МагъчIваялъе рес

Анна Политковская... Къокъаб гIумру - даимаб цIар


7 октябралда ичIго сон тIубана Россиялъул цIар арай журналист ва инсанасул ихтиярал цIунулей хIаракатчIужу Анна Политковская чIаралдаса. Гьеб къоялъ гуребги – гьей кидаго ракIалде щвезаюлей йиго тIолго дунялалда эркенлъи ва демократия бокьулел гIадамаз. Политковскаялъул цIар бахIарчилиялъул ва таваккаллъиялъул ишара хIисабалда цIунулеб буго киналго улкабазда.

Жиндир заманалда Анна Политковская кIудияб хIалтIи гьабулеб букIана Чачанлъиялда инсанасул ихтиярал хвезариялъе далилал ратизе. Гьелъие жидерго цIарал абичIого, гIемерал гIадамаз кумек гьабулеб букIана, кагъталги, документалги, сураталги ритIулаго. Гьадин Анна Политковскаялъ абуна 2006 соналда нижер мухбир ГIумарова Аминае интервью кьолаго.

Анна Политковская: «Дихъе гьадинал суратал ритIулаан щалали лъаларез. Кагъталги ритIулаан. Гьелда абулеб букIана кин жидее Къадиров вокьуларев. Ва жидее бокьилаанилан гьадинал суратал гIемерал гIадамазде рихьизаризе. Гьелдалъун гьениб (ай Чачанлъиялда) бугеб хIакъикъат бичIчIизабизе гIоло».

Щайха Кремль буцIун чIолеб? Бихьуларебищ гьелда гьенир гьарулел такъсиралги гьениб бугеб вахIшилъиги? - ян абураб нижер мухбиралъул сулалалъе жаваб кьолаго, Анна Политковскаялъ гьадин абулеб букIана:

Анна Политковская: «Гьениб некIогоялдаса гIадат буго - жидее рокьуларел гIадамазда хадуб хал кквей гьабиялъул. Мисалалъе прессалда Кремлалъул фаворитазул къадру хвезарулел цо-цо далилал загьираруни, гьелда берал къанщула. Къадировасул бицани, гьев жиндирго хъулухъалдаса эркен гьавизе рес бугелъул рагIицин абизе кколаро».

Анна Политковская гьадин ракIалде щвезарулел рукIана жий Къадировасул чукъагун данделъараб мехалда, жиндие гьез кьолел рукIарал хIинкъаби.

Анна Политковская: «Дун хIакъир гьайизе гIаммал гьабулеб букIана гьез. Живго Къадировги вукIана дова. Гьес бугеб-гьечIеб рухIалъ ахIдолаан диде, ва дун гIодизаюна. Гьеб гIадатияб гуреб, данде кколареб хьвада-чIвади бугин дида ккола. Щай гурелъул - дун гьесул эбелалъул ригьалъул чIужу-гIадан йигелъул.

Сверухъ ругел гIадамазда, унго-унгояб хъачагъазул братваилан абизе бегьула, ва гьел гIагIадулаан нижеда дида ралагьулаго. Хъачагъазул притон... Щибха тIокIаб абилеб?»

Анна Политковскаялъул мисал гьечIеб таваккаллъи байрахъ кинигин ккана тIолго дунялалда. Гьелъул цIаралда бугеб премия кьола гьадинабго таваккаллъигун рагIуе эркенлъи ва демократия цIунулел журналистазе.

ТIоцеесей лауреатлъун 2007 соналда яхъана инсанасул ихтиярал цIунулей хIаракатчIужу Наталья Эстемирова. Хадуб гьейги чIвана. 2008 соналда премиялъе мустахIикълана Афгъанистаналдаса инсанасул ихтиярал цIунулей Малалай Джоя, 2010 соналда – Суданалдаса тохтур Халима Башир, 2011 соналда Сириялдаса журналист Разан Зайтунех, 2012 соналда Мэри Колвэн (гьей Сириялда чIвана), 2013 соналда пакистаналдаса Малала Юсуфзай (хадуб гьелъие кьун букIана Нобелил ракълил премияги), гъоркьисала премия кьуна ГIиракъалъул парламенталъул депутат Виан Дахилие.

Исана Анна Политковская цIаралда бугеб премиялъул лауреатлъун лъазаюн йIиго Сириялдаса журналист Холуд Валид. Гьеб шапакъат гьелъие кьезехъин буго 2016 соналъул март моцIалда тIобитIизесеб Women of the World (Дунялалъул руччаби) абулеб халкъаздагьоркьосеб форумалда.

XS
SM
MD
LG