МагъчIваялъе рес

МахIачхъалаялда ГIазиз ГIалиевасе бараб монумент рагьана


КIудияб ВатIанияб рагъул ва рагъда хадусеб заманалда Дагъистаналъул нухмалъуда вукIарав азербайджаналдаса ГIазиз ГIалиевасе МахIачхъалаялда монумент базе ккеялъул хIакъалъулъ харбал чанго соналъ церего раккун рукIана.

МахIачхъалаялда ГIазиз ГIалиевасе бараб монумент рагьана
please wait

No media source currently available

0:00 0:06:13 0:00
Интернет-мухъ

Хас гьабун республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас гьеб монумент баялъул рахъккун хадуб байбихьанила азербайджаналъ гьелъие хIадурлъи гьабизейилан абизе бегьула. Гьеб монумент хIажат гьечIин, къваригIун батани Азербайджаналъ жидерго доба лъейила гьесие монументин абураб пикру загьир гьабулеб букIана гIезегIан дагъистанияз. Кин букIаниги арбагI къоялъ МахIачхъалаялъул Абубакаровасул ва живго гьев ГIазиз ГIалиевасул цIар кьураб къватIал цолъулеб бакIалда гьесие лъураб монумент рагьана.

Гьеб рагьизеги Дагъистаналъул тIалъиялъул вакилзаби гурел хас гьабун Рамазан ГIабдулатIиповгицин вачIун вукIана. Азербайджаналъул рахъалдасан гьезул хIукуматалъул нухмалъулев хисулев Якъуб ГIабдула оглы Эюбовги, ГIазизовасул вас академик Жамиль ГIалиевги, гьезул пачалихъалъул тIалъиялъул цойги вакилзабиги рачIун рукIана.

ГIазиз ГIалиев ккола гьаб сагIат Азербайджаналъул президентлъун вугев Ильгьам ГIалиевасул эбелалъул эмен. Тохтур ва гIалимчи ГIалиев цин Азербайджаналъул сахлъицIуниялъул халкъияв комиссарлъун, хадувги Азербайджаналъул тIалъиялда тIадегIанал хъулухъазда вукIарав гьев СССРалъул нухмалъиялъ Дагъистаналъул бетIерлъун хIалтIизе витIула.

Гьеб монумент рагьулаго республикаялъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазаница абуна бищун захIматаб заманалда нухмалъи гьабунила ГIалиевас Дагъистаналъейилан.

ГIемер республикаялъе пайдаяб хIалтIиги гьабунила гьес. Жиндир заманалда бищунго лъай бугев ва ритIухъав нухмалъулев вукIанин гьевилан.

ГIабдулатIиповас абулелда разигьечIел гIезегIан рукIинин абизе бегьула, щай гурелъул гьеб монумент баялъул хабар баккарабго азербайджаналъе жидерабго билълъинабизе къваригIун бугин Дагъистаналда, цин къватIазе, хIухьбахъи гьабулел ахазе цIарал кьун, хадур монументал лъун республикаялда Азербайджаналъул асаралде гъоркье кколеб бугин абулеб букIана гьез.

Хасго гьеб пикруги кьолон жигаралда хъвадарилел ва гьел цIараал лъеяздагун монументазде дандечIчIун рукIана легзиязул жамгIиял хIаракатчагIи. Чанго соналъ цебе Дербенталда Советсская абулеб шагьаралъул аслиял къватIазул цоялда Азербайджаналъул вукIарав нухмалъулев ХIайдар ГIалиевасул цIар лъезе теларин чIчIун рукIана гьел, чанго акция тIобитIизегицин хIалал рихьана. Амма гьелъул хIасил ккечIо.

«Эркенлъи» радиоялъ бухьен гьабурал батIи-батIиял экспертазги абулеб букIана лезгиязул гьеб хIаракатчилъиялъул хIасилкечIолъиялъе аслияб гIилла бугила Дагъистаналъул тIалъи Азербайджаналъе бокьараб гьабулеб букIин.

Тарихчи Зураб ХIажиевас «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда абуна ГIазиз ГIалиевасе монумент бай гьедигIна цIакъ бегьилареб иш гурила, амма гьесул хIалтIул хIасилал цIакъго кIодо-кIодого рихьизарулел ругила азербайджаналъги гьезул рахъккураб дагъистаналъул тIалъиялъгийилан.

