МагъчIваялъе рес

МахIачхъалаялда ккун вуго салафиязул мажгиталъул пресс-секретарь


АрбагI къоялъ къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз ккун вугев   МахIачхъалаялъул генерал ГIумаровасул цIар кьураб къотIноб бугеб салафиязулин абулеб Тангъим  мажгиталъул пресс-секретарь МухIамадов МухIамад щай ккун вугевали жеги официалиял баянал щолел гьечIо. Гьединго жеги адвокатги виччалев гьечIо гьесухъе.

Интернет-мухъ

МухIамадовасул гIагарлъиялъ бицухъе 11 маялда жиндирго рукъалде аскIоса гIебеде, Мамедбековасул къотIноб щалали лъаларел аскариязул парталги ретIарал гьурмазда маскабиги хурал чагIи чагIи жаниб рекIараб автомобиль чIезабун буго гьесул автомобилалда цебе.

Гьениса къватIиреги рахъун гьел чагIаз щибниги бичIчIизабичIого, абичIого, документал рихьизаричIого ккун автомобилалъув къазавун вачун ун вуго МухIамад.

Гьел чагIазда цадахъ чанго полициялъулавги вукIанила, лъабго автомобилалда рекIарав дагьалдасан анцIгогIан чи вукIанила гьезул. Балагьараб мехалда гьев кквезелъун лъикI хIадурун рукIун ругила гьелилан абулеб буго МухIамадовасул гIагарлъиялъ.

Гьелдаса хадуб гьесул къисмат цIехезе полициялде арал МухIамадил гIагарлъиялда гьениб абун буго гьев жидеда кив вугевали лъаларин, жидеца ккурав чи гурин гьевилан.

ТIубараб къоялъ чIчIун рукIанила жал викъарасул хабар лъазегIан, щибго баян щвечIеб мехалда чи викъиялда хурхун такъсиргьабиялъул иш рагьейин ва гьев валагьизе лъугьайилан гIарза хъванила жидер инсуца цIех-рехалъул идараялде ва прокуратураялдейилан бицана «Эркенлъи» радияолъе МухIамадовасул вац ТIагьирица.

Гьесул рагIабазда рекъон сон маркIачIуда лъан буго гьезда МухIамад вугев бакI.

МухIамадов ТIагьир: «МухIамад къасиялдехун кIалъан вачIана нижехъе жив МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул полициялъул бутIаялда вугилан. Жиндихъ изну гьечIого цIунараб ярагъги, наркотикалги ратанин абулеб бугила къуваталъул идарабазул хIалтIухъабазилан. Гьез жедецаго реххун руго гьесухъе гьеб ярагъги наркотикалги. Жидеего дандекколарел чагIи кквезе къваригIараб мехалда гьединлъидал гьез гьабулеб.

Вац кIалъан хадуб ниж хантIан анна гьеб полициялъул бутIаялде, амма нижехъ гIинтIамулев чи ккечIо. Щибниги гьесда хурхараб информация кьечIо гьез, нухмалъигун дандчIвазе рес кьечIо. МухIамадил жиндирго телефонги нахъе бахъун буго гьесухъа, гьезулалдасан ахIун бачIун букIана гьес.

Гьединлъидал гьаб сагIат кив гьев вугев, кин вугев, щиб гIайиб гIунтIизабулеб бугеб, вухулев, гIазаб кьолеб бугищ гьесиеяли щибниги лъалеб гьечIо нижеда. ЧанцIул абуниги къуваталъул идарабаз нижехъе гьеб информацияги кьолеб гьечIо».

ГIагарлъи гуребги МухIамадов МухIамадил адвокат ГIисаев Шамильги полициялъул бутIаялде жанивецин къазе тун гьечIо. Адвокатасе жиндирго хIалтIи гьабизе гьукъи яги квалквал гьаби гьеб къанун хвезаби кколила, гьединлъидал Советский мухъалъул жанисел ишазул бутIаялъул хIалтIухъабазда тIасан гIарзал хъван ругин жиндицайилан бицана «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда адвокат ГIисаев Шамилица.

ГIисаев Шамиль: «МухIамадихъе дун виччаларин бадибеги абичIо гьез, гьедин битIун киданиги абуларелъул гьез. Нухмалъулес разилъи кьезе кколила жаниве виччазейиланги абун цIцIа-цIцIазабун балагьун чIчIезе гьарула гьез таманаб заманалъ. Сонги къоялъ гьеб полициялъул кIалтIа чIчIун хутIана ниж, жакъа радалги виччачIо гьез дун гьесухъе.

