МагъчIваялъе рес

Данияловасул ишал кIочонел руго дагъистаниязда


Даниялов ГIабдурахIаманил статуя
Даниялов ГIабдурахIаманил статуя

Къоло кIиабилеб август ккола Дагъистаналъе 20-гIан соналъ нухмалъи гьабурав ва Сталинил депортациялдаса республикаялъул халкъал цIунарав чилъун рикIкIунев Даниялов ГIабдурахIман гьавурав къо. Хамиз къоялъ машгьурав дагъистанияв ракIалде щвезавизе МахIачхъалаялда гьесие лъураб монументалде цере данделъун рукIана гIемерал гIадамал.

Даниялов ГIабдурахIман гьавуралдаса исана балеб буго 105 сон. Машгьурав политик, гьунар бугев гIуцIарухъан, захIматал рагъул ва гьелда хадусел соназда Дагъистаналъул нухмалъуда вукIаго гьесул хIаракатчилъиялъе тIадегIанаб къимат кьун кIалъазе рахъана августалъул кIоло кIиабилеб къоялъ гьев гьавураб къо кIодо гьавун МахIачхъалаялда данделъарал батIи-батIиял чагIаз.

Гьниер рукIана батIи-батIиял соназда ГIабдурахIманида цIадахъ данделъиялда гIодор чIарал, гьевгун цадахъ хIалтIизе рес щварал чагIи, творческияб интеллигенция, ГIабдурахIманил инсул росу Ругъжаса чагIи, гьесул гIага-божарал ва гьел гурел цогидалги гIадамал ракIарун рукIана тахшагьаралъул Родопалъул Бульвар абулеб ахикь бугеб гьесул монументалда цере.

ГьитIинго бесдал хутIарал ГIабдурахIманги гьесул вац ХIажагIалиги гIун руго лъималазул рокъор. Гьелдаса хадув ГIабдрухIман цIализе лъугьун вуго Буйнакскиялъул педагогикияб училищеялде, ХIалтIана партиялъул батIи-батIиял гIуцIабазда

1940-48 соназда гьев вукIана Халкъияб комиттеталъул нухмалъулевлъун. 1948 соналдаса къогогIан соназ нухмалъи гьабун буго гьес Дагъистанлъе.

ГIабдурахIманил гIумруялъул ва хIаракатчилъиялъул дагьаб гIатIидго данделъиялда бицана тарихчи ХIажиев ГIабдулатIипица. Мисалалъе гьес данделъаразе бицана нухмалъуда вукIаго Дагъистан Азербайжан республикагун цо гьабизе, гьединго радиоактивиял хутIелазул нахърателал Дагъистаналъул мугIрузда рукъизе гьес риччачIеб куцалъул. ГIабдурахIманил хIакъалъулъ тIехь хъалеб буго гьабсагIат ГIабдулатIипица.

ГIабдурахIманил вацгIал, исана 85 сон гIумруялъул тIубалев вугев Ругъжаса ГIалиев МухIамадица гьадин ракIалде щвезавуна жиндирго гIагарав чи.

Э.Р «Нухмалъулев хIисабалда гурев, гIагарлъиялда аскIов гIадатияв чи хIисабалда кинав чи вукIарав ГIабдурахIман.

ГIалиев МухIамад: « КигIан кIваниги лъикIав чи вукIана. ЗахIматаб заманалда гIемераб кумек гьабуна гьес нижее. РатIлие ххам, чед битIун ячIунаан жиндирго гIагарай чIужу.

ГIумруялъул ахирал соназда гIагараб росулъе вуссине бокьун букIаниш гьесие

Валлагь букIарабха. ЦIакъ гIемераб бицунеб букIана гьес гьелъул. Аллагьас батIияб хъван букIун бугоха, щиб гьабилеб…»

ГIабдрахIманил цIар кьун буго гьесул бищун кIудияб вас МитхIатил васасе. ГIабдурахIманил хъизаналъул цIар гьесул ясалде кьун гьел кIиялгоги рачIун рукIана жидерго машгьурав кIудаэмен ракIалде щвезавулеб тадбиралде. Инсуцаго гIадин гьезги тIасабищун буго тохтурасул махщел.

ГIабдрахIман Даниялов нухмалъуда вукIаго гьес кIудияб кумек гьабун буго Закатала ва Белокан мухъалда ругел магIарулазул халкъалъе. Гьезие рекьизе ракьал жанир чIезе рукъзал, ва цогидалги рука-рахъиналъул суалазда жаниб жигараб гIахьалъи гьабун гьев гIадин квер чIварав республикаялхул нухмалъулев тIокIав вахъинчIин Дагъистналдаян бицана Белоканалда гIурав ХутIраев Шамсудиница бицана «Эркенлъи» радиоялъе. ГьабсагIаталда Дагъистаналде гочун гьанив хIалтIилев вуго гьев. Гьедин гьес инсулаб тIалабгун кумек гьабурал цо цо чагIазда гьеб кIочон букIиналъ рекIекълъун вукIин бицине бокьун бугоан гьесие.

ХутIраев Шамсудин: «ГIемераб цIакъ гIемераб кумек гьабуна гьес нижее. Гьанже цо цоял лъугьунел руго щиб кумекила гьес гьабураб, гIарацищила кьураб, хъулухъ кьунищдила кIодо гьарурал абун. ГIарцаги хъулухъгийищ бищун аслияб?

МагIарул мацI малъулел школал рагьизе кумек гьабуна, ракьал кьуна. МагIарул мацIалда рахъулел газет-журналал ритIун рачIана. Гьелде щвезегIан риччалел рукIинчIо гьел доре, гьукъун букIана магIарул мацI бицинецин. Гьеле гьединав бажари бугев чи вукIана ГIабдурахIман. Гьесдаса хадув Расул ХIамзатовасги гьабулаан кумек. Гьев хваралдаса тIокIал лъиданиги ракIалде щвечIо ниж».

Даниялов ГIабдурахIман гьавуралдаса 105 тIубаялъул хIурматалда тIоритIулел тадбирал гьелда къокълъизе гьечIо жеги. Гьедин бичас бичани октябралда ГIабдурахIманил инсул росулъги тIобитIизе буго кIудияб дандеруссин.


XS
SM
MD
LG