуниялде ахIун. Амма жакъа къоялъги чанги аптекаязда ратулин гьел ричулелилан абулеб буго ЯППялъул вакил Наргиз Исрафиловалъ.

Наргиз Исрафилова: «Аптекабзде рейдал гьарула нижеца Наркотиказда данде къеркьолел идарабазул хIалтIухъабигун цадахъ. Гьел халгьабиязул мурад ккола лицензия гьечIогон хIалтIулел ва эркенго наркотикал ричулел гIуцIаби тIатинари. Гьел ричулел ратани, гьезухъа гIакIа бахъула, гьелдалъун лъугIизеги лъугIула, щай гурелъул гьабсагIаталда гьезие кьварараб тамихI гьабизе сурсатал гьечIогон къануналъул.

Ахираб заманаялъ Наркотиказда данде къеркьолеб идараялъул хIалтIухъаби гьечIогон тIоритIулел руго нижеца рейдал. МахIачхъалаялда цIакъго тIибитIун бугин абизе бегьуларо гьеб рагьун бича-хиси, амма балъго бичулел ратизе рес буго. ГьабсагIаталда бищун квешаб хIал буго Дербент шагьаралда.

Гьениб щибаб кIиабилеб аптекаялда рагьун ричулел руго наркотикал. Ниж гьенире ун, гьеб лъугIизаби тIалаб гьабун, къватIиб чIвазабулеб рукIаго, камуларо хIинкъабиги, гIемерисел гьел аптекаязул бетIергьаби ратулел руго яги Жанисел ишазул хIалтIухъаби яги цогидал хIакимал. Гьеб хIалалда буго гьабсагIат иш».

Дагъистаналъул Наркодиспансералъул хIалтIухъан Шамиль ГIабдулхIалимовасул рагIабазда рекъон, «Лирика» тайпаялъул наркотикал хIалтIизарулел чагIи наркоманаллъун рикIкIунел гьечIо, гьел кколел руго токсикоманал, гьединлъидал гьезул агъаз гьабичIогонги толеб буго.

Амма жакъа къояде официялиял хъвай-хъвагIаязда наркодиспансералъул сияхIазда 6 000 наркоманал ратанани, лирика ва цогидал гьеб тайпаялъул наркотикал хIалтIизабулезул къадар лъидаго лъалеб гьечIо, амма гьел жеги цIикIкIун ратизе рес бугила.

XS
SM
MD
LG