МагъчIваялъе рес

Чи "векизе" кинаб гIилла къваригIунеб?


ГIалиев МухIамад
ГIалиев МухIамад

Аминат ГIалиева: «Бадиб къалам къазабун гIараб кьураб гIечIого, карцералъувги тIамулев вуго дир вац».

Терроризмалъулгун хурхен букIиналда щаклъи ккун 2014 соналъул хасалихълъиялдаса нахъе Ставрополалда жанив тIамун вугев Дагъистаналдаса ГIалиев МухIамадил хъизаналъ гьев Дагъистаналде вачине рес кьейилан тIалаб гьабулеб буго. Туснахъалда бадиб къалам къазабун, цойгидаб гIакъуба кьун гьесул сахлъи цIакъго нахъе ккун бугила, цояб бералдасаги канлъиги унеб бугила республикаялдеги вачун гьев сах гьавизе рес кьейин жидеейилан тIалаб гьабун Россиялъул президентасухъе кагъат хъван буго ГIалиеваз.

ЛъагIалидасаги цIикIкIун заман балеб буго Ставрополалда цIалулев вукIарав Дагъистанияв ГIалиев МухIамад туснахъалда тIамуралдаса. Терроризмалъулгун хурхен букIиналда щаклъи букIун гъоркьисала ноябралда ккун вукIана гьев. Гьесдеги гьевго гIадал ставрополалда гIумру гьабун ругел цойги щуго кавказалъуласдеги гьез хасаб къокъаги г1уц1ун ДАГIШалде гIолохъаби ритIулел рукIанин абураб гIайиб гIунтIизабуна диваналъ. Исана декабралъул байбихьуда гьезие туснахъалъул щугоялдаса бахъараб анкьгоялде щвезегIан санал кьезе хIукму къотIана . ГIалиев МухIамад щуго соналъ туснахъ гьавуразда гьоркьов вуго.

Цебехун «Эркенлъи» радиоялъ бицун букIахъе 2014 соналда Москваялда хасал идарабазул хIалтIухъабазги ккун Ставрополалде вачана гьев ГIалиев. Гьениб заманалъ гIадамал жанир тIамулеб туснахъалда вукIараб бакIалда гьесие гIемераб гIазаб кьун буго, терроризмалъулгун хурхен букIанин, гIадамал ДАИШалде гъорлъе цIалел рукIанин абураб гIайибалъе мукIурлъизе тIамулев вукIун вуго гьев. ГIалиев гьелда разилъун гьечIо, гьес гьанжеги лъазабулеб буго жив киданиги гьеб экстремистияб багъа-бачариялъулгун хурхен бугев чи вукIинчIила, тохтурлъун вахъине хIадурулев вукIараб, гIадатияв студент вугила живилан абулеб букIун буго гьес.

Амма гьабичIеб такъсир тIаде босизелъун гIазаб кьеялъ реанимациялде ккун вукIана 22 сон барав МухIамад. Гьесул гIагарлъиялъ бицухъе ГIалиевасул бадиб къазабураб щакъидул къаламалъ гIадалнахалъецин зарал гьабун буго. Гьесул бекичIеб, бухичIеб хъахIиллъичIеб лага хутIун букIинчIин, цониги зарал ккечIеб лага букIинчIин гьесул ургъимесалъул, жиндицаго хIухьелцин цIцIан бажарулеб хIалалда вукIинчIин гьевилан абулеб букIана ГIалиевазул хъизаналъ. Хасаб аппараталъул кумекалдалъун цIцIалеб букIун буго гьес хIухьел.

Гьеб бадиб къазабураб щакъидул къаламалъ гIадалнахуе гьабураб кIудияб заралалъ, тохтурзабаз абулеб букIанин гьев чIаго хутIаниги, кутакалда сакъатав чи вукIине вугилан. Анлъго сагIаталъ халат бахъараб операция гьабуна гьеб къалам нахъе бахъизе, гьелда тIадеги цойги нухалъ гвангвараги хъухъан ботIрода жанире раккун руго тохтурзаби. Гьеб кIиабилеб операциялдаса хадуб лъазабуна гьез гIадалнахуе цIакъго кIудияб зарал гьабун бугила, гьеб бокьараб мехалда гьорозе яги гьениб рецIцI ккезе бегьулила ва гьелъ къадаралде щвезе бегьулин МухIамад. Гьедин захIматаб хIалалда вукIарав гьесие букIине кколеб медицинаялъул кумек щвечIила, унтун холев вугев МухIамад азарханаялдасаги викъун Ставрополалда аскIоб бугеб цойгидаб шагьаралъул туснахъалдеги вачун гьенив лъикI вухунги вукIун вуго. Щиб гьабунги гьев жинца гьабичIеб такъсир гьабунин мукIурлъизавизе къваригIун букIанин низам цIунулезейилан лъазабулеб букIана гьесул гIагарлъиялъ. Хадубги гьез лъай-гIакълуялда гьечIев МухIамад хIалицаго гъулбасизе тIамун вуго жив гIайибияв вугин абун хъвараб кагътида гъоркь.

