МагъчIваялъе рес

Депортациялъул дандерижи


1944 сон. Депортация
1944 сон. Депортация

Гъабардагун-Балкариялдаса политикиял репрессиязул къурбаназ моралияб зарал бецIиялъул гIарзаби хъван руго инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун Страсбургалъул диванханаялде. БакIалъул диваназ жидер марад тIубазе инкар гьабурал 1944 соналда Гьоркьохъеб Азиялде депортация гьабун рукIарал гIадамазул ва гьезул лъималазул нус-нус чиясул гIарза гьанжеялде щун буго Страсбургалде.

Гъабардагун-Балкариялъул ТIадегIанаб диванханаялъ 19 декабралдаги инкар гьабуна 9 аппелационияб гIарзаялъул марад тIубазе. Гьел киназдаго бан хисизабичIого тун руго мухъазул диванаханабазул хIукмуял.
Гьедин бакIалъул ва федералиял диванаханабазда инкар гьабурал гIарзаби балкараз ритIулел руго инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун Страсбургалъул диванханаялде. Гьедин лъазабулеб буго балкаразул Харабазул Шураялдаса Гериева Тамараца.

Гьелъул рагIабазда рекъон, жидее яги жидер умумузе 1944 соналъул 8 марталда депортация гьабулаго ва гьелдаса хадуб ккараб морадияб зарал бецIизе тIалаб гьабураб аза-зар гIарза кьун буго гьанжеялде балкараз диванханабазде.
Гьез тIалаб гьабулеб гIарцул къадарги щугоялдаса 13 миллион гъурщиде бахунеб буго. Гьеб гIарцул къадар бараб буго репрессия гIарза хъварасе жиндего яги гьесул умумузейищ гьабун букIарабин абуралда.

Доб мехалда Гьоркьохъеб Азиялде гочинавун вукIана 37 713 балкарав. Гьезулги 52% букIун буго лъималазул, 30%-руччабазул, 18%-бихьиназул.
1957 соналда депортация гьабун 13 соналдасан балкаразе кьола ватIаналде тIадруссине рес.

Гочинарураб бакIалдаги, гьениса тIадруссун хадуб гIемерал соназги жал рукIанин «халкъалъул тушбабазул лъималин» ракIалде щвезабула жакъаги Гьоркьохъеб Азиялда гьарурал ва доб заманаялде жидер лъимерлъи ккарал гIадамаз.
Амма гьел диванханабазде гIарзаби хъвай провокация бугин рикIкIунеб буго балкаразул жамгIияв хIаракатчи Рахаев Мурадиница.

Рахаев Мурадин: «Дун разияв гьечIо гьел гIадамаз гьабулеб бугеб жоялда. Дица рикIкIуна гьеб кинабалиго провокация бугин. Лъица ва кисан гьабулеб провокацияли гьеб дида лъаларо, амма гьеб гьедин букIиналда ракI чIараб буго дир. Гьеб кинабго багъа-башари жубана калмыказдаса хадуб, рукIана харбал лъиялиего рецIалил гIарац щун бугин абун. Гьале кIиго лъагIалица руго мугIрузул мухъаздаса рекьарухъаби Нальчикалде хьвадулел гIагацги хвезабун, заманги чIван. Дица рикIкIуна гьеб провокациялъ балкаразул халкъ федералияб централде данде лъолеб ругин».

ЭР: Балкаразул халкъалъе депортация лъица гьабун букIараб?

Рахаев Мурадин: «Узухъда, улкаялъул нухмалъиялъ гьабун букIана гьезие депортация, амма гьелдаса хадуб букIиндал реабилитациялъул программа. Гьанжеги бегьилаан диваналъ къотIарал ва рагIалде рахъинарун гьечIел хIукмуязе кIвар кьезе гьеб, дир пикруялда, тIубалареб анищалда хадур рекеричIого.
Балкаразул гьединги гIемерал руго проблемаби. Масала, Нальчикалда аскIоб бугеб нижер кIиго росу бачун буго шагьаралде гьоркьобе. Гьел махIрум гьарун руго жидерго рекьулбакIаздаса. Гьеб хIукму къанунияб гьечIин абураб Конституционияб диванханаялъул хIукмуги буго нижеда кодоб. Щай бегьулареб гьеб суалалъе кIвар кьезе?»