Сундуе гIоло гьев ккурав, сунда щаклъи букIун гьев жанив тIамун вугевали дие кинаб букIаниги информацияги кьечIо.

ЦохIо живго МухIамадица жив наркотиказе ва яргъие гIоло ккун вугин абураб баян гурони ккуралдаса кIиабилеб къо ине бугониги тIокIаб кинаб букIаниги информация гьечIо.

Гьез гьабулеб бугеб жо къанун хвезаби ккола. Гьезда тIадаб буго адвокатас жиндирго документ бихьизабун хадуб ва гьес пуланав чи цIунулев вугин абун гьесул гIагарлъиялъулгун гьабураб къотIи-къайги бихьизабун адвокат жинцаго цIунулевгун дандчIвазе виччазе тIадаб буго гьезда.

Гьез къанун хвезабулеб букIиналда бан, гьел тамихIалде цIцIайин ва дун дирго хIалтIи гьабизе виччайилан тIалаб гьабун Дагъистаналъул прокуратураялдеги цIех-рехалъул идараялдеги гIарзаги битIана жакъа дица».

МухIамадовасул вац ТIагьирица гьединго бицана ахираб заманалда къуваталъул идарабазул рахъалдасан цIакъго гIемер хIинкъаби кьолел рукIанилан. Гьев кквезегIан кIигониги анкьица гьесда хадуб киса –кибего хIалтIудаги, мажгиталдаги, рокъобги хадуб халккун чагIи рукIанилан.

Гьелда хурхун прокуратураялде гIарза хъвалин абунги вукIанила гьев, амма гьеб хъвалалде гьев живго ккунилан. МухIамадов МухIамад мажгиталъул пресс-секретарь гIадав чи ккола.

МухIамадовасул вац ТIагьирица гьединго бицана ахираб заманалда къуваталъул идарабазул рахъалдасан цIакъго гIемер хIинкъаби кьолел рукIанилан.

Гьев кквезегIан кIигониги анкьица гьесда хадуб киса –кибего хIалтIудаги, мажгиталдаги, рокъобги хадуб халккун чагIи рукIанилан. Гьелда хурхун прокуратураялде гIарза хъвалин абунги вукIанила гьев, амма гьеб хъвалалде гьев живго ккунилан.

МухIамадов МухIамад мажгиталъул пресс-секретарь гIадав чи вукIанак, инабго гьениб лъугьа-бахъунелъул хIакъалъул информация тIибитIизабулев вукIунаан гьев. Щибаб рузман къоялъ гIадин низам цIунулез мажгиталде рачIарал гIадамал кколел рукIиналда, гьел хасал сияхIазде росулел рукIиналда бан разигьечIолъи загьир гьабунги гIемер социалиял сайтазда хъвадарулаан гьев.

Дагьаб цебегIан рогьалилъ гьеб мажгиталдеги рачIун мехтарал полициялъулал гьенир ругел гIадамал кквезейилан лъугьун, гьел инжит гьарулел рагIаби абун гъалмагъир гьабулел рукIун Новое Дело газеталъул бетIергьан Чилилов АхIмадица нуж щиб гьабулел чагIийилан цIехедал нахъе ун рукIун руго гьениса.

Гьелдаса хадуб МухIамадовасул хIаркаталдалъун гьеб киналъулго хIакъалъулъ Дагъистаналъул жанисел ишазул министрасухъе кагъат хъван букIана мажгиталде хьвадулезул рахъалдасан. Гьеб иш гьабурал гIадамал тамихIалде цIцIайилан тIалаб гьабулеб букIана гьез. Гьел полициялъулал къватIирчIвазариялъе гIоло ккун ватилин МухIамадилан абулеб буго гьесул гIагарлъиялъ.

Котрова къотIноб бугеб мажгит къан хадуб МахIачхъалаялда салафиязул хутIараб цого цо кIудияб мажгит буго гьеб Тагъним мажгит. Гьеб къазе бугилан харбалги некIого руго.

Мажгиталда гIолохъаби экстремизмалде гъорлъе лъугьине, Сириялде рагъизе ине ахIулел ругилан абун къуваталъул идарабазги гьеб мажгит къазе хIалал рихьулел рукIана. Амма тIоцебе ИГИЛалде дандерахъараб кIалъай гьабураб мажгитги буго гьеб.

XS
SM
MD
LG