ЧанцIул ГIалиеваз жидер васасе гIазаб кьолеб бугин гьениб, гьесул бадиб къалам къазабун бугин абун тIалъиялъухъеги къуваталъул идарабазул нухмалъиялъухъе хъваниги гьелъулги хIасил ккун гьечIо. Журналистаз гьеб ишалда сверун ахIи бахъинабизе лъугьараб мехалда ставрополалъул къуваталъул идарабаз лъазабуна гьес жинцаго къазабун бугин жиндирго бадиб къаламилан. Диванги гьезда божун буго. Тохтурзабазги экспертазги чияс жинцаго жиндаго бадиб жо къазабун бажаруларин, унтуца рес кьоларин гьесиейилан абурал баяназулги документазулги хIисабго гьабун гьечIо гьебго диваналъ.

Гьабгощинаб мехалда гIазаб кьураб гIечIого диванги лъугIун гьев туснахъалда тIамизе хIукму къотIун хадубги гьев живго толев гьечIин ставрополалъул низам цIунулез. БукIине кколеб медицинаялъулаб кумек я жидецаго гьабулеб гьечIила, я гьабизе жидее толеб гьечIила. Гьединлъидал гьев Дагъистаналъул туснахъалде вачине тейилан тIалаб гьабун Россиялъул президентасухъе кагъат хъван бугила жидецайилан бицана «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда МухIамадил яц ГIалиева Аминатица.

ГIалиева Аминат: «Нижеда лъана гьев гьанжеги гIезегIан заманалъ карцералъув тIамун вукIараблъи. Сундухъ гьенив тIамурабалиги лъаларо. Гьесул гIадаб сахлъи бугев чиясе кутакалда захIматаб жо буго гьеб. Гьанжеги гIазабги кьун щиб гьесдаса къваригIун бугеб гьел ставрополалъул низам цIунулезеяли дида лъаларо. Я гьев вихьизе щоларо нижее, нижеца битIараб жоги бащадабги щолеб гьечIо гьесухъе. Доб къалам къазабун букIараб бералъул тIубан канлъи босун ун буго, кIиабилеб берги канлъукълъулеб бугеб бугин абулеб буго гьес. Гьелда тIадеги гьоркьоса къотIуларел ботIрол унтиги берзул цIуниги букIунеб буго гьесул. Гьеб буго хIехьезе кIолареб унти.

Гьесие букIине кколеб даруцин гьабизе течIелъул гьез. Азарханаялдасаги хъамун туснахъалъув къазавуна. Гьесда гIайиб гьечIеблъи чIезабизеги нижеда я кIун я кIвечIого букIина, нижее гьев туснахъалъув вукIаниги чIаго хутIизе къваригIун буго. ХутIунниги бугеб гьесул сахлъиги цIунизе хIажат буго. Нижее гьев Дагъистаналде вачине къваригIун буго гьаниб гьесул тIалаб гьабизегIаги щвелин абураб хьулалъ. Гьев Дагъистаналъул туснахъалде витIейилан нижеца абураб мехалда гьеб суал Москваялъ гурони тIубаларин абуна Ставрополалъул тусхъазул нухмалъиялъ. Гьединлъидал гьанже нижеца Росиялъулго УФСИНалъул бетIерасухъеги президент Владимир Путинихъеги кагъат хъван буго гьебго тIалабгун».

Аминатица бицухъе гьез хъвараб цохIониги кагъаталъе жаваб щун гьечIо жеги. Къануналда рекъон моцIида жаниб кьезе кколеб буго гьез жаваб.

XS
SM
MD
LG