МагъчIваялъе рес

Дагъистаналдаса адвокатасул гIарзалъул халгьабизе буго Европаялъул диваналъ


Дагъистаналдаса адвокат ГIадильгерей ГIумаровасул ва гьесул лъади Гъизилюталъул федералияй диванчIужу Залму ГIумаровалъул рокъоб хасал идарабаз чIухь баялда хурхун адвокатас хъван букIараб гIарзалъул халгьаби байбихьулеб буго исана июналда Инсанасул ихтиярал цIунулеб Европаялъул халкъазда гьоркьосеб диваналда.

Интернет-мухъ

Анлъго соналъ цебе Хасавюрталда терроризмалде дандечIараб низамги лъазабун, экстремистазулгун хурхен бугел гIадамал ралагьулелин абун къуваталъул идарабаз хасал тадбирал тIоритIулелъул щун рукIун руго гьел ГIумаровазул рокъореги.

Гьеб мехалда хасал идарабазул хIалтIухъабаз къанунги, инсанасул ихтияралги хвезарунин, гIорхъолъа арал ишал гьарулел рукIанин гьез, гьеб киналъего гIайибиял тамихIалде цIайилан тIалаб гьабун хъван букIун буго гьеб Евпропаялъул диваналде гIарза живго ГIадильгерей ГIумаровас.

КIиго соналъ цеве гьев адвокат хведал, гьанже гьесул вакиллъун йиго ГIумаровасул гIагарай чIужу адвокат МухIамадова Сапият. «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда гьелъ бицана ГIумаровазул рокъоб чIухь балеб мехалда гьений федералияй диванчIужу йигин гIумру гьабунила абураб жоялъухъцин гIинтIамулеб хIал букIинчIила гьел хааса идарабазул вакилзабазул.

Сапият МухIамадова:«2008 соналда Россиялъул федералияб хIинкъигьечIолъи цIунулеб идараялъул хIалтIухъабаз Хасавюрталда 87 чиясул рокъоб хасал тадбирал тIоритIун рукIана.

Доб мехалда Хасавюрталъул вукIарав нухмалъулев Сайгидпаша ГIумахановасул рокъобгицин чIухь банин абурал баянал рукIана. Гьезда гьоркьове ккана ГIадильгерей ГIумаровги.

Радакь рахъун гьесул мина сверун ккун букIана хасал идарабазул вакилзабаз. НуцIа рагьизе вахъарав ГIадильгерей кверазда маххалги ран, гIодов тIамуна гьез.

Гьесул лъадуца жий федералияй диванчIужуги йигин жиндир рокъоб чIухь базе ккани Дагъистаналъул тIадегIанаб диваналъ разилъи кьезе кколин абураб мехалда гьел дагьал риххана. Гьезда гьоркьор бакIалъул ФСБялъел хIалтIухъаби рукIинчIо. Амма адвокатасул рокъоб чIухь базе разилъи кьолеб документ гьезухъе республикаялъулаб ФСБялъул цIех-рехчияс кьун букIун буго.

Гьезда жал кире, лъил рокъоре рачIинел ругелали лъалеб букIичIолъи бихьулеб букIана. Гьелъие нугIллъи гьабула гьез нужер рокъов экстремистазулгун хурхен бугев ГIумаров СагIид ГIадильгеревич вахчун вугин абураб информация бугин жидехъилан лъазабиялъ. ГIадильгерейица гьеб мехалъ гьезда абун буго жиндир вугин хьихьизе вачарав вас СагIид, амма гьесул фамилияги инсулцIарги батIияб бугин.

Гьебгицин лъалеб букIун гьечIо гьел идарабазул хIалтIухъабалзда. Гьелда тIадеги гьесул лъадул херай къуларай эбелги рокъор рукIарал гьесул лъималги чанго сагIаталъ тIаде автоматалги ритIизарун чIезарун рукIун руго гьез. Гьеб киналдасаго хадуб ГIадильгерейица гьеб тадбир къанунги хвезабун тIобитIараблъи чIезабейилан диваналде гIарза хъван букIана»

Гьедин МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул диваналъ ГIадильгерей ГIумаровасул рахъги ккун гьесул рокъоб чIухь бай къанун хвезаби бугин чIезабун букIана. Гьебго мухъалъул прокуратураялъ ва Дагъистаналъул прокурорхисулес гьеб Советский мухъалъул диваналъул хIукмуялда тIасан Дагъистаналъул тIадегIанаб диваналде гIарз хъван букIана.

Амма диваналъ гьеб нахъчIвана ва цебехун къотIун букIараб хIукмуги хисизабичIо. Гьебго 2008 соналда адвокат ГIадильгерей ГIумаровас жиндир рокъоб къанунги хвезабун, жив адвокат ва лъади диванчIужу йикIин лъаниги, чIухьбарал хасал идарабазул хIалтIухъабазда тIад такъсиргьабиялъул иш рагьейилан тIалаб гьабун гIарз хъван букIун буго. Амма гьелъул хIасил ккечIин бицунеб буго Сапият МухIамадовалъ.

МухIамадова Сапият: «Такъсиргьабиялъул иш рагьиялъул суал борхун хадуб хасал идарабаз республикаялъул тIадегIанаб диваналъул нухмалъиялде тIадецуйги гьабун адвокат ГIумаровасул рахъккун церехун диваналъ къотIун рукIаралщинал киналго хIукмаби хисизаруна. Гьел ФСБялъул хIалтIухъабазда тIад такъсригьабиялъул иш рагьизеги инкар гьабуна.

ГIумаровасул иш бачуней йикIарай диванчIужуялъ «нуж, батIаго, чIван гурелъулин ругелинги абун» гьезул рокъоб чIухь къануналда рекъон бан бугилан чIезабуна».

Гьелдаса хадуб Россиялда гьеб иш цебетIезе биччалареблъи бичIчIараб мехалда хъван букIанила ГIадильгерей ГIумаровас инсанасул ихтиярал цIунулеб Европаялъул диваналде гIарзилан бицана адвокаталъ.

Гьелъул рагIабазда рекъон диваналъ ГIумаровасул рахъккуни Россиялда тIадаблъун гьабулеб буго хасал идарабазул хIалтIухъабаз гьезие гьабураб рухIиябги материалиябги зарал бецIизе.

Гьединго ГIумаровасул гIарзалда рекъон цIидасан цIех-рех байбихьизеги бегьулила гьеб Европаялъул диваналъ гьединаб хIукму къотIанийилан баян гьабуна гьелъ.

XS
SM
MD
LG