Зураб ХIажиев: «Гьеб монумент лъеялда хурхун батIи-батIиял пикраби руго республикаялда, цо-цояз миллатчилъиялдеги цIалеб буго гьеб суал. Дун ракIалде ккара-ккарал чагIазе памятникаял раялде данде вуго, амма гьев ГIазиз ГIалиевги республикаялъул бетIерлъун вукIиндал, гьев гIадал нухмалъулезе Данияловасеги, ГIумахановасеги монументал ранги ругелъул, гьездаса хадур рукIаразеги жеги гьел лъезе рес бугелъул ГIалиевасе гьеб монумент лъеялъулги бегьунгутIи букIинаро.

Хасго жибго гьеб монументги, гьеб лъелалде гьениб сверухълъи къачIайги кинабго республикаялъул гIарцудаги хъвачIого гьабунги бугелъул гьелъул бицун пайда гьечIо.

Гьев лъил гIагарав чиялиги хIисабалде босун абизе бегьула ахираб заманалда Дагъистаналде цIакъго кIудияб асар гьабулеб бугин Азербайджаналъилан. Амма гьеб азербайджаналъулги дагъистаналъулги гьудуллъи щулагьаби хIисабалда бихьизабулеб буго. Гьезул къоял нилъер республикаялда тIоритIун, дагъистаналъул къоял гьезул гьенир гьарун гьоркьоса къотIичIого гьел тадбиал тIоритIулел руго.

Амма нилъер гьанир азербайджаналъулазе монументал ралел ругелъул, къватIазда гьезул чагIазул цIарал лъолел ругелъул гьелдаго рекъараб жаваб бокьилаан гьезул рахъалдасанги.

Нилъеца гьебщинаб жо гьабунхадуб азербайджаналда нилъераз кьураб лъабго концерт гурони дагъистаналъул культураги тарихги цIунун хутIиялъе гьез гьениб щибниги гьабулеб гьечIо. Концерт гьелъухъ гIенеккаразе асарги гьабун гьелда лъугIулеб иш буго, гьелъ нахъе жо толаро.

Гьез Имам Шамилие яги Расул ХIамзатовасе, ялъуни Бакуялда гIурав Муса Манаровасе чан монументин барабилан гьикъизе бокьун буго дие».

Цо-цо экспертаз абулеб букIана ГIазиз ГIалиевас Дагъистан Азербайджангун цолъизе биччачIила, гьелъие гIоло азербайджаналъулазда жидедаго рихун вукIанила гьевилан. Дагъистаналъул автономия цIунаралъухъгIаги лъезе бегьулила гьесие гьаниб монументилан абулеб букIана гьез. Амма ХIажиевасул гьел баяназда рекъон батIияб пикру буго.

Зураб ХIажиев: «Гьеб гьес тIубалеб суал гуро, улкаялъул тIалъиялъ Дагъистанги Азербайджанги цолъизабизе хIукму къотIун букIарабани ГIазизовасда гьеб бакIалда щибго гьабун бажарулароан. Нагагь данде вахъинин лъугьун вукIаравани ракьтезабулаан гьесдаги.

Гьеб суалалда хурхун гIемер харбал рукIин гурони, тарихиял хIужабиги документалги цIакъго дагьал руго. Азербайджаналъул нухмалъиялъе къваригIун букIун батизеги бегьула Дагъистан жидедего гъорлъе бачине. ДАССР гIуцIиялъулъ гIахьаллъи гьабун, гьелъие Автономия кьезе Дагъистаналде живго Сталин вачIун вукIана.

Гьев я Чачаналъе, я Гъарачаязулгун Черкесазул республикаялде яги Кальмыкиялде инчIого Дагъистаналде вачIун вукIана. Гьеднилъидал гьес гIуцIарабин тезе бегьулеб республика Азербайджаналде гъорлъе бачине кколин гьесда абизе хIинкъилаанин, лъиданиги кIвелароанин гьеб абизейилан кколеб буго дида» -йилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе тарихчи Зураб ХIажиевас.

XS
SM
MD
LG