МагъчIваялъе рес

Жий президентлъун яхъинеги рес бугилан лъазабуна Савченкоца


ХIажалъи ккани, жий Украинаялъул президентлъунги яхъине йигилан лъазабуна кIиго къоялъ цее Россиялъул туснахъалдаса Украинаялде йитIарай пилот Надежда Савченкоца Киевалда букIараб пресс-конференциялда.

Гьелъ гьединго абуна жинца цо-цо политиказул кверал росунилан, гьезулгун гьалмагълъи гьабизе къваригIун букIин кколарила гьеб. Туснахъалдаса эркен гьаюраб къоялъ Украинаялъул президент Петр Порошенкол квер босун букIана гьелъ.

Миллияб хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъулги цIуна-къай гьабиялъулги рахъалъ Украинаялъул ТIадегIанаб Радаялда гIуцIараб комитеталда гъорлъе ячуней йигин Савченкоян абурал баянал рукIана гьанжегIагар прессаялда. Киевалда букIараб пресс-конференциялда гьелъул адвокатаз бицана гьелъи бокьун бугин Россиялда жанир тIамурал политикиял туснахъазе кумек гьабулеб жамгIияб идара гIуцIизе.

XS
SM
MD
LG