МагъчIваялъе рес

Ракьбагъариялъ сунде рачинел? ХIисабал ва хIасилал


Нолъ, сордо бащалъаралдаса Чачаназулгун Дагъистаналъул гIорхъода ракь багъарана. Гьелъул къуват 5 сейсмикияб баллалде гIагарараб букIанин абулеб буго геологиялъул ва сейсмикиял хъулухъаз.

Ракьбагъари
please wait

No media source currently available

0:00 0:04:32 0:00
Интернет-мухъ

Гьеб хIинкъизе гIураб къуваталъул багъа-бачарийищ, ялъуни дагьаб жойищали абизе кIоларо. Лъалеб букIахъе чанго моцIалъ цебе сейсмикиял хъулухъаз лъазабун букIана 2016-17 абилел соназда 6,5 - 7 баллалде щвараб къуватаб ракьбагъари букIине бугин Дагъистаналдаян.

Гьелъул эпидцентр махщелчагIазул бихьизабиялда рекъон букIине кколлан Югалъулаб Дагъистаналда ва Азербайджаназулгун гIорхъода. Гьезул прогнозалдагун нолъ къаси букIараб ракь багъариялда гьоркьоб гIаммаб жо бугищали абизе кIоларо. Гьениб цо рахъ битIун бахъун буго, жибго ракь багъари. ХутIараб щинаб данде ккун гьечIо - 7 балалъул бакIалда 4,5, Югалъул бакIалда Дагъистаналъул север, ялъуни доз бицунеб цойгийищ гьеб букIине кколебали лъалеб хIал гьечIо.

Цогидал махщелчагIазул ва гьеб гIелмуялда хадуб хал ккурал чагIазул бихьизабиялда рекъон ракьбагъариялъул прогноз кинабнигIаги гIелмуялъ цебе ккун абизе кIолеб жо рагIуларо.

Бищунго гьеб рахъалъ цебе тIураб Япониялда лъалеб гьечIо лъагIелалъ, моцIалъ, хIатта сагIататлъниги цебе ккун гьеб букIинин чIезабизе. ЦохIо ракьбагъари цебеккун лъалеб буго Аллагьасул хIал кIолъиялдалъун рухIчIаголъабазда.

Гьезул гIамал хисулеб рагIула, нохъабаздаса къватIире лъугьунел рагIула. Инсанасда гьеб лъаларо. Гьединлъидал бищунго гьеб рахъалъ чи цIунизе ккани кIвар бугеб жо буго коррупциялъул механизмабаздаса эркенлъун кколел нормабазда минаби райги, гIадамазе хIажатаб бичIчIикьеялъул хIалтIи, инструктаж гьабиги.

Араб сардилъ ракь багъариялъ гIадамал хIинкъизарураб хIужа ккана гьеб 1970 абилеб соналъул маялда букIараб заманалда данде ккей. Доб ракь багъариги букIана 14 маялда, нолъги гьединго такрарлъана. Доб нухалда ракь багъариялъул къуват 9 баллалде гIагарун букIун рагIула. Хун вуго 3I чи, рукъзал гьечIого хутIун буго 45 азарго.

Амма гучаб советияб пачалихъалъги, кьварараб нухмалъиялъги тIубараб улкаялъ кумекги гьабун къокъаб заманалда жаниб бан букIун буго ракь багъариялъ биххараб Дагъистан. Гьелъул хIасилалда бана МахIачхъалаялда Узбекгородок абураб район. Гьеб мехалда бана машгьураб ва Дагъистаналда бищунго борхатаб мина - гостиница Ленинград.

ГIезегIан кумек ва кверчIвай щун буго федералияб централдаса. Кинабха бугеб жакъа сейсмикияб хIинкъи гьечIолъиялъул рахъалъ МахIчхъалаялъул ахIвал-хIал? Жакъасеб МахIачхъалаялъул бищунго кIудияб проблема буго пачалихъалъул закон чучлъабабго бачIараб коррупция, ришватал.

Гьелъул хIасилалда росулъ мина бичарав магIлисесги, Ставраполалда чахъаби ричарал серхIабазги, бюджеталда квер базе щварав аварасги байбихьана кутакалда пайдаяб жо бугин ричизе рукIине гIемер тIалабазул минаби разе.

Гьелъул махщелчагIилъун кколезги кколарезги. Ралелги руго гьел, киналгIаги пачалихъалъул стандарт, нормабиги чIезарулел рагIуларо. Я бухъулеб кьучIалъул гъварилъи, я бетоналъул марка, я арматураялъул биццатлъи нормабазда рекъон гьабичIого, чиновниказе ришватги кьун ралел руго учузал минаби, кIиго багьаги тIаде лъун ричулелги руго.

Гьелдасаги хIинкъи цIикIкIараб рахъ буго пачалихъалъул стандарталда рекъон цIунизе кколеб манзил тун гьечIо минабазда гьоркьоб. Тохлъукьего къватIире кIанцIизе ккани гIадамал кколел руго цоцада тIаде чIвалел тукабаздеги, минабаздеги, заправкабаздеги гьоркьоре.

Аллагьас цIунайги, кинаб сурат букIинеб гьенибали цебе тIамизе захIмалъула. Щибха гьабизе кколеб халкъалъ ва республикаялъул нухмалъиялъ гьаб хIалалдаса рорчIизе ккани? ТIоцебесеб иргаялда тасдикъ гьабизе ккола шагьаралъул генплан.

Гьелда рекъон нахъе рахъизе ккола киналго закон хвезабун кьурал хIукмаби ва риххизаризе ккола хIинкъигьечIолъиялъул нормаби цIуничIого рарал минаби. Гьездаса рукъзал росарал гIадамазул гIарац цIуниялъул мурадалда кьезе ккола гьелго рукъзал ралел компаниязе шагьаралъул цIияб бакIалда ракь ва инфраструктура минаби разе. БацIцIад гьабизе ккола шагьарлъул центр гьелдаса ва бачине ккола цIияб архитектурияб стилалде ва бакIал раялъул нормабазде.

Гьеб кинабго кIванагIан хехго гьабичIони рес буго бокьараб къоялъ МахIачхъалаялда Гаити кIочараб балагь ккезе. Гаитиялда 250 азарго чи хун вукIана чанго соналъ, гьезги тIаса-масаго минаби раялъ.

Аллагьас цIунайги балагьаздаса, гьелдаса цIунизе нилъее БетIергьанас гIакълу кьун букIинги кIочене бегьуларо. ГIамал гьабиялъулъ букIунин кинабгоян абулелъул. Хабар лъикIаб рагIайги.

======================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG