МагъчIваялъе рес

30 гIунгутIи батана 18 000 ЕГЭ-ялда гьоркьоб


Дагъистаналда гIурус мацIалъул пачалихъалъул цогояб экзамен кьолелъул 30 гIунгутIи татIинабун буго. Гьедин лъазабуна 31 маялда республикаялъул лъай кьеялъул министр хисулес.

30 гIунгутIи батана 18 000 ЕГЭ-ялда гьоркьоб
please wait

No media source currently available

0:00 0:05:07 0:00
Интернет-мухъ

Гьел киналго кIиабизеги экзамен кьезе щолеб ресалдаса махIрум гьарун руго. Республикаялъул цогидал мухъазда пачалихъалъул цогояб экзамен кин арабали цIех-рех гьабуна нижеца.

30 маялда Дагъистаналда тIобитIараб гIурус мацIалъул рахъалъ цогояб экзаменалъул хIасилал гьаруна республикаялъул лъай кьеялъул министерлъиялъ. Экзамен кьолев вукIарав 18 азарго чиясда гьоркьоб 30 гIунгутIи тIатинабунилан бицана журналистазе министр хисулев Ширали ГIалиевас.

Гьел тIадккун руго экзамен кьолелъул шпаргалкаби хIалтIизаризе къасд гьабулел ратун. Ширали ГIалиевас бицухъе гьезул цIикIкIарасеб къадар рагIула араб соналда батIи-батиял гIиллабазда бан экзамен кьечIого хутIун, ялъуни араб соналда кьураб экзаменалъул хIасилалда разилъичIго кIиабизе гьеб кьезе ричччарал гIолилал.

Гьел киназулго хIалтIи хвезабунин ва тIадруссун экзамен кьезе бугеб ресалда махIрум гьарунин гьелилан абуна Ширали ГIалиевас «Эркенлъи» радиоялъе.

Ширали ГIалиев: «Гьеб лъеберабго хIужа ккола лъималаз шпаргалкаялъе мобилиял телефонал хIалтIизаризе къасд гьабураи. Телефонал къватIире рахъаралго ккуна гьел.

Араб соналъ рукIарал гIунгутIабазда дандеккун гьеб 30 хIужа дагьаб къадар ккола, лъималазда бичIчIун буго гьел хIалтIизаризе бегьулареблъи, амма кинан букIаниги гьеб гIамал рехун тезе кIолеб гьечIо цо-цоязда.

Гьеб гIунутIи тIатинабурал бакIазул география кIудияб буго, МахIачхъалаялдаса байбихьун Дербенталде ва Гъарабудагъкент мухъалде щвезегIан. Аслияб куцалъ гьел ккола араб соналъ экзамен кьечIого, ялъуни кьун букIаниги гьелъул хIасилалда рекъечIого цIидасан кьолел рукIарал лъимал».

ХутIарал бакIазда экзамен щибниги такъсир гьечIого, низамалда анилан абуна Ширали ГIалиевас. гьесул баян Эркенлъи радиоялъе тасдикъ гьабуна Гъуниб муъалъул КIогьориса гIурус мацIалъул ва литератураялъул мугIалим Расулова Хадижатица.

Ахирал соназда экзамен кьеялъул тадбиралда хадуб кколе къагIида цIакъ кьваризабун бугелъул, щибниги низамалдаса борчIараб иш ккечIин жидер мухъалдаян абулеб буго гьелъ. 30 маялда Гъуниб мухъалда гIурус мацIалъул цогояб экзамен араб куцалъул хIакъалъулъ гьадин бицунеб буго гьелъ.

Хадижат Расулова: «Хал кколезул цIакъ гIемерав чи вукIана вачIун. ФСБ, прокуратура, полиция. ЦIакъ кьваризабун букIана низам. Гъоркьияб тIалаялдго кинабго къайи-цIаги тун гурони риччалел рукIинчIо тIаде. Ниж мугIалимзабиги тIамуна щакаб алат балагьулеб аппараталда гьоркьосан ине».

ЭР: «Гьеб кинабго хIисабалде босун, лъималаздаги бичIчIун бугищ шпаргалкаби хIалтIизарун жо кколеб гьечIеблъи?».

Хадижат Расулова: «БичIчIун буго, букIинарищха. Дица хIисаб гьабураб жо, ахираб ункъо соналда жаниб жидецаго кьолеб буго лъималаз ЕГЭ, гьединабго ахIвал-хIал букIана 30 маялда гIурус мацIалъул экзамен кьолеб мехалъги. Киналниги шпаргалкаби лъималаз хIалтIизарулел рукIинчIо. Нагагь букIарабанигицин цоцада бицинчIого хутIулароан гьезухъа гьеб, нижер школалда гьеб букIинчIо».

Пачалихъалъул цогояб экзаменалде лъимал кIиго соналъ цебего байбихьулин жидер лъора тIадчIун хIадуризеян бицана нижер програмаялъе, Гумбет мухъалда лъай кьеялъул бутIаялъул нухмалъулев КъурамухIамадов Мусаца.

КъурамухIамадов Муса: «Гьединго нижеца мухъалда тIобитIула хIалбихьиялъулаб муниципилияб ЕГЭ-ги. Гьеб ункъо дарсида гьоркьосан цояб тIасабищула ЕГЭялъе. Гьелъул хIасилал гьоркьоб лъураб данделъиги тIобитIула мухъалъул администрациялда. Гьединаб куцалда хIадурлъи гьабулаха».

Ахирал соназул практикалде балагьун пачалихъалъул цогояб экзаменалъул пайдаял рахъал цIикIкIун ругин абулеб буго мугIалимзабазги лъималазул эбел-инсуцаги.

Гьеб экзменалъул хIасилалда цо гуреб, кIиго, лъабго тIадегIанаб цIалул идараялде кьезе бегьулин документ ва хадуб гьезул бокьараб тIаса бищизеги бегьулин. Гьединго ресукъал хъизамазда гIурал гIолилазе рес щолеб бугин гIарацги кьечIо жидее бокьараб ВУЗалде лъугьине. Амма пачалихъалъул цогояб экзаменалде дандечIарал гIадамалги дагьал гьечIо.

Мисалалъе, ЕГЭ нахъе бахъеян абураб къануналъул проект босун буго Пачалихъияб Думаялде. Гьелъул авторал ккола Карелиялдаса депуттал. Пачалихъалхул цогояб экзамен биххизабулеб бугин гIурус мацIалъги гьединго хIисабалъул дарсазда лъималазе щвараб базовияб лъайилан рикIкIунеб буго гьез.

Гьединлъидал хIажат бугин цебе букIараб куцалда экзамен кьолеб къагIидаялде нахъруссине.

XS
SM
MD
LG