ЭР: Дуца рехсараб реабилитациялъул программаялда рекъон сундухъ гIарац бецIун букIараб ва гьелъул къадар кигIан букIараб?

Рахаев Мурадин: «Гьеб гIарац кьун букIана депортациялъул заманалда хвараб мал-мулкалъухъин абун. Кьолебги букIана, дида мухIкан абизе кIоларо, хъизамалда вугев чи рикIкIун анкьазарго гъурущищ яги хъизамалдаса депортация гьабуразул къадар рикIкIун анкьазарго гъурущищали. Мекъи ватизеги рес буго, мухIканго лъаларо».

ЭР: Цо гIакдал багьа кигIанаб бугеб жакъа нужер республикаялда?

Рахаев Мурадин: «Разияв вуго, гьеб цIакъ дагьаб гIарац буго.
Цо гIака жакъа 20-40 азарго гъурущалде бахунеб мехалда букIинищха гьеб гIураб гIарац? Амма жакъа нижеда цере руго дагьалги кIвар бугел ва гьебго заманаялда рагIалде рахъинаризе кIолел проблемаби. ГьитIинаб халкъ тIубараб улкаялде дандечIей-гьеб дица битIараблъун рикIкIунаро».

Репрессиялде ккараз гIаразаби хъварал республикаялъул мухъазул диванханабазул хIукмуязда абулеб буго «Репрессиял гьарурал халкъазул реабилитация гьабиялъул хIакъалъулъ» абулеб 1991 соналда бахъараб къануналда рекъон, реалибитация гьабурал халкъазе рецIалил гIарац кьезе бугин бутIа-бутIа ккунин ва гьеб гIарац гьанжеялде кьунги бугин ва гьеб къануналда бихьизабун гьечIин материалияб ва моралияб заразда гьоркьоб батIалъиян.

Гьелго хIукмуязда гьединго абулеб буго моралияб заралалъул жавабчилъи чIезабураб къанунгицин 1992 соналда гурони бахъун букIинчIин ва гIарзачагIазе зарал гьелдаса цебе гьабун букIанин, гьединлъидал гьезул гIарзабазул мурад тIубазе рес гьечIин, гьезие зарал гьабураб мехалда гьединаб жавабчилъи бихьизабулеб къанун букIинчIолъиялда банин.

Диванханабаз гьединго чIезабун буго «халкъалъул тушбабазул лъималин» абураб гIуж жидеда баялъул яги цоги куцалда жал хIакъир гьариялъул далилалги гIарзачагIаз рачун гьечIин.

Жалго гIарзачагIаз абуни мугъчIвай гьабулеб буго «Клаус ва Юрий Киладзе Гуржиялде данде» абураб ишалда сверун Страсбургалъул диваналъ 2010 соналъул февралалда къотIараб хIукмуялда. Гьелда абулеб буго политикиял репресиязул къурбаназе гьабураб зарал бецIиялъул бихьизабураб къанун гьечIони, ккаралъул жаваб кьезе тIадаб пачалихъалъ гIарза хъварав щибав чиясе ункъазарго евро кьезе кколин.

Инсанасул ихтиярал цIунулеб «Мемориал» гIуцIиялъул баяназда рекъон, Советияб Союзалда 1937 соналдаса 1944 соналде щвезегIан репрессиял гьарун руго 2,5 млн. чиясе. Гьезда гьоркьов вуго Шималияб ва Жанубияб Кавказалдаса 800 азарго гIанасев чи-101 азарго калмыкав, 70 азарго гъарачаев, 485 азарго чачанавгун-гъалгъал, 38 азарго балкарав ва 100 азарго турокав-месхетав ва цогидал.
Страсбургалъул диваналде репрессиял гьариялъухъ моралияб зарал бецIиялъул гIарзаби хъван рукIана калмыказги гъалгъазги, амма 2013 соналъул марталдаса нахъе гьеб диванханаялъ марад тIубачIого нахъчIван буго гьединаб 108 гIарза. Гьедин бицун буго информалатазе «Мемориалалдаса» юрист Фуркат Тишаевас.
XS
SM
MD
LG