МагъчIваялъе рес

Миллияб политикаялъул бакIалда политикияб миллатчилъи


Россия -- ГIурусазул ультрамиллатчагIи жиндирго маршалда. Москва 04Ноя2011
Россия -- ГIурусазул ультрамиллатчагIи жиндирго маршалда. Москва 04Ноя2011

Гьалкъоязда россиялъул президент Владимир Путиница гъулбас лъуна «Миллатазда гьоркьосел бухьеназул рахъалъ президентасда цебе хасаб Шура» гIуцIиялда хурхараб амруялда гъоркь. Гьеб Шураялда цебе лъолеб аслияб масъала - анлъго моцIалда жаниб пачалихъияб миллияб политика гIуцIи. КIиго гIасруялда жаниб Россиялда хIалтIизабичIеб политика гьеб цIияб Шураялда гьедигIан къокъаб заманалда ургъизе бажариладай?

«Нагагь ицц къун батани – жугьутIаз гьекъон буго», ян абураб цIар арав кочIохъан Владимир Высоцкиясул кьогIаб махсарадул кечI гIемерисезда ракIалда батилин жакъаги.

ХIакъикъаталдаги пачаясул заманалдаса байбихьун Советияб заманалде щвезегIан Россиялда киналго гIайибал гIунтIизарулаан жугьутIазде. РакIалде щвезаризин долго Сионалъул гIакъилазул протоколалилан абураб тарихияб гьересиги, Сталинил заманалда кIудияб дандерижи ва жугьутIазде вахIщияб рокьукълъи багъаризабураб долго чIвадарухъаби-тохтурзабазул абураб ишги.

Гьале пачаясулги коммунистазулги низамал тIаса рехун ругониги, добго бербалагьи жакъаги хутIулеб буго жинда демократиялъулабин абураб Россиялда. ЦохIого цо жо буго хисун – гьанже жугьутIазул бакIалде тIамун руго кавказиял. Улкаялда бугеб щинаб квешлъи хасго Кавказалдаса рачIараз гьабулеб бугин абулеб буго гIадатиял гIурусаз гурелги, цо-цо политиказги, мухбирзабазги, хIатта пачалихъиял хъулухъазда ругезгицин.

Гъозул гьединаб балъгояб гуреб – рагьараб квербакъиялъ фашизмалда тIад босараб бергьенлъилдаса чIухIулеб улкаялда бижизабуна цIияб фашизм. Москваялда бугеб адвокатазул коллегиялъул адвокат Мусаев Мурадица бицунеб буго:

Мусаев Мурад: «Россиялда гъваридал кьалбал риччан руго ксенофобиялъ. 20 соналъ цере раккана бутрIул кIкIварал, фашизмалъул игIланал ахIдолел гIолохъаназул къукъаби. Хасго Солнцево, Орехово, Люберцал ва цогидал бакIазда. Гьез тIаде кIанцIи гьабулаан кавказиязде гуребги, Централияб Азиялдаса рачIарал гIадамаздеги. БитIун пикру гьабизе кIолев чиясда бичIчIула гьединал гIадамал квершеллъиялъ рижизарун ругеблъи.

Мисалалъе гьал тIадехун рехсарал хIалихьатал Советияб заманалда КГБялъ гIезаруна ва жамагIаталде гьел журазаруна. Гьале жакъасел гьел футбол бокьулел фанаталги квершеллъиялъ жамагIаталде гъорлъе журан ратилин дида ккола. Гьездаса квершеллъиялъ къуватаб система бан, гьелдалъун ксенофобиялъул акциял тIоритIизарулел руго киса-кирего.

ГIиллаги гьечIого къасд гьабулеб буго халкъазда гьоркьоб тушманлъи баккизабизе. СуравчагIазги диванчагIазги расги гьабулеб гьечIо унго-унгоял гIайибиял жавабчилъиялде цIазе. Кавказиязе диван гьабулеб буго къануналде данде кколареб къагIидаялда. Масала кавказиязда ва гIурусазда гьоркьоб дагIба-рагIи ккани – гIайибияллъун хъващтIан кавказиял лъазарула. Гьединлъидал нилъ гъозул берьбалагьиялда ккола лъабабилеб, ункъабилеб сорталъул гIадамал».

Россиялда кколел щинал ксенофобиялъул хIужаби гIадахъ росулаго гьезул мухIканаб цIех-рех гьабулеб буго инсанасул ихтиярал цIунулез. Хасго «Сова» абулеб централъул. Киналго миллатазул вакилзабазе кIудияб хIинкъи кьолеб гьеб масъала гьез кІвахІ гьечІого хIукуматалда ва президентасда цебе лъолеб буго щибаб къоялъ.

Жибго Россиялъул тIалъиялдага гьанжего-гьанже бихьана гьеб масъалаялъул захIмалъи. Гьалкъояз Россиялъул президентас гьабун буго миллатазда гьоркьоб маслигьат тIад чIезабиялда хурхараб амру. Жиндирго администрациялда ва Россиялъул Федерациялъул хIукуматалда Президентас тIадкъалеб буго 2012 соналъул 1 декабрь щвезегIан Россиялъул Федерациялъул пачалихъияб миллияб политика хIадур гьабизе.

Амма кIиго гIасруялда жаниб ургъичIеб политика бащдаб соналда жаниб кин ургъилеб? Гьелда бан цIар арай хIаракатчIужу ва инсанасул ихтиярал цIунулей Лидия Графовалъ жиндирго блогалда абулеб буго жиндир кIудияб шаклъи ккун бугин гьадинаб стратегия гьедегIан къокъаб заманалда жаниб хIадур гьабизе кIолеблъиялда.
XS
SM
MD
LG