МагъчIваялъе рес

Расул ва колонный залалда боржанхъулеб милъиршо


Араб гьатIан къоялъ нилъеца бицун букIана ГIабдурахIман Данияловгун Расул ХIамзатов Шамилил темаялда кIалъаялъул. Лъалеб букIахъе, имам какун хъвараб кочIол гIайиб чури гIумруялъул масъалалъун лъугьана шагIирасда цебе.

Расул ва колонный залалда боржанхъулеб милъиршо
please wait

No media source currently available

0:00 0:04:17 0:00
Интернет-мухъ

Жибго улкаялъги ритIухъ гьабуна Шамилил къеркьей лъабкъоабилел соназул байбихьуда. Поэтас хъвалел рукIана Кавказалъул гьадолел къоязул къисаби, "рагьараб бигъараб ругъназул тарих", махщалида, пасихIго, гъваридго ва цебехун лъицаниги хъвачIеб даражаялда.

Живго улкаялъул тIадегIанаб тIалъиялда вукIиналъ гьесие эркенго пикру загьир гьабизе кIудиял ресалги щун рукIана.

ГIадатияв поэтас хъвани цензураялъул гьиналъги кколеб, бокьараб гIайибги гIунтIизабулеб жо гьесие гьукъун букIинчIо. ХIисаб гьабе лъабкъоабилел соназда хъвараб "Щибизе вахарав борхатаб Гъуниб?" абурал мухъазул.

ШагIирас рагьун ракI бухIи загьир гьабулеб имам асирлъиялъул ва Гъуниб магIарда Дагъистан мутIигI гьабиялъул хъвай - хъвагIаялъул хIакъалъулъ:

"Бице дир, Дагъистан, Барятинский,

Багьадур гьевищ дур, чIухIи гьевищ дур.

Огь дида рихьана, рорхатал мугIрул,

Нуж багIарлъулел куц гьелдаса нечон..."

Гьал мухъазухъ бокьарав гIадатияв поэтасдаса классияв тушманги, миллатчиги, динияв фанатикги, халкъ кьалде ахIулев гьавулаан. Расулидаса гуро, гьесие кинабго рагьун букIана ва гIумруялъул гьоко тIараде гирулел сонал рукIана.

1963 абилеб соналъ поэтасе щола пачалихъалъул аслиял шапакъатаздаса цояб - Ленинил премия "ТIадегIанал цIваби" абураб тIехьалъухъ. Советияб улкаялъулгун партиялъул нухмалъиялда гъоркь тIощел бакIарулеб, боцIи хьихьулеб, минаби ралеб улка букIана.

Щибаб радал авар радиоялдаса ясаца ахIулеб кечIги букIун буго хIалтIухъабазул ишалде гъира цIикIкIине:

МагIарул яс радалго хурие уней йиго,

Хирияб ватIаналъе тIорщел щвела гьарзаго" - ян. Амма кигIан ясаз кучIдул ахIаниги ССССРалъ хаслихъе тIорщелги Канадаялъухъа босулеб букIун буго. Расулицаги бугеб гьаракьалъ улка кочIолъ ахIулеб букIана. Гьелъие гьесул кIудияб махщелги букIана.

Гьеб кучIдул хъвай, рахъи, гьезухъ гонорар боси, гIурусалде руссинари ва машгьур гьари бигьалъана гьесие Данияловас кьураб СССРалъул Верховный Советалъул депутатасул мандат кисиниб букIиналъ.

Гьенивги президиумалда вукIана, дояркабазда цадахъ залалда гурев. Президумалда макьу щварабго кьижун, ворчIарабго кечI хъван 25 сон бана гьеб хIалалда ХIамзатовас. Цо нухалда залалда гIодой чIарай цо берцинай киргизазул депутат йихьун кечIцин хъвана добаго:

"ХъахIаб гьинкатнилъан гьумерги баккун,

Гьай щий щуабилеб кьерда йигей яс?" - абураб.

Партиялъулгун улкаялъул чIамучIал докладазде, формализмаялде, ххвалие гьарурал данделъабазде, гьезда тIад велъун гIемерал кучIдул хъвана Расулица. "ХъатчIвай", "Гьал собраниязул ахIиги хъуйги", "Бюрократазул кечI", "Карьерисатасул как" ва анцI-анцI цогидалги. Верхсоветалъул чIамучIал докладазул хIакъалъулъ цо Расулил ракIалдещвеяздаса:

"Колонный залалда улкаялъул киналго бокIназдаса гIаламги ахIун ихдалил рекьи гIуцIиялъул ва агро-промышлениял суалазул кIудияб данделъи букIана. Докладал рукIана цоял цояздаса чIамучIал ва цоцада релълъарал. Бащдаб зал макьихун гьакIкIадилеб букIана.

Иргадулаб докладалъе дие рагIи кьейги, Колонный залалъул рагьараб гордухъа жанибе хIинчI боржун бачIинги цадахъ ккана. Дун хIанчIихъ валагьана. Залалда сихIкъотIи лъугьана.

Докладалъе хIадурлъарал кагъталги нахъе лъун абуна: "Гьале, ихдалил авлахъаз нилъеда хадуб чапар битIун бачIана гьаб чIандаги жибго тун хур бекьизе рахъаян. Бихьулищ залалде боржун бачIараб ихдалил милъирщо. Гьелъул чIичIиялдаса гIакъилабги, гъваридабги доклад гьаб залалда киданиги рагIичIо. Гьелъ абулеб гIадатаб мацIалда, гIела гаргадулел, хурзал рекье"- ян.

Залалъ релъулаго, хъудулаго варххиялда хъат чIвана". Расул вукIана улкаялда лъалев, вокьулев, халкъалъ къабул гьавурав ораторги шагIирги.

Гьесда лъалеб букIана улка бецциялда цадахъ гьелъул гIунгутIаби рихьизаризеги. Власталъ хутIарал шагIиразе гIадин гIурхъи чIван букIинчIо хъвай-хъвагIаялъулъ гьесие, гьев живго вукIана властлъун. Хабар лъикIаб рагIайги.

======